8 июналда райадминистрациялъул данделъабазул залалда тlобитlана бегавулзабазулгун данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, райадминистрациялъул отделазул нухмалъулез, районалда ругел федералиял гlуцlабазул вакилзабаз ва цогидазги.
Данделъиялда гьоркьор лъун рукlана бегавулзабазул хlалтlуда хурхарал рикlкlен гlемерал суалал. Гьездасан рукlана “зеленкаби” гьари, налогал ракlари, федералияб программаялда рекъон тlабигlияб газ чlобого гlадамазул рукъзабахъе бачин, генералиял планал хlадур гьари ва цогидалги суалал. Гlаммаб къагlидаялъ босани, районалъул нухмалъулев рази гьечlоан бегавулзабазул хlалтlудаса. Данделъи байбихьана налогал ракlариялъул бициналдасан. Цогидал рахъаздаго гlадин, гьеб бутlаялдаги хlалтlи цlакъ загlипго гlуцlун бугилан абуна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас. “Налогал ракlаризе байбихьизе ккола декабрь моцlалда гуреб, январь моцlалдасанго. Ахиралде щвезегlан гохl гlезегlан течlого, тlоцебесеб къоялдасанго байбихьизе ккола хlалтlи. Киназего бокьула гурищ хъилги тlурал, лъикlал нухаздасан хьвадизе. Гьединазда лъазе ккола гьеб иш транспорталъул бетlергьабаз кьурал налогазда бараб букlин. Киналго бегавулзабазе къваригlун букlуна жидерго росабалъе лъимги бачине, нухалги къачlазе ва цогидал хlалтlабиги гьаризе. Амма гьеб сундухъ гьабизе бугеб? Нужеда лъазе ккола бюджет налогаздасан гlуцlулеб жо букlин. Гьединлъидал налогал кьолел гьечlони бюджетги “хlалакълъула”, - ян абуна гьес.
Налогал ракlариялда хурхун бугеб ахlвалхlалалъул бицана райадминистрациялъул экономикаялъул отделалъул начальник Патlимат Набиевалъ. Исана 1 июналде ругел баяназда рекъон районалъул бюджеталде рачlунел налогазул ва налогазул гурел доходазул план тlубан буго 121%. НДФЛ тlубан буго 119%, цогояб росдал магlишаталъул налог - 203%, УСН - 116%. Амма цlакъ хадуб бехъерхъун хутlун рагlула ракьул налогал ракlариялъул иш, планалда рекъон бакlаризе кколеб 1 млн 236 азарго гъурщил бакlарун буго 273 азарго гъурущ, ай, гlицlго 22%. Физлицабазул мал-мулкалъул налогалъул план тlубан буго жеги дагь - 12%.
Данделъиялда борхана жеги тlабигlияб газ щвечlел росабалъе гьеб бачиналъул суалги. Гьанжеялдаса нахъе “зеленкаби” гьечlел минабахъе бачунеб гьечlо тlабигlияб газ. Гьединлъидал газ тlаде щвелалде, росабазул жамагlатазда жидерго минабазе “зеленкаби” гьарун тезе кколилан лъазабеян тlадкъайги кьуна бегавулзабазе. Гьединго федералияб программаялда рекъон рукъалде аскlобе щвезегlан хъахlилаб цlатари чlобого бачунеб бугин. Амма жакъа къоялде гьелъие районалдаса гlицlго 35 гурони заявка кьун гьечlин. Гьеб информацияги гlадамазухъе щвезабеян абуна районалъул бетlерасул заместитель Тlалхlат Гlамиргlалиевас.
Цоги районалда цебе чlараб масъала буго генералиял планал хlадури. Жеги гьел хlадурун гьечlолъиялъ хlинцлъизабулеб буго районалъул цебетlей. Генпланал гьечlого, законалда рекъон кьезе бегьулел гьечlо гlадамазе участокал ва цогидалги социалиял объектал разе ракьал. Гьабсагlаталда унел руго 13 росдал советалъул генпланал хlадуриялда хурхун хlалтlаби. Гьездасан 2 сельсоветалъул генпланал рагlалде щун рахъун рахъун ругилан бицана данделъиялда.
Финансовияб отделалъул начальник Хlайдар Хlадарбеговас бицана бегавулзабаз букlине кколеб кlвар кьолеб гьечlин жидерго бюджетазулгун хlалтlаби гьариялде. Мисалалъе, Украинаялда хасаб операция байбихьаралдаса, районалъулго гlадин, щибаб росдал советалъулги букlине кколеб буго нахърателалъул фонд. Гьединго бюджеталъул хlакъалъулъ кинабго информация лъун букlине кколеб буго “Электроннияб бюджет” абураб РФялъул пачалихъиял ва муниципалиял финансазул управлениялъул цогояб системаялда. Ихдалил призывалда рекъон районалда гlолилал армиялде рачин кинан унеб бугебали бицана рагъулав комиссар Шамил Мухlамадовас. Гьесул рагlабазда рекъон расги лъикl рагlуларо иш. Ватlаналда цебе тlадаб налъи тlубазе ине кколеб ригьалда ругел 2000 гlан гlолилазул 50 чи вакlаризе кlолеб гьечlин абуна гьес. Гlолилал рачlунел гьечlо комиссиязде, рачlунелги руго унтащокълъарал ва хъизан-лъимал ругел. Киналго хlинкъулел ругила армиялде ритlарал гlолохъаби Украинаялда унеб бугеб хасаб операциялда гlахьаллъи гьабизе ритlилилан. Амма гьеб мекъаб пикру бугин, Украинаялде гlицlго контракталда рекъон хъулухъ гьабулел ругел профессионалиял рагъухъаби гурони ритlуларилан ракlчlезабуна военкомас. Нурмухlамад Задиевас абуна хундерил гlолохъаби армиялде унел гьечlин абураб хабар рогьо кколин ва комиссиязде рачlунарел гlолилазда тlасан материалал цlех-рехалъул комитеталде ритlизе ругилан лъазабуна.
Ахиралда районалъул бетlерас киналго ахlана цадахъ рекъон район цебетlеялъе хlалтlизе. Бегавулзабаз кьуна жидерго суалалги.
И. МУХIАМАДОВ.
|