Воскресенье, 08.03.2026, 07:31 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам день учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери подкачаться ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
-->
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2026 » Февраль » 24 » МАХЩЕЛГИ ГЬУНАРГИ ХВАЛЧАЦА КЪОТlУЛАРЕБ
11:00
МАХЩЕЛГИ ГЬУНАРГИ ХВАЛЧАЦА КЪОТlУЛАРЕБ

Церег1анго соназ нилъер машгьурай районцояй, «Маг1арулай» журналалъул редактор Баху Мух1идиновалъ Россиялъул мустахIикъав артист, нилъее киназего хирияв ХIусен Хъазиевасухъа босараб гара-ч1вари кьолеб буго районалъул газеталда, нужедаги унго-унгояв гьунар, районалъул ч1ух1и-Унго-унгояв Артистасул г1умрудул лъазелъун. Рак1алде щвезабилин, араб соналъул ахиралда Х1усеница к1одо гьабуна г1умрудул 80 сонилаб юбилей.

– ГьитIинаб къоялдасаго нахъе гьаб Авартеатралъул артистлъун вукIинин дуниланищха дур анищ букIараб?

– ГьитIинаб къоялъ дида гьеб театрги щибжоялицин лъалароан, гьеб киб бугебалиги лъалароан, эб щиб гьабизе къваригIунеб жоялиги лъалароан, дун вукIана парахат нижерго росулъ. Нижер инсул рокъоб букIана школа 4-абилеб классалде щвезегIан. Дун вуго Хунзахъ мухъалъул ГIахьалчIи росдал советалде гъорлъе унеб Хьимакъоро росулъа. Нижер рукъалъул кIиабилеб тIалаялда букIана байбихьул классазул школа. Радал тIаде вахъаравго, хьиталги ретIун векерулаан дове тIаде цIалдезе. Нижер рукIана цIакъ лъикIал учительзабиги.

– Нуж, кIудияб рукъги бугел, бечедал чагIи рукIунищ нужер рокъоб школа рагьун букIараб?

– Бечедалали ниж киса рукIинел, рукъ букIанаха кIиго тIалаялъул. Гьединал рукIунаан цере. Гъоркьа тIалаялда цо печь бакулеб рукъ букIунаан, хасало киналго жанире руссунеб, риидала тIаде рахунаан ва гьенир рукIунаан гIумру гьабун. Гьедин школа каникулаз къарабго, ниж тIаде рахъунаан. ТIаса букIараб лъабго рукъалъул, школалъе кьун букIана кIиго рукъ. Цинги, гьелъухъ дагьа-макъаб гIарацги букIун батилаха, 50-билел соназ кинаб гIарацги букIинеб. Колхозалъул захIматкъоял гурони букIунареб заман. Эбел уборщицалъунги йикIана.

– Эмен щивлъун вукIарав?

– Эмен нижее гIарац балагьулев чи вукIана. Гьесда лъалареб хIалтIиги букIинчIо, камураб махщелги букIинчIо, къадал ралаан, хьитал рукъулаан… Дида лъалеб мехалъ ватана… райкомпартияйилан абулеб цо организациялъул, доб мехалъ машинаби рукIинчIелъул, дозул рукIана чуял, гьел чуял хьихьулев чилъун. Гьел чуяздаги рекIун райкомалъул хIалтIухъаби инарищха Гьарадерихъейила, МочIохъейила, Сивухъейила, БуцIраейилан…

– Автопаркалъул директор вукIун вугоха дур эмен. Гьедин гурищ гьанже заманаялъ гьединал чагIазда абулеб?

