Афгъанистаналъул
рагъ... Лъицаниги рагӀун лъазабичӀеб, 9 соналъ халатбахъараб, Дагъистаналъе 129
(цо-цо баяназда рекъон-194) вас камураб тунка- гӀуси. Гьал гӀагарал къоязда
ракьалда интернационалияб борч тӀубалаго къадаралде щварав ТӀанусиса ГӀалиханов
Шамил ГӀабдулкъадировичасул бицине бокьун буго жакъа дие,
гьев щибаб къойилаб реццалъе мустах1икъав вук1ун.
Гъоркьехун
рахъулел руго XIажи ГӀариповасул «Бихьинчилъиялъе абадияб рецц» абураб
тӀехьалдаса гьев мунагьал чурадил хӀакъалъулъ мукъсаналго баянал.
ХӀакъикъаталдаги гьесул бахӀарчияб гӀумруги, гьесул ишалги мустахӀикъал рукӀана
байрамкъоялъ гуреб, щибаб къойил ракӀалде щвезеги, сайгъатаздалъун, гьесул нахъе
хутӀараб гӀагарлъигӀаги кӀодо гьабизеги.
-Дун Шамилие
гӀумруялъ налъулав вуго-ян бицунеб буго гьесул росуцояв ХӀажи
ГӀабдулхаликъовас. -Цогияс бицун букӀарабани дунго божилароан. Амма гьеб
битӀараб буго! Цо къоялъ росдал гӀолохъаби хӀорда чверделел рукӀана, Шамилин
абуни, хӀорил рагӀалдаги чӀун лъедолезухъ балагьун вукӀана. ХӀор бакьулъ
гӀолохъабаз къазабун букӀана хӀуби, гьелде аскӀоре щвезегӀан хӀор бахине кӀвей
нижер свериялда рикӀкӀунаан кӀудияб гьунарлъун. Шамил дидаса 5 соналъниги
гьитӀинав вукӀана ва гьесда лъим лъалароан. Доб къоялъ гьес дида цӀакъ гьарулеб
букӀана гарбида живги рекӀинавун хӀубиялде аскӀове лъедон ине. Дица гьесие
чанцӀулго инкар гьабуна, амма гьев тӀаса вичӀичӀо ва дун разилъана. Циндаго
щукӀдул рукӀкӀун дунги лъугьун, ниж гъанкъизе лъугьана. Лъаларо щиб хадуб
ккарабали, амма Шамил вихха-хочун лъугьун гьечӀо ва дунги хадув цӀан хӀубиялде
аскӀове лъедон щун вуго. Гьалмагъзабазул кумекалдалъун рагӀаллъуде щведал, дун
валагьана Шамилил бадиве, амма гьениб бихьичӀо гьитӀинабгӀаги хӀинкъиялъул
асар. Доб къоялъ Шамил тохлъун вукӀаравани, ниж кӀиялго некӀого дугӀадулъ
рехсолеллъун рукӀинаан. Долдаса нахъе щибаб къойил хӀорде хьвадун Шамил
ругьунлъана лъикӀаланго лъедезе. «Ваха дир гарбиде хӀубиялде аскӀове
вачина»,-ян дие махсарабиги камулароан гьесул...
ТӀанусдерица
жакъа къоялдаги ракӀалде щвезарула ГӀалихановазул гьев васасул гьунаралги
бихьинчилъиги. «Гьасул рекӀеда хӀинкъиго лъалеб гьечӀо» ян абулаан цӀикӀкӀарал
гӀадамаз гьесул хӀакъалъулъ.
ХӀажи
ГӀабдулхаликъов гьесул классалъул руководитель вукӀун, гьесда цӀакъго лъикӀ
ракӀалде щолел руго Шамилил лъугьа-бахъинал... Цо гӀолохъанчияс ГӀалихановасул
гӀамалги лъалаго, гьесул хӀал бихьизелъун гӀадин абун буго: «Дуда киданиги
кӀоларо чвантинир квералги лъун кӀалагъоркье речӀчӀизе» ян. Кинаб хӀикмалъиха
букӀараб гьесул ва аскӀор рукӀаразул, цихӀинниги кӀалъачӀого, чвантинир
квералги лъун Шамил гӀодов речӀчӀидал?! Цинги бидул цӀураб чухӀараб гьумерги
бацӀцӀунаго, гьурмада гьимигун «Гьанже дуцаги такрар гьабе, бихьинчи ватани» ян
абидал.
