Вторник, 23.04.2024, 12:57 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 17 » ДАНДЧlВАЛЕЛ ЗАХlМАЛЪАБИГИ КЪИНАРУЛАГО
17:36
ДАНДЧlВАЛЕЛ ЗАХlМАЛЪАБИГИ КЪИНАРУЛАГО

Нилъер районалда бекьечlдерил росдал совет ккола бищун кlудияздасан цояблъун. Советалде гъорлъе унеб кlиябго росулъ ва кlиябго гъутаналда буго 626 цlараки, гlумру гьабун руго 1772 чияс. Хlалтlулеб буго 2 школа, 2 лъималазул ах, 2 культураялъул рукъ, 1 библиотека, 2 ФАП ва цо почалъулаб отделение. Гьал къоязда лъагlел сверана Бакьагьечlи росдал советалъул нухмалъуде Гъазиев Ахlмад вачlаралдаса. Гьеб заманалда жаниб гьабун бажарараб хlалтlулги церечlарал масъалабазулги бицун ниж дандчlвана росдал бегавулгун.

-Ахlмад МухIамадович, районалъул цогидал росабазул бегавулзаби рищулаго букlунареб гlажаибаб чlаголъиялда ана гъоркьисала бекьечlдерил бегавул вищулел рищиял. Батанищ гьеб бигьаяб, бахилаб хIалтIи? Рази гьабизе кIванищ цо къадаралъниги жамагIат?

-Битlараб буго, гlемераб вала-рахас гьабун, цlа-цlазабун, хадуб бехъерхъун букlана нижер росдал цlияв бегавул вищиялъул иш. Киназего данде ккарав кандидат цониги роцадул рищиязда вукIунарелъул, ккун ратила БакьагьечIи росдал бетIер вищиялда гьоркьобги цоцазда ричIчIунгутIиялги, кIалъаялги, квалквалалги… Узухъда, цо-цо дида данде чlарал оппозициялъулал къуватаз жакъа къоялъги рикlкlунеб буго законалги хвезарун вищарав вугин дун бегавуллъунилан. Амма дун хъулухъалде законияб къагlидаялъ вачlарав вукlин тасдикъ гьабуна лъабго батlияб судалъул хlукмуялъ. Гьединлъидал, гIумруялъул сонал гIезагIан сокIкIарав инсанги вугелъул, ва, щивав хIакимчиясул хIалтIулаб мурад гIадатаб халкъалъе ракIбацIцIадаб хъулухъ гьабиги букIине кколелъул, дир хьул буго диде данде чIаралги, дун рихаралги, диргун пикруцоялги цо рахъалдехун руссун-советалде гъорлъе унел жамагIатазул гIумру-яшав цо къадаралъниги лъикIлъизабиялде буссине букIиналде. Гьабизе хIалтIиян абуни, гIемерго буго…

-Кинаб хlалтlи гьабун бажарараб лъагlалида жаниб?

-Дир гlумрудул буго 68 сон. Гьелдасан 60 соналъ дица гlумру гьабун буго дирго гlагараб росулъ. Гьединлъидал дида цlакъ лъикl лъала росдал ругел гlузраби. Дида бищунго захlмалъараб жо букlана шагьаразде щиб, гъутабазде щиб гlадамалги гочун ун, росу чlобоголъулеб букlин. Гьеб чlобоголъизе теларин абураб пикруялъ тlамуна дун бегавуллъун вачlинеги. Нижер росдада кидаго цебе чlараблъун букIана лъел суал. Дицаги хlалтlи гьелдасан байбихьизе ккана. 800 метрадул манзилалда хисана ЧIондокьан росулъе бачlунеб лъел мухъда ругел трубаби. Араб хаселалъ цlорозеги биччачlого, росулъ лъим чlезабун бажарана. Гьабсагlаталда «Чистая вода» абураб федералияб проекталда рекъон росулъе бачунеб буго цlияб лъел мухъ. Гьелъие биччан буго 45 млн гъурущ. Гьелдасан 8 млн гъурщиде гъоркьисала хlалтlи гьабуна. Дун хъулухъалде вачlаралдаса районалъул нухмалъигун дандги бан, гlадамазе минаби разе кьуна 50 гlан участок. Жеги кьеян абун рачlарал чагlазе кьезеги руго. 80 гlан гектаралда бегана чанго соналъ хlалтlизабичlого, гlуруялде сверизехъин букlараб росдал мегъ. Гьеб хlалтlиги гьабулеб буго, ракьазул бетlергьабазул чвантинисан. Дица гьезие кумек гьабун балагьулеб буго техника, хадур росизе руго рекьизе хьоналги. Жакъа къоялда 40 гIан гектаралда бекьун буго люцерна ва суданка. Кинабго бегунги бахъун хадуб гьел ракьал кьезе руго гlадамазухъе хlалтlизаризе. Ай, законалда данде кколедухъ, щивасда хадур рухьинаризе руго. Гьабсагlаталда дихъе 30-40 гlарза бачlун буго жидехъе ракьал кьеян абун. Дир мурад буго гlадамал, хасго гlолилал нилъер умумузулго батараб росдал магlишаталдеги руссинарун, гьел росулъ чlезаризе. Гьелъие дица бажарараб хlалтIи гьабулебги буго. Гьединго гьабсагlаталда программаялда гьоркьобеги ккезабун росулъ базе буго цlияб школа, исана рагlалде рахъине ккола цlияб лъел мохъ бачиналъул хlалтlабиги. Жеги администрация хlалтlулеб буго росдал киналго къватlахъ чирахъал рекlинариялда тlадги. Цоги дир цlакъ рахlат хвезабун буго сверухъ бугеб нилъер тlабигlат хвезабулеб букlиналъги. Гьелъие гlоло дица байбихьана советалъул ракьалда бугеб карьералдаса законалда данде кколедухъ пайда босиялъе хlалтlаби гьаризе. Гьеб суалгун гьал къоязда дун щвана ДРялъул Тlабигlиял сурсатазулгун экологиялъул министр Ибрагьим Ибрагьимовасухъеги. Гьабсагlаталда росдал рохьдолъ буго 160-170 хlайван. Гьезда тун вуго вехьги, гьесие чlезарун руго хlажатал шартlалги. Щибаб къоялъ жамагlаталъ хис-хисун гьабула гьезие квен-тlехги. Нижеца гIахьаллъи гьабуна Украинаялда унеб бугеб хасаб операциялда гIахьаллъулел нилъер гIолохъабазе кумекалъе районалъ тIобитIараб гуманитарияб акциялдаги. Нижер жамагIатазул рахъалдасан гьенибе кьуна 500 гIан хьитал, кIиго хIайван ва 20000 гъурущ гIарцул.