– Уха.  Гьезул цо гьокогицин букIана. Гьел чуял хьихьулаан доба МакьастIайилан абураб бакIалда. Рииялъ нижги инсуда цадахъ дора рукIунаан, хасало дов нижеда вихьулароан, Хунзахъ вукIун. Доба бецун гIемераб херги баччулаан Хунзахъе. Гьеле гьединан хIалтIилел рукIанаанха ниж гьитIинаб мехалъ. Дида вилълъине лъаралдаса нахъе, дида кIолеб щинаб жо гьабизе тIамуна дун эбел-инсуца: хурзал рекьизе, гьенибе хьон хьазе, гьеб бакIаризе, хурзал рухъизе, ххер бецизе, ххер баччизе, гьеб гъоноде базе, лал тIамизе, лал рехизе, гьеб рокъобе баччизе… Кинабго хIалтIи гьабуна дида лъай бижаралдаса нахъе. Киналгоги гьедин хIалтIизарулаан доб заманаялъ магIарухъ. Гьанже лъималазда лъаларо кин хур бекьулеб, кин гъоб бакIарулеб, лал кин тIамулебалицин. Гьанже ругел лъимал къотIноргицин рихьуларо, гьанже телефонал гьечIищха. КъватIиб басандулеб лъимер бихьуларо гьанже, урхъаниги.

Доба нижер росдада цебесан чвахулеб Тобот бугелъул, хасало Тобтида цIер чIварабго, гьарулаан нижецаго хъештIезе цIулал чангъал ва конькаби, валлагь рухьаниги кIолароан ниж рокъор чIезаризе.

– Печ бикIулел гъуцIдузул гурищ конькаби гьарулел рукIарал нужеца?

– Гьакил бурдул рукIунарищ? Гьакил бурдузда жанир рукIуна гьадинасан чIварал маххул чIорал. Гьагъалги къотIун, руцIун, тIад цо гьадинаб жоги чIвалаан, рухьунел жалги гьарулаан, хIатIазда долги рухьун хаселалъ хъештIелел рукIунаан. ТIокIаб батIияб расанди-иш букIунароан рии щвезегIан нижер. Риидала бурди-тIил хIалелги рукIунаан, гIурдада расандабиги рукIинарищха.  ГIачи-бачаздеги хьвадана, чахъабиги хьихьана, гIалхазда, нохъазда сардалги рана...

– Гьелеха унго-унгояв магIаруласул гIумру.

– ЦохIо дун гуроха гьедин вукIарав, доб мехалъ киналго лъимал гьедин рукIунаан.

– Вац-яц ругищ, ХIусен, дур?

– Цо гьитIинав вац росулъ завучлъун вуго, кIудияй яц рокъой йиго, бищун кIудияв вац хвана, мунагьал чурун батаги. Эбел-эменги гьечIо дир – дун вуго бесдалав.

– Мунагьал чураги эбел-инсулги, вацасулги.

– Амин, лъикIал чагIи рукIана.

– Гьа, лъугIанаха школа. Гьеб нужерго рокъойищ анцIго класс лъугIараб?

– Гуро. Ункъо класс лъугIарабго ине кколаан ГIахьалчIире. КIиго киллометралъ хьвадизе кколан доре, хасалоги, риидалаги, ихдалги, хасалихълъиялъги, кидаго хьвадулаан.  ГIазу балеб букIа, цIад балеб букIа... Дун эниве хьвади щиб, Шотодаса бахъарал хьвадулаан, Гъоркьколоса хьвадулаан, Гозолколоса хьвадулаан...  Анкьго класс букIана доб заманаялъ школа. ГIарани интернат кIодолъунищали лъаларо, кроваталгун жалгун дорасаги рачIана цIалдохъаби ГIахьалчIире ва доба рагьана интернат.  ТIанусиса вукIана ГIамирилан директорги, завучлъунги ГIабдухаликъил МухIамад вукIана. Учительзаби киналго рукIана нижер лъикIал. Дие лъикIал рукIанаха…

– Гьанже гIадамалги хисана, учительзабаздехун бербалагьиги хисана. Тарбиялъул ишищ мекъи ккарабали…

– Дида учительзаби кколаан, гьанир гIодоса-гIебеде рижарал чагIи гурин, батIияб бакIалдаса рачIарал чагIийилан. Дол кваналадай, кьижуладай гIадатиял гIадамал гIадиниланцин кколаан. Рокъор киндай рукIунел дол чагIийилан вукIунаан. Дида батIиял чагIийилан кколаан учительзаби гьанже нахъалъагIанги. Доб заманаялъ эбел-инсуцаги абулаан учительзабазда, нужерго лъималазе гьабулеб гIадлуги гьабе тарбияги кье жидер лъималазейилан. Доб мехалъги эбел-эменги ругIулароан тарбия кьезе, гьел рукIана хур-ххералде, чIахI-махIалде, гIи-боцIуде руссун…

– Доб мехалъ регIуларел рукIарал эбел-эмен, гьанже дагьалги регIулелги гьечIо, учительзабазухъа лъималазе тарбия кьезе ихтиярги бахъун буго, гьедин лълъаранибе инеб нилъер ишги буго.

– Гьанже лъимералде, кверали щай гурин, гьаракь борхун кIалъазе бегьуларо. Лъимералъе кIийил лъуни, «гIай субалуч, дица бихьила гьев учителасе гьабулеб жо, унха, эсда жиндаго гIемераб жо лъалеб букIун батила мун гIанасеб заманаялъ», – илан, учителасул къадру хвезабулеб буго эбел инсуца лъималазда цебе.

– Буго валлагь.  Гьанже ГIахьалчIи 10 класс лъугIарав гIолохъанчи….

– 10 классги лъугIана гьениб интернаталда, гIемераб лъай-хъвайги ккана, гьудулзабиги рукIана. Амма дир отличник вахъинчIо. Дун дол отличниказда урхъун вукIунаан, киндай доз дол киналго щуйилал росулелилан. Диеги рокьулаан щуйилал. Дица диего рагIи кьолаан гьаб бачIунеб итниялдаса нахъе отличниклъун вукIине. КигIан хIаракат бахъаниги, отличник дир вахъинчIо, квешги лъугIичIоха школа. ЛъикI лъугIана. ЧIвазе гIайибги гьечIо, диего гIураб лъай гьениса дие щвана. Дир эбел-инсуе бокьун букIана росулъ дир хъулухъ букIине. Гьелъие гIоло, школа лъугIигун дун лъугьана университеталъул гьадаб Дахадаева къватIалъул цололъ букIараб историко-филологический факультеталде.

– Эбел-инсуе мун учительлъун вукIине цIакъго бокьун букIун батила.

– У. Дозие бокьун букIана, сундул вукIаниги батIалъи гьечIого, дун учительлъун вахъине. КIудиял конкурсалги рукIунаан доб мехалъ, рукIаниги, ворчIанаха дун дове, квеш-лъикI. ЛъугIана 1 курс. ЛъикI бицине гIурус мацIги лъалароан.  Гьанже росулъ ругел лъималаз магIарулалдаса лъикI бицунеб буго. Дица цо дирго гIагарав чиясда гьикъулеб буго, школа лъугIараб мехалъги дида «почем пирашка» – йилан гурони абизе лъалареб букIараб, гьав росулъ яслиялде унев нужер васасда кин гьаб гIурус мацI лъарабилан. Дов вуго, дол Россиялдаса рачIарал воениязул руччаби ругила воспитателаллъун ясли-ахалда, лъималазги гIурус мацI лъим гIадин бицунеб бугилан. Воспитателал гурони лъималазда кIалъазе регIарав чиги гьечIелъулха гьанже.  

Эфиопиязул букIаниги, мацI лъай буго кIудияб бечелъи. Гьале нилъер республикаялда ругоха гIемерал мацIал, гьанже херав чи дун вукIуна щайдай дица цогIаги гьеб мацI, лъарагIазул букIанги, лезгиязул букIанги, даргиязул букIаниги, лъазабичIебилан. Дун гIараб мацI лъазабулевилан вукIана, дунго дидаго тIад чIун. Данде кIалъазе чи гьечIев мехалъ, мацI лъазабиги захIматаб жо буго. Ингилисги лъалаан дида бахъа-башизе, кIочон тана.