ГӀемерго
расандулаан росдал лъимал тӀанусдерида цебе бугеб гӀурдада ва кьурда сверун. Цо
къоялъ гьедин хӀалаго Шамил кьурса гъоркье вортула. Цадахъ рукӀарал васал
цӀакъго хӀинкъула ва гьев хванилан бицине росулъе рекерула. АхӀуд рахъун
росуцоял рачӀунелъул, гьезда данде ккола сах-саламатго, щибго жиндие лъугьинчӀеб
гӀадин вачӀунев 9 сон барав Шамил. Имам Шамилил рухӀалъ хвасар гьавун ватулин
гьавилан абулаан цӀикӀкӀарал гӀадамаз, гьеб къоялъ щибниги лъугьинчӀев гьев,
гӀарадаялъцин восулариланги абулаан... Амма ГӀалиханов восана тункӀил гӀицӀго
кӀиго гуллаялъ...
Афгъанистаналда
хъулухъ гьабизе Ш. ГӀалихановас байбихьана 1986 соналъул апрелалда. Армиялде
ахӀана Каспийскалъул военкоматалъ 1985 соналъул 26 октябралда. Гьениб гьесул
лъугӀана ПТУ №1, училищеялдаса хадуб токарасул махщелги щун лъабго моцӀалъ хӀалтӀана
«Дагдизель» заводалдаги. Рагъулаб хӀадурлъи щвана Таджикистаналъул мугӀрузда,
гьенибго Шамилие щвана гьитӀинав сержантасул цӀар, тана минометалъул
командирлъун. Гьеб ишалда вукӀаго рагъулаб хъулухъ тӀубазабуна 89933
авлахъалъулаб почтаялъул часталдаги.
ГӀицӀго
38 къо бана Шамилица Афгъаналъул ракьалда. Гьесул жаназаялда цадахъ вачӀарав
офицерас кӀудияб къимат кьун бицунеб букӀана бахӀарчиясул росуцоязда гьесул
хӀакъалъулъ: «Гьадинав бахӀарчи дандчӀвазе къанагӀатаб иш буго ракьалда,
гьасда бащадавги нижеда гьоркьов вукӀинчӀо: рагъулъ бихьинчилъи, мугӀрузда
къохӀехьей, гӀумруялъе хӀинкъи бугеб бакӀалдацин къуркьунгутӀи. Амма букӀана
гьесул рекӀелъ гурхӀелалъе бакӀги: щивав чӀварав моджахедасдацин Шамил
рекӀекълъун вукӀунаан...».
Цо-цоязул
щаклъи ккезе бегьула офицерасул гьел рагӀабазулъ. Амма шапакъаталъулаб тӀанчица
батӀияб бицунеб буго: «...ГӀахьаллъана 33 гъоркьчӀелалъулаб
лъугьа-бахъиналда, щибалда бихьинчилъиги къурбанлъун чӀезе хӀадур вукӀинги
бихьизабун...». Ай, гьелъул магӀна ккола щибаб къойил гӀадин рагъулал
шартӀазда, гӀумруялъе хӀинкъиялда гъоркьин абураб! ГъоркьчӀалидаса къватӀире
рахъунаан къасимехалъ, гьелде щвезегӀан рахӀат, квен- лъим, макьу гурого
мугӀрузда, кьурабалъ рахчун. Цо-цо мехалъ советиял рагъухъаби рахъине кколаан
тушманасул кӀудиял къокъабазде данде.
Гьедин
ккана 1986 соналъул 23 маялдаги. Шамилги рагъулал гьалмагъзабиги
хъаравуллъиялъулаб заставаялда рукӀаго, моджахедаз гьужум гьабизе байбихьана.
Гьезул къадарги гӀезегӀан кӀудияб букӀана. Данде рахъине хутӀун букӀана гӀицӀго
минабазул цӀураб авлахъалдасан гьитӀинабго нух: лъица букӀаниги тохлъукьего
чӀараб хӀетӀеялъ рес букӀана киналго къадаралде щвезе. ГьитӀинав сержант
ГӀалихановасул букӀинчӀо гьеб бакӀалдаги кинаб бугониги нахъекъай. Гьев гъорлъ
вукӀараб резервалъулаб къокъа жубана рагъулаб тӀадкъай тӀубазабизе»...
ЗахӀматаб
рагъулаб къеркьеялда гьес ва гьалмагъзабаз ракӀчӀун нух бахъулеб букӀана,
балъгого ворчӀана тушманасул флангалде ва циндаго автоматалъул цӀа боркьана
гьезда тӀад. Моджахедазул хӀалихьатаб макруялъе гьеб бакӀалдаго ахир лъуна
ГӀалихановасул бихьинчилъиялъ ва къохӀехьеялъ. Гьес кьвагьизабуна тушманасул
кӀиго речӀулеб бакӀ, амма кьалул майданалда гьев живго лъукъана ва ахиралде
гӀунтӀун ВатӀаналда цебе бугеб налъиги тӀубан, къадаралде щвана...».
Рагъулаб
къеркьеялъулъ бихьизабураб къохӀехьеялъе ва
бихьинчилъиялъе
г1оло Г1алиханов гьеб къоялъго мустахӀикъавлъун вихьизавуна «БагӀараб ЦӀва»
орденалъе. Гьеб шапакъат кьуна Шамилил эмен ГӀабдулкъадирихъе. Гьев гӀумруялъго
хӀалтӀана механизаторлъун, эбел ПатӀиматица бачана рукъ. ГӀалихановазул цӀакъ
ракӀ бакъван букӀана гьезул тӀоцевесев вас-МухӀамадрасул мацӀ лъаларев,
сакъатав вукӀиналъ. Гьеб мехалъ бижана умумузул пикру хадусел лъималазе
Дагъистаналъул бахӀарзал-Шамилилги ХӀажимурадилги цӀарал кьезе. Шамилил гӀумру
лъугӀана жеги 20 сон балелдего (гьев гьавуна 1966 соналъул 10 декабралда)
Шамилидаса гӀисинал ХӀажимурадги, МухӀамадги, Заираги некӀого гьесдаса кӀудиял
гӀуна ва руго жиде-жидер гӀумруялда.
Эбел-инсуда
мухӀканго лъазецин лъачӀо Таджикистаналдаса хадуб Шамилил рагъулаб
хъулухъалъул: цо кагътида гьес хъвалеб букӀана Ростовалда, цойгиялда
Украинаялда вугилан. Афгъаналъул хӀакъалъулъ «балъголъи» Шамилица рагьана
гӀицӀго гӀагарав чи МухӀумагӀалие, амма гьарана гьесда гьеб гӀагарлъиялда
бицунгеян. Шамилил хъвай-хъвагӀаял ва кучӀдул хъвараб блокноталъул къисмат,
гӀаммаб пашманлъиялъе, лъиданиги лъалеб гьечӀо... ГӀалихановасул анищ букӀана
рахьдал мацӀ дурусго лъазабизе, кучӀдул хъвазе... Анищал....
ТӀанусдерил
хъутаналъул школалда цебе буго росдал сахаватчи ХӀажи ГӀабдулхаликъовасул
хӀаракаталдалъун Шамилие бараб памятник, жиндирго васасдаги гьес лъуна
ГӀалихановасул цӀар. Гьабуна бахӀарчиясде чанго кечӀ. Гьезул аслияб пикру цебе
чӀола гьадинаб пашманаб сураталдалъун: ЧӀегӀераб мармаралъул заниялда цебе
гӀодой чӀарай херлъарай эбел, гӀемер гӀодун свакарал безраздасан чӀагоял
тӀугьдузде тӀинкӀулеб бухӀараб магӀу... «ГӀайиб гурищха, дир лачен, мун
къадаралде щвей?...»,-янвасасдехун гьардолей гьей гъарималъе «ГӀодуге,
гӀазизай, балагье зодие, Расулил къункърабазул тӀелалъулъ вихьила дуда
дунги»-ян жаваб кьолев вас...
Ф.
МУХӀАМАДОВА.
Макъала
хъвалаго пайда босана XI. ГӀариповасул «Вечная память мужеству» абураб
тӀехьалдаса
|