Автор И. Мухlамадов. Июнь 2022 сон.
Нилъер районалда бекьечlдерил росдал совет ккола бищун кlудияздасан цояблъун. Советалде гъорлъе унеб кlиябго росулъ ва кlиябго гъутаналда буго 626 цlараки, гlумру гьабун руго 1772 чияс. Хlалтlулеб буго 2 школа, 2 лъималазул ах, 2 культураялъул рукъ, 1 библиотека, 2 ФАП ва цо почалъулаб отделение. Гьал къоязда лъагlел сверана Бакьагьечlи росдал советалъул нухмалъуде Гъазиев Ахlмад вачlаралдаса. Гьеб заманалда жаниб гьабун бажарараб хlалтlулги церечlарал масъалабазулги бицун ниж дандчlвана росдал бегавулгун.
-Ахlмад МухIамадович, районалъул цогидал росабазул бегавулзаби рищулаго букlунареб гlажаибаб чlаголъиялда ана гъоркьисала бекьечlдерил бегавул вищулел рищиял. Батанищ гьеб бигьаяб, бахилаб хIалтIи? Рази гьабизе кIванищ цо къадаралъниги жамагIат?
-Битlараб буго, гlемераб вала-рахас гьабун, цlа-цlазабун, хадуб бехъерхъун букlана нижер росдал цlияв бегавул вищиялъул иш. Киназего данде ккарав кандидат цониги роцадул рищиязда вукIунарелъул, ккун ратила БакьагьечIи росдал бетIер вищиялда гьоркьобги цоцазда ричIчIунгутIиялги, кIалъаялги, квалквалалги… Узухъда, цо-цо дида данде чlарал оппозициялъулал къуватаз жакъа къоялъги рикlкlунеб буго законалги хвезарун вищарав вугин дун бегавуллъунилан. Амма дун хъулухъалде законияб къагlидаялъ вачlарав вукlин тасдикъ гьабуна лъабго батlияб судалъул хlукмуялъ. Гьединлъидал, гIумруялъул сонал гIезагIан сокIкIарав инсанги вугелъул, ва, щивав хIакимчиясул хIалтIулаб мурад гIадатаб халкъалъе ракIбацIцIадаб хъулухъ гьабиги букIине кколелъул, дир хьул буго диде данде чIаралги, дун рихаралги, диргун пикруцоялги цо рахъалдехун руссун-советалде гъорлъе унел жамагIатазул гIумру-яшав цо къадаралъниги лъикIлъизабиялде буссине букIиналде. Гьабизе хIалтIиян абуни, гIемерго буго…
|
Автор И. Мухlамадов. Июнь 2022 сон.
8 июналда райадминистрациялъул данделъабазул залалда тlобитlана бегавулзабазулгун данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, райадминистрациялъул отделазул нухмалъулез, районалда ругел федералиял гlуцlабазул вакилзабаз ва цогидазги.
Данделъиялда гьоркьор лъун рукlана бегавулзабазул хlалтlуда хурхарал рикlкlен гlемерал суалал. Гьездасан рукlана “зеленкаби” гьари, налогал ракlари, федералияб программаялда рекъон тlабигlияб газ чlобого гlадамазул рукъзабахъе бачин, генералиял планал хlадур гьари ва цогидалги суалал. Гlаммаб къагlидаялъ босани, районалъул нухмалъулев рази гьечlоан бегавулзабазул хlалтlудаса. Данделъи байбихьана налогал ракlариялъул бициналдасан. Цогидал рахъаздаго гlадин, гьеб бутlаялдаги хlалтlи цlакъ загlипго гlуцlун бугилан абуна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас. “Налогал ракlаризе байбихьизе ккола декабрь моцlалда гуреб, январь моцlалдасанго. Ахиралде щвезегlан гохl гlезегlан течlого, тlоцебесеб къоялдасанго байбихьизе ккола хlалтlи. Киназего бокьула гурищ хъилги тlурал, лъикlал нухаздасан хьвадизе. Гьединазда лъазе ккола гьеб иш транспорталъул бетlергьабаз кьурал налогазда бараб букlин. Киналго бегавулзабазе къваригlун букlуна жидерго росабалъе лъимги бачине, нухалги къачlазе ва цогидал хlалтlабиги гьаризе. Амма гьеб сундухъ гьабизе бугеб? Нужеда лъазе ккола бюджет налогаздасан гlуцlулеб жо букlин. Гьединлъидал налогал кьолел гьечlони бюджетги “хlалакълъула”, - ян абуна гьес.
Налогал ракlариялда хурхун бугеб ахlвалхlалалъул бицана райадминистрациялъул экономикаялъул отделалъул начальник Патlимат Набиевалъ. Исана 1 июналде ругел баяназда рекъон районалъул бюджеталде рачlунел налогазул ва налогазул гурел доходазул план тlубан буго 121%. НДФЛ тlубан буго 119%, цогояб росдал магlишаталъул налог - 203%, УСН - 116%. Амма цlакъ хадуб бехъерхъун хутlун рагlула ракьул налогал ракlариялъул иш, планалда рекъон бакlаризе кколеб 1 млн 236 азарго гъурщил бакlарун буго 273 азарго гъурущ, ай, гlицlго 22%. Физлицабазул мал-мулкалъул налогалъул план тlубан буго жеги дагь - 12%.
|
Автор Н. Гlалиева. Июнь 2022 сон.
Гьале моцIгин бащадабгIан заман унеб буго тIадаб налъи тIубазе-Армиялде гIолохъаби ритIиялъул ихдалилаб компания байбихьаралдаса. Кинха гьеб нилъер районалда унеб бугеб? Гъирагунищ гIолохъаби унел ругел Армиялде яги гьел ине бокьуларого рахчарулелищ ругел? Гьеб лъазелъун жакъа дун дандчIвана районалъул военком, подполковник МухIамадов Шамил СагIадулаевичгун. Гьесдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чIвари:
-Шамил СагIадулаевич, лъазе бокьилаан гIолохъаби Армиялде ритIиялъул ихдалил компания кин нилъер районалда унеб бугебали. Армиялде ритIулезул къадар цересел соназде данде ккун дагьабищ яги цIикIкIинабурабищ бугеб?
-АбизегIан цIикIкIараб къадар гьечIо нилъер районалъе бихьизабун. Районалъул 24 росдал администрациялдасан гьенибе инелъун рихьизарун руго 60 чи. Цо-цо росулъан 2-3 чи кколев вуго. Гьедин гурого гьечIониги, комиссиялде рачIунезул къадар цIакъго дагьаб гурого гьечIо. Руго росаби гIолохъаби тIубанго комиссиялде рачIинаризе кIоларелги. Гьезда ва гьезул эбел-инсуда ракIалде кколеб буго гьанже Армиялде ритIарал гIолохъаби спецоперация унеб Украинаялде ритIулилан. Амма гьеб мекъияб пикру буго. Бищунго захIмат буго ГьоцIалъ, БуцIра, Хунзахъ, ГIоркIачIи, Уздалросу, ГIорутIа росабалъа лъимал комиссиялде рачIинаризе.
Армиялде ритIизе бищун цебе кинал гIолохъабазда цIар чIвалеб?
-Армиялде ритIулезе бищун аслияблъун ккола сахлъи, автомобиль бачине ихтияр, тIадегIанаб яги гьоркьохъеб хасаб махщалие куцарав чи вукIин. Жакъасеб Россиялъул армия буго цIиял технологияздаса гIуцIараб. Гьелъул цIикIкIунисеб бутIа буго лъикIаб лъайги, махщелги къваригIунеб. Гьединлъидал лъай ва бичIчIи бугел чагIи цIикIкIун хIажат руго жакъа армиялъе.
-Дуца бицунелдасан дида бичIчIулеб буго исана ихдал нилъер районалдаса Армиялде унел гIолохъабазул цониги чи витIизе гьечIин Украинаялда тIобитIулеб хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъизеян.
|
Автор И. Мухlамадов. Май 2022 сон.
21 маялда районалъул школазда тlобитlана ахирисеб цlумур кьабгlиялъул тадбирал. Исана районалда школагун къо-мех лъикl гьабулеб буго 137 цIикIкIун выпускникас. 9 класс лъугlулеб буго 238 цlалдохъанас. Гьезда гъорлъ руго медалазе рихьизарурал 27 цIалдохъан. Кидагогlадин кlудияб чlаголъиялда ахирисеб цlумур кьабиялъул байрам тlобитlана районалъул бищун кlудияб Хунзахъ гьоркьохъеб тlоцебесеб школалдаги.
Байрамалъул къоялде берцинго къачlан бугоан школалъул азбар-къоно. Тадбир рагьана школалъул гlуцlарухъан Патlимат Малламухlамадовалъ. Гьелда гlахьаллъарал школалъул директор Раисат Хlаштlиховалъ, районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас, лъай кьеялъул отделалъул начальник Патlимат Хlамзатовалъ, росдал бегавул Хизри Тlалхlатовас ва цогидазги баркана выпускниказда школа лъугlулеб къо, гьабуна лъикlаб гьара-рахьи ва малъахъваял. Школа лъугlулезул эбел-инсул рахъалдасан учительзабазе баркалаги кьун кlалъай гьабуна Хlамид Гьитlиновас. Исана гьеб школалъул 11 классги лъугlун, цlияб гlумруялде гали тlамулеб буго 36 цlалдохъанас, гьезда гъорлъ руго меседил медалазе рихьизарурал 11 цlалдохъан. 9 класс лъугlана 55 чияс. Гьенибго кьуна 9 ва 11 классал лъугlулел цlалул отличниказе, районалъулгун республикаялъул олимпиадабазда бергьарал ва призалъулал бакlал ккурал цlалдохъабазе грамотабиги.
|
|