МагIарул росулъ гIумру гьабуралги, шагьаралде рахъингун бацIадго магIарул мацI бицине бажаруларого лъугьуна. Гьанже доб заманаялъ хъварал гъваридал асарал ричIчIулев чи чан вугев? Кинха гьезда бичIчIулеб: «Цо панаяб хIухьел бухIулеб рекIел, кIвеларищ босизе самаалъул накIкI», – гIурусалде буссинабуни гьадингояб жоги лъугьунин. Нилъер буго кутакалда бечедаб гъваридаб мацI, амма гьанже щибха хутIун бугеб? Гьанже хутIун буго къватIул мацIалъул ва богорукъалъул даража.

Я нилъерго мацIалъул гьабулеб гьечIо нилъеца къимат, я дунялго бахилаб нилъерго тарихалъул гьабулеб гьечIо нилъеца къимат, я магIарул чиясул гьабулеб гьечIо нилъеца къимат, я адабият гьечIо нилъее къваригIун, я маданият гьечIо нилъее къваригIун… Гьадинаб бакIалде нилъ – магIарулал – кин ккаралали буго бичIчIуларого. – Валлагь, пикру гьабулев чиясе захIматаб ахIвал-хIал буго. Цо кIудияб гьабизе кIолеб жоги гьечIо…

– Гьа, лъугIанаха дур доб университет. Хадуб?

– Кин лъугIулеб, лъугIичIо валлагь. РакI букIинчIо дир доб лъугIизабизе. БукIаниги лъугIизеги гьабилаан гьадинаб жо дандчIвачIебани. Цо курс лъугIигун бачIана лъазаби, Тифлисалъул театралияб иституталде лъугьине бокьарал чагIи ралагьулел ругила Авартеатралъилан. Дир гъира бана, Туплис шагьарги бихьизе эниве цIализе ине. Вилълъана авартеатралъул директор Батиров МухIамадихъе. Дос дида абуна, – ХIусен, дица мун восила бищун цеве списокалде, дурго документалги росун вачIа, – йилан.

Гьенире рачIана гIемерал педучилищеялъул студентал. Лъугьине бокьарал чагIи гIемер рукIана. Гуржиязул гIелмияб академиялда хIалтIилей йикIана Хунзахъа Загьидат МухIамадовнайилан гIадан. Гьейги, нижер вукIинесев худрукги, цойгидалги, театралъул специальносталъул чагIиги рукIана нижехъ ралагьизе ва гIенеккизе рачIун.

ТIаде балагьунги росулаан, ботIрониб щиб бугебали балагьунги росулаан, нижехъ бугеб гьунар-жоялъухъги балагьулаан, кечI рикIкIине кколаан, басня цIализе кколаан, кодоб щибго гьечIониги, бугеб ххвелги гьабун хIазеги кколан этюдалилан цо жал. Рилълъиналъухъ, куц-мухъалъухъ балагьунги росулаан. Куц-мухъги дир батIаго артистасул гIадабго букIинчIо. Цо къотIнов данде ккани, гьавги артистищилан абулев гIадав чи вукIана. ХIалакъав, вакъварав, кIудиял къалалги ругев чи вукIана дун гIолохъанаб мехалъги. Театралде вачIараб мехалъ, ХIусен вачIиналде къалал рачIунила церейилан абулаан. (КIарун велъулаго) Авартеатралда хIалтIулагоги гIемераб мехалъ гьадав цо къалал чIахIияв артист гьечIищилан абулаан. Дида ХIусенилан цIар букIинги эзда нахъа гурони лъачIо. Театралдаги дун гIемераб мехалъ лъиениги вокьичIо. Дун артистазеги вокьичIо, дора хIалтIулел чагIазеги вокьулев вукIинчIо. Дун гIадамазе – зрителазе вокьана бищун цеве. …