-Гьедин бега-битlун хlадурулеб бугеб магъил гlадлу цlунизе бажариладай?

-Узухъда, цlакъ захlматаб суал буго гьебги. Кlудияб квалквал буго тlалъи цlун сверулел ругел чуязул. Магъилъ гlел теялдасаги, дида лъикlаблъун бихьулеб буго жакъасеб къоялъул технологияздаса пайдаги босун, «Электропастух» абураб алаталъул кумекалдалъун магъил гlадлу букlинабизе.

-Кинал ругел хlалтlулъ дандчlвалел аслиял захlмалъаби?

-Гьабсагlаталда бищун захlматаблъун буго ракьазул суал. Ай, гьел гlадамазухъе кьезе ккани, хlадуризе ккола цlакъ гlемераб кагъат-хъарщи. Гlемерисезда ракlалде ккола бегавулзабазе бокьуларого бугин ракьал гlадамазухъе кьезеян. Гьеб мекъаб пикру буго. Гьедин гlемерал документал хlадуризе ккеялъ, гьелъ чlвалеб заманалъ халатбахъун, хъадуб бехъерхъун хутlун буго гьеб суал. Цоги кIудияб квал-квал буго жеги генералияб план хIадурун гьечIолъиялъулги. Генплан гьечIого ракьазда хурхун кинабгIаги хIалтIи гьабизе бегьуларо. ТIолабго районалдаго бугеб «унти» ккола гьебги.

-Щиб хlалтlи гьабулеб бугеб гlолилазда хурхун?

-Битlараб бицани, гlолилазул политикаялде квер щвечlо жеги. Гьеб буго дир хlалтlул хашго хутlараб рахъ. Узухъда, цlакъ кlвар кьезе кколеб суалги буго гьеб. Щайгурелъул, гlолилазда бараб буго нилъер букlинесеб. Жалго гlолилалги цlакъго кlвахlаллъун руго жакъа. Гьезие бокьулеб гьечlо дагьабниги къо бихьун хlалтlи гьабизе. Мисалалъе, моцlрое 60 азарго гъурщидаса цIикIкIараб мухьдахъ росдал боцlуда тезе вехьги щвечlого, бат1ияб росулъа чи вачине ккана вехьлъун. Гьединлъидал кьучlдасанго хисизабизе ккола гlолилазулгун гьабулеб хlалтlи. Дица хlаракат бахъизе буго гьеб бутlаялдеги хасаб кlвар кьезе.

-Кинан бугеб гъутабазул ахlвал-хlал? Дур бер щолищ гьел район тун къватlирехун ругел росуцоязде?

-Хъулухъалде вачlаралдаса 2-3 нухалъ щвана дун нижер гъутабазде. Узухъда, жидерго гlузраби камун рукlунаро гьелги. Рикlкlада рукlиналъ, къойил доре хьвадунги бажаруларелъул, аниб магlарухъ берда цебе ругел росабаздегlадин гъутабаздеги кlвар кьезе хlал кlолеб гьечlо. Амма кин букlаниги, дир пикруялда рекъон, лъикl букlинаан бегавуласул заместитель яги цо хасав кумекчи гъутабазда тезеги. Цоги квеш ккараб жо буго районалъул яги советалъул бюджеталдасан гlарацги биччан, гьениб хlалтlи гьабизе бегьунгутlи. Щайгурелъул, гъутабазе росабазул статус кьун гьечlелъул. Гьеб буго тlолабго республикаялдаго бугеб гlунгутlи. Дагъистаналъул нухмалъулесда ракlалда буго гьеб суал рагlалде бахъинабизе. Хьул буго гьанжениги гъутабазул иш цойиде ккезабун бажарилин абун.

-Ахиралдаги щиб дуца абилеб жамагlаталдехун?

-Дица жамагlаталда абилаан жидерго хасал интересалги нахъе цун, нилъерго гlагараб росу-ракьги районги цебетlеялъе дида цадахъ гъеж гурун хlалтlизе ккелилан. Щайгурелъул, жамагlаталъул кумек гьечlони, цохlо дихъаго хlалтlул иш цебе бачун бажаруларелъул.

 И. Мухlамадов.

Просмотров: 128 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz