Автор.П.Гунащева.Июнь 2013с.
Маялда к1одо гьабула Т1олгодунялалъул медицинаялъул
сестрабазул къо. Медсестра ккола тохтурасул кумекч1ужу, гьесул кваранаб квер.
Сестрабазул х1алт1и Россиялда баккана Петр 1-сул заманалдаго. 1844 соналда
г1уц1ана т1оцебесеб гурх1ел-рах1муялъулаб сестрабазул Свято-Троицкая община.
1855 соналдасан байбихьун медсестрабилъун х1алт1изе росулез балаан хасаб гьа.
1993 соналдасан байбихьун щибаб соналъ 12 маялда Россиялда к1одо гьабула Т1олгодунялалъул
медсестрабазул къо.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Июнь 2013с.
Дида цебе-цебеги г1емерго раг1ун бук1ана терапиялъул
отделениялъул заведующая Дибирдадаева Азимал х1акъалъулъ г1адамаз лъик1ал
раг1аби абулеб. Интерес бук1ана щийг1агидай гьай киназго рехсолей Азима,
сонисей студенткаялъул щиб ч1аголъиг1агидай тохтурлъиялъул зах1матаб х1алт1улъ
бук1унебан. Газеталда гьелъул х1акъалъулъ материал хъвазе дун т1убанго
гьесизаюна цо унтарайгун гьей к1алъалей йик1араб куц бихьидал. Сабуралда гьелъухъ
г1енеккун, рак1 батулеб раг1и бицун Азимаца пациентка лъик1аланго
йигьа-йичинаюна. Киг1ан заман гьеч1ониги, районалъул газета ц1алулезе цо
гьит1инабго интервью кьеян гьарана дица гьелда. Гъоркьехун бахъулеб буго дирги
гьелъулги ккараб гара-ч1вари.
|
|