Цинги восанаха Тбилисиялъул институталде. Нижер вукIана 12 чи. Ясалги васалги. Багьана ккун нахъе рехун, хутIана 6-7 чи, хадубги запрос битIана студентал гIолел гьечIилан. РачIана. ЧIарана. ХIасил калам, диплом цIунизе хутIана 7 чи. Гьев анкьавго чи аниреги рачIана.

Нижеца гьеб 5 соналда жаниб 4 спектакль лъуна, 3-леб курсалда гурого спектаклял хIазе малъичIониги. Жиб-жиб санайил рачIун, Буйнакскалда рихьизарулаан нижеца опереттаби. Ахирисеб букIана Наби Дагировасул оперетта. Ниж опереттаялъе рукIана хIадурулел, цIияб музыкалияб театр рагьизе бугилан. Гьебги рагьичIо…

– МагIарул мацIалда опереттабийищ нужер рукIарал?

– У. Студентал рукIаго лъуна нижеца магIарул мацIалда ункъо оперетта. Дуэтал, квартетал, ариял, гьел киналго нижеца ахIулаан. Кальманил «Сильва», ГIузаир ХIажибековасул «Аршин Маалалан»…  ЦIакъ лъикIал гьаркьал къваригIунаан. Нижеда гьоркьор рукIана гьединал гьаркьал ругел чагIиги. Цо яс гуржияз жидехъего ячун ана, Туплисалъул операялъул театралда хIалтIизе.

– Гьев 6-авго чи щив вукIарав. Эл хIалтIанищ нилъер театралда?

СалихI Имангъолов, Усова, МухIамадов ХIайбула, МухIамадова ПатIимат, Асильдерова ХIалимат ва дун. Гьедин цIаланаха. ЦIалиги дие кутакалда бокьулаан. Преподавателаз эбел-инсуца гIадин тIадалабги гьабулаан нижер, дозда лъалаан ниж рикIкIадаса рачIарал, аскIоре ине чи гьечIел чагIи рукIин. Цо-цо рокъореги ахIулаан.  Щиб рукIа-рахъиналда ниж общежитиялда ругелали балагьизеги рачIунаан. Совет хIукуматалъул заман букIаниги, эркенаб бакI букIана доб. Нижедаги лъазабуна, ялъуни нуж магIарулалъ кIалъайин, яги гуржи мацI лъазабейин, гурони нужер проблемаби рукIине ругилан.

– Доб заманаялъгойищ эзие гIурус мацI бокьулареб букIараб? Бокьани, гьаб нилъер гIадин, жидерго мацI ккезе бугеб бакI лъалеб букIун батила дозда…

– Доб заманаялъго бокьулароан.

– МагIарулалищха рокьулел рукIарал? ЛекIи...

– Кисайилан гьикъулаан, ниж магIарулалъ кIалъалел рагIун. Дагъистаналдасайилан абулаан. Туркистан? Пакистан? – илан лъугьунаан. Гуро, Дагъистанилан бичIчIизабизе кколаан.

– АскIоб бугеб Дагъистанищ азда лъалареб?

– Лъалароан валлагь. Лъазе къваригIунги букIинчIо. Гьезда цIакъ лъикI лъалаан ва рокьулаан гьезие чехал, полякал, Прибалтика, Украинаялъул чагIи…

– Доб заманаялъго Западалде ралагьун рукIун руго гури эл…

– РукIанаха. Тукабиги кьабун цIун рукIунаан къаялъул.

– Нужеца лъикIа-лъикIаб къайи бачIунеб букIун батилаха добаса.

