Гьале моцIгин бащадабгIан заман унеб буго тIадаб налъи тIубазе-Армиялде гIолохъаби ритIиялъул ихдалилаб компания байбихьаралдаса. Кинха гьеб нилъер районалда унеб бугеб? Гъирагунищ гIолохъаби унел ругел Армиялде яги гьел ине бокьуларого рахчарулелищ ругел? Гьеб лъазелъун жакъа дун дандчIвана районалъул военком, подполковник МухIамадов Шамил СагIадулаевичгун. Гьесдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чIвари:
-Шамил СагIадулаевич, лъазе бокьилаан гIолохъаби Армиялде ритIиялъул ихдалил компания кин нилъер районалда унеб бугебали. Армиялде ритIулезул къадар цересел соназде данде ккун дагьабищ яги цIикIкIинабурабищ бугеб?
-АбизегIан цIикIкIараб къадар гьечIо нилъер районалъе бихьизабун. Районалъул 24 росдал администрациялдасан гьенибе инелъун рихьизарун руго 60 чи. Цо-цо росулъан 2-3 чи кколев вуго. Гьедин гурого гьечIониги, комиссиялде рачIунезул къадар цIакъго дагьаб гурого гьечIо. Руго росаби гIолохъаби тIубанго комиссиялде рачIинаризе кIоларелги. Гьезда ва гьезул эбел-инсуда ракIалде кколеб буго гьанже Армиялде ритIарал гIолохъаби спецоперация унеб Украинаялде ритIулилан. Амма гьеб мекъияб пикру буго. Бищунго захIмат буго ГьоцIалъ, БуцIра, Хунзахъ, ГIоркIачIи, Уздалросу, ГIорутIа росабалъа лъимал комиссиялде рачIинаризе.
Армиялде ритIизе бищун цебе кинал гIолохъабазда цIар чIвалеб?
-Армиялде ритIулезе бищун аслияблъун ккола сахлъи, автомобиль бачине ихтияр, тIадегIанаб яги гьоркьохъеб хасаб махщалие куцарав чи вукIин. Жакъасеб Россиялъул армия буго цIиял технологияздаса гIуцIараб. Гьелъул цIикIкIунисеб бутIа буго лъикIаб лъайги, махщелги къваригIунеб. Гьединлъидал лъай ва бичIчIи бугел чагIи цIикIкIун хIажат руго жакъа армиялъе.
-Дуца бицунелдасан дида бичIчIулеб буго исана ихдал нилъер районалдаса Армиялде унел гIолохъабазул цониги чи витIизе гьечIин Украинаялда тIобитIулеб хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъизеян.
-БитIараб буго. Кин Украинаялде ритIулел щибго рагъулаб хIадурлъиги, лъайги, махщелги гьечIел гIолохъаби. Гьел гурелги, араб соналда гьадинабго заманалда Армиялде ун рукIарал гIолохъабиги тIад руссун рачIунел руго жиде-жидер рокъоре. Гьединго гьенире ритIизе гьечIо армиялда тIадаб хъулухъги тIубан рокъор ругел гIолохъабиги. Украинаялда гьабсагIат руго гIицIго контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тIубалел гIолохъаби. Хъвараб къотIи-къаялда рекъон гIарацги босун, бокьараб къоялъ ВатIан цIунизе ине хIадурал ругилан рагIиги кьун, рагъулаб хъулухъ тIубалел гIолохъаби, узухъда, гьенире ине ккола.
-Украинаялда тIобитIулеб хасаб операциялде ине бокьарал гIолохъаби дандчIвалел ругищ нилъер районалда?
-Нилъер районалда камулел гьечIо гьединал гIолохъаби. Амма бокьанщинав чи гьениве витIуларо. Цин гьениве витIилалде цебе гьесул хIал бихьизе ккола. Хасаб комиссияги гIуцIун хал гьабула кинаб хIадурлъи гьесул бугебали. Комиссиялъ гьесул махщел-бажари тасдикъ гьабуни, чанго къоялдасан гьев витIизе бегьула гьесие бокьараб бакIалде.
-Бугищ цониги хIужжа Украинаялдаса тIурун рачIарал гIолохъабазул?
-КIудияб улка бугеб бакIалда цо-цониги гьединал хIужжабиги ккун ратила. Гьениса рокъоре рачIун рукIарал гIолохъабиги жидецаго гьабураб ишалъе, жидецаго къиматги кьун тIад руссун унел руго. ВатIаналъе хъулухъ гьаби-гьеб ккола ВатIан бокьи ва гьеб цIуни, гьелдаса чIухIи ва гьелъие ритIухъавлъун вукIин. Армиялда хъулухъ гьабула унго-унгояв бихьинчияс. Нилъер умумулги бахIарчияб къагIидаялда рагъана ВатIаналъе гIоло гьабулеб, рахIму гьечIеб, кьварараб рагъда. Жакъа нилъер щивав гIолохъанчи къеркьезе ккола рухIалда барахщичIого, гIагараб ВатIаналъе гIоло ккани рагъизеги, гьелъие гIоло рухI кьезеги.
-Кинаб ахIвал-хIал бугеб жакъасеб Россиялъул Армиялда? Ругищ гьезие гIурал шартIал: квен-тIех, ретIел-кун, гIадлу-низам ва цогидабги?
-ВатIан нилъеца данде ккола эбелалда. Щивав чияс эбел цIунулей гIадин, цIунизе ккола гIагараб ВатIанги, кинабго хIалтIи гьабизе тIадаб буго гьеб тIегьазабиялъе гIоло, ракIбацIцIадго хъулухъ гьабиялъе. Гьеб мурадалда ВатIан цIунизе улкаялъул батIи-батIиял регионазде рачIарал гIолохъабазе улкаялъ чIезабун буго лъикIаб квентIехги, ретIине ретIел-кунги. Армиялда чIезабун букIуна лъикIаб гIадлу-низамги. Гьениб данде кколареб хьвада-чIвади гьабулезда, хIакъаб рагIи абула. Армиялда гьаруларо, буюрухъал кьола. Гьединлъидал гьениб чIара-хьараб низамги букIуна. Жакъа Армиялда гьечIони гIадлу-низам, цоги киб бакIалда букIине бегьулеб? Цоги баян гьабизе бокьун буго Армиялде инарилан рахчарун чIарал гIолохъабазда тIад уголовныяб дело гьабулеблъи. Гьезда тIад къотIула 200 азарго гъурущалдаса бахъараб 500 азарго гъурущалде щвезегIан штраф яги 1-ялдаса бахъараб 3 соналде щвезегIан туснахъалъув тIамула. Щивав гIолохъанчиясда тIадаб буго эбелалъул васлъун гуревги, халкъалъул васлъунги вукIине.
-Баркала гара-чIвариялъухъ.
Н .Гlалиева.
|