Автор И. Мухlамадов. Декабрь 2023 сон.
Нилъеца къо лъикl гьабулеб буго 2023 соналъулгун. Тlолабго улкаялъего гlадин нилъер районалъеги бигьаяб букlинчlо гьеб. Лъалаго захlмалъана къватlисел пачалихъазул санкциязул халатаб рахасалъ гъанкъулеб бугеб нилъер улкаялъул гlадатаб халкъалъул яшав. Амма данде чlварал чlахlиял захlмалъабазеги къуркьичlого, цо хасаб къадаралъул хlалтlи гьабун бажарана районалда унеб исана. Гьедин, 2023 соналъ муниципалитеталъ гlахьаллъи гьабуна 7 пачалихъияб программаялдагун проекталда. Гьезул цо бутlа жеги гlумруялде бахъинабулебги буго.
Социалиябгун экономикияб ахlвал-хlал
2023 соналда жаниб районалда гьабураб даран-базар ва бича-хиси бахана 2,89 млрд гъурщиде, 2,3 млрд гъурщиде тIуразарун руго хъулухъал, цебесеб соналде данде ккун гьеб кколеб буго 117 % ва 108 % цlикlкlун. Промышленниял предприятияз биччараб къайи-къоноялъул ва гьабураб хlалтlул къадар бахун буго 385 млн гъурщиде.
Гlолилазул политика, туризм ва спорт
Муниципалияб даражаялда цебечlараб социалияб кlваралъул масъала ккола гlун бачlунеб гlелалъе хlажатал шартlал гlуцlи ва гьаб заманаялъул балагьаздаса ва къваригlел гьечlел ишаздаса гьел цlуни. Жакъа къоялде районалда гlумру гьабун руго 14-35 сонил ригьалда ругел 9000 гlан гlолилал. Гьеб ккола халкъалъул гlаммаб къадаралъул 26 %. 2023 соналъ аслияб къагlидаялъ райдминистрациялъул гlолилазул политикаялъул ва туризмалъулгун спорталъул отделалъул хlалтlи буссараб букlана Расул Хlамзатов гьавуралдаса 100 сон тlубаялъул юбилей кlодо гьабиялде ва Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда гlахьаллъи гьабулезул хъизан-лъималазда квер чlваялде. Гlаммаб къагlидаялъ, отделалъ тlобитlун буго 65 тадбир. Хасаб хlалтlи гьабун буго СВОялда ругел нилъер районцоязе, ДНРалъулгун ЛНРалъул халкъазе гуманитарияб кумек битlиялъе.10000 гъурщил къадаралда цоцlулаб кумек гьабун буго киналго мобилизациялда рекъон ва жидеего бокьун СВОялде арал солдатазе.