– (ГIажаиблъи гьабун) Сундухъ? Аниса чагIи рачIунаан доре къайи-къоноялда хадур ва сордо базе нижехъ чIолаан. Цинги доз ниж столовиялде, рестораналде рачунаан, нижеца дозие регизе бакI гьабулаан. Хадусеб нухалъги нижехъе рачIаян абулаан. Ниж магIарул чи кIалъалев рагIизе урхъун рукIунаан ва кIудиял тукабазде унаан магIарулал ралагьизе.  Ратизеги ратулаан. МагIарул мацI бицунев чиясухъ урхъун рукIунаан, нилъерго чагIи рихьизе бокьулаан...  Эркенаб заман букIана.

– Мун гуржиялъе цIализе инилан лъугьингун, эбел-инсуца щибилан абураб?

– АхIи бахъинабуна, кинабго гIагарлъи дида тIаде тIамуна. – Унге, дир вас, гьениве, – йилан гьарделел рукIана. Инсуца абуна, гьанже кечIги ахIун магIишат гьабизейищ дуда ракIалде ккарабилан…

– КечI ахIулеб букIарабищ дуца?

– АхIулаан. Хадуб къана гьаракь. Хисулеб мехалъ ахIизе бегьулеб букIун гьечIоха. Эбги добги дида щиб лъалеб? Доба бицанаха. Хадуб бачIана. I8 сон баниги, I5 сон барав гIадав жо вукIана дун. ГIакълуги щибха букIун батилеб, росулъ гIурав чиясул. ЦIакъго гIакълу букIарабани дун театралияб институталдеги инаанищха?  Цо серьезный вузалдеги лъугьун, эбги лъугIун, цIакъ гIакъилав чи гIадин вукIинароанищ?

– Артистлъун вукIиналдаса ракI бухIун бугищ дур?

– ГьечIо. Гьанже ракI бухIун гьабизе жоги гьечIо. ГIумру театралда ана. Бокьулеб букIинчIебани, цевего нахъе тIурун вукIинароанищ? БукIана нахъе ун лъикIилан кколеб заманаги. Гастролал рукIана захIматал. Рииялъ магIарухъ спектаклалги рихьизарун, свакан холаго руссунаан. ГIолохъанлъиялъул цо рии щвечIо ралъдал рагIалда кIусун хIухьбахъи гьабизе дие. Лъималги доре-анире рехун, кIудиял чагIазухъе кьун, доре кьун, анире кьун хьихьана. Гьанже гIемер гастролазде унароха, ахIараб бакIалде гурони.

– Гьанже ругищ нилъер цIаларал артистал?

– Руго цо-цо нилъерго анир цIаларал. Нилъерго анир цIаларазул цIали дудаго лъаларищха…

– ЛъикIал, лъугьунел гIадал гIолохъанал артистал ругищха театралда?

– Руго. РукIине ккола дол. ГьечIилан тезе бегьуларо. ХIалел гьечIони, дол лъикIал лъугьунарелъул. ЛъикIал артистал лъугьине ккани, щибаб къойил хIазе ккола, цере рахъине ккола, дозда божизе ккола. Руго гьединал артистал. Васалги руго, ясалги руго. МоцIрое 30-32 спектакль хIалаан дица цебе. Цо къоялъ кIиго нухалъги хIазе кколаан цого спектакль. Анкьида яги моцIида жаниб цо нухалъ хIан, кинха дозул лъикIал артистал лъугьинел?

– ЧIужуги цадахъго хIалтIулей йикIун, цоцазда ричIчIизеги бигьаяб букIун батила нужее…

– Цадахъ хIалтIи гьеб рахъалъ лъикI буго, лъималазул рахъалъ лъикI гьечIо. Чанги хъизанал рукIана нижер театралда. ЧIужу артистка гьечIони, хIалтIизеги толаро эз. Я чIужуялъ толаро, я якьадалъ толаро... Чанги лъикIал артистал гьедин нахъе ана. Киевалъул Москваялъул театралиял институтал лъугIаралгицин ана.

– Дур рокьи театралдайищ ккараб?  ПатIимат нужерго росулъайищ?

– Гуро. Гьоориса йиго ПатIимат. Жакъа рокьул бицунеб гIадаб къоги гьечIо... Квачанги буго.... Бицине жоги гIемер буго... Гьале щола дун росулъе, вацасул дове, инсул вахIиги вихьуларо, рукъалъул чагIи гурони. Цебе, дир эбел чIаго йигей мехалъ, рукъ цIун рукIунаан кIудаби: букъулел, хьухьунел, дургъулел, самулел… бицунаго хабаргун.  Гьанже урхъаниги чи вихьуларо. Цебе магъилъе унев чиясдагIаги бер чIвалаан, магь баччун уней, гьадинго унев, хIама къотIун унев, гIака хадув цIан унев чи вукIунаан. Гьанже цо гIадан вихьуларо, я лъимер бихьуларо. Щивниги къватIиве вахъунев чи гьечIо магIарухъ.

– Лъадаеги унел гьечIони, хуриреги унел гьечIони, хIама-бечеги гьечIони, тIаде-гъоркьеги раккулел гьечIони, кинабго жоги тилипуналъ тIубан бугони, кирха дуда гIадамал рихьилел?

– Гьебги битIараб буго. Амма, доб цебего гIадин магIаруллъи батизе къваригIун лъугьуна ракI, дирго лъимерлъи жаниб араб инсул росулъе щвейгун.

– Расги гIайиб гьечIо. Рес букIарабани кие ине бокьилеб букIарабилан гьикъани, дирги ракI росулъе цIала. Дунял сверун, кута-кутакал курорталгун санаториязда ругьунал бечедал чагIазда нилъ ричIчIулароха, ХIусен. ЦогIаги нухалъ дунял бихьизеги бокьилаан. Амма гьаб хIукуматалъул харжида божарал чагIазда бихьулеб жо эб гуроха. Дуда кколарищ бечедав чилъун вукIаравани бокьилаанилан?

– Дида ракIалде ккола гьеб бечелъиги къваригIунеб жоцин гурилан. ЧIужуялъни абула, гьабгощинав хIалтIаниги дуе щибго щвечIоха, ХIусееенилан. Диеги бокьилаан эб бечелъи букIараб, цадахъ босизеги бегьулеб жониги букIарабани. Амма гьеб бугоха аниб хутIулеб жо.

– Гьавгощинав мунги дур творчествоги бокьулел чагIазул рокьиялъухъ кьолеб жо гуроха эб бечелъи.

– Дидаги гьединго ккола. Дида доб телевидениялда йигей Хатиматица гьикъана Сидрат талихIай йикIарайищилан. ЙикIанилан абуна дица, гьабгощинаб халкъалъ къимат гьабулей гIадан талихIай йикIинчIого йикIине рес гьечIилан.  Долдаса талихIав щив вукIинев?  Сидрат йикIана унго-унгоги театралъе йижарай гIадан. 40 чияс лъикIавилан абуни, чи Алжаналде унилан рагIун букIана. Алжаналъул агьлулъун ятаги нилъер Сидрат, гьавгощинав чиясул ракI бохизабурай, хинлъизабурай.

– Амин я Аллагь. Дуеги сахлъиги гIумруги кьеги, нижер хирияв артист, ХIусен Хъазиев, жеги гIемерал саназ магIарулазул ракIал рохизаризе, чIухIизаризе, гьел пикру гьабизе тIамизе, гIадамал лъикIлъизаризе. Гьеб гурищ театралъул мурад – спектаклалде вачIунагоялдаса, спектакль лъугIун унаго гьев чи дагьавги лъикIав, гIакъилав, цIодорав лъугьун ин.

Гара-чIвари гьабуна Баху МухIидиновалъ    

Просмотров: 7 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2026 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz