Дида цебе-цебеги г1емерго раг1ун бук1ана терапиялъул
отделениялъул заведующая Дибирдадаева Азимал х1акъалъулъ г1адамаз лъик1ал
раг1аби абулеб. Интерес бук1ана щийг1агидай гьай киназго рехсолей Азима,
сонисей студенткаялъул щиб ч1аголъиг1агидай тохтурлъиялъул зах1матаб х1алт1улъ
бук1унебан. Газеталда гьелъул х1акъалъулъ материал хъвазе дун т1убанго
гьесизаюна цо унтарайгун гьей к1алъалей йик1араб куц бихьидал. Сабуралда гьелъухъ
г1енеккун, рак1 батулеб раг1и бицун Азимаца пациентка лъик1аланго
йигьа-йичинаюна. Киг1ан заман гьеч1ониги, районалъул газета ц1алулезе цо
гьит1инабго интервью кьеян гьарана дица гьелда. Гъоркьехун бахъулеб буго дирги
гьелъулги ккараб гара-ч1вари.
-Азима, кин ккарай
мун Хунзахъ райбольницаялде х1алт1изе? Тохтурасул хъулухъ т1аса бищиялъе щиб
ккараб г1иллалъун?
-Дида рак1алде кколаан ц1ик1к1арай яцги тохтурлъун йигелъул,
дун юридикияб факультеталде ц1ализеги лъугьун, гьеб бут1аялъул специалистлъун
яхъинилан. Амма гьит1инаб къоялдаса нахъе к1одоэбел-медсестраялъ унтаразе
гьабулеб хъулухъалъухъ рокьи ккарай, уколазе шприцал гьализаризе, къвариг1араб
кьезе гьелъие кумек гьабурай дилъ юристасдаса тохтур «бергьана» ва Г1обода
гьоркьохъеб школа лъуг1ун хадуб дица ц1алун лъуг1изабуна Дагъистаналъул
Медицинаялъул Академия (2008 с.). Хадуй ц1алана ординатураялда Москваялда.
Цадахъго х1алт1улей йик1ана шагьаралъул больницаялда тохтур-терапевтлъунги.
Ординатураялдаса хадуб 2010 соналъ специализациялъе т1аса бищана кардиология.
Гьебги бук1ана машгьураб Мясниковасул ц1аралда бугеб институталда, цо экзамен,
зачет кьеч1ого хут1аницин пересдачаялъецин ихтияр кьеч1ого жиндир кьеразулъа
нахъе рехулеб. Зах1мат бук1анищан гьикъани, бук1ана. Амма лъик1ай тохтурлъун
яхъине дирго бугеб анищ т1убазабиялда т1ад свак-к1вах1 тун х1алт1ана, ц1алана
дун. Дир к1удияв эмен (прадед) вук1ана исламияб диналъул г1алим, гьесдасан
бач1унги дида лъала унтаразе гьабураб кумекалъухъ Аллагьасул рахъалдасан бугеб
кириялъул. Жакъа къоялде щвезег1анги улкаялъул тахшагьаралда х1алт1улей
йик1инаан дун, эбел-инсуде, ват1аналде рак1 ц1ан бук1инч1ебани. Гьедин 2012
соналъул июнь моц1алда дун нахъйиссана г1агараб районалде, Москваялда кьолеб
бук1араб кардиологасул х1алт1иги жибго тун. Х1инкъун йик1ана 13 соналъ
районалда йик1инч1елъул, районцоязе къабуллъиларин, дихъаго г1адамазе данде
ккезабун бажаринарилан. Амма дирго х1алт1и дие рух1г1ан бокьула, унтаралги
г1агарал, цересел чаг1илъун рик1к1уна.
-Кинаб бук1араб дур
т1оцебесеб харж-мухь, т1оцебесеб х1алт1ул къо рак1алда бугищ?
-Москваялдаса яч1унаго больницаялде жиндихъе яч1аян
лъазабуна дида бет1ерав врач Мух1амад Шайхг1алиевичас. Кинаб х1икмалъиха дир
бук1араб, къаси саг1ат ич1гоялда сапаралдаса яч1унаго гьение индал, гьев
х1алт1уда ватиялдаса?! Гьес дие кьуна г1емерал суалал, гьабуна ц1ех-рех ва
абуна: «Метер къоялдаса нахъе мун х1алт1изе лъугьаян». Харжги 5 азарго гъурущ
бук1ана т1оцебе, амма дие гьелъул расниги ургъел бук1инч1о. Дун яч1арай йиго
унтаразе хъулухъалъе г1оло, г1арцуе г1оло гуро.
-Ругищ отделениялда
г1урал унтарал, аслияб къаг1идаялъ кинал унтабигун нужехъе рач1унел?
-Гьабсаг1ат отделениялда вегун вуго 30 унтарав, гьеб 100
процент т1убазаби ккола. Аслияб къаг1идаялъ нижехъе рач1уна давление бахун
(гипертония), чакаралъул унти бук1ун, ялъуни гьуърулъ х1унсун. Рохизе ккараб
х1ужа-ахирал соназ дагьлъун руго инфаркталъ унтарал. Нижеца х1аракат бахъула чи
ват1а гьавич1ого, унтаразе бищун лъик1аблъун рик1к1унеб ва больницаялда бугеб
дару-сабаб ч1езабизе, берцинаб бербалагьиялдалъун гьезие унти бигьа гьабизе.
Гьелде ах1ула ниж медикал бет1ерав тохтур Мух1амад Мусаевасги. Сахлъи кьеги
гьесие гьедин унтаразе х1алае ч1езе.
-Азима, медицинаялъул
х1алт1ухъанасул къоялде щиб гьарилеб дуца пишацоязе?
-Бищун цебе дица гьезие гьарила сундулъго рак1бац1ц1алъи,
Аллагь разияб х1алалъ жидерго х1алт1и бачине к1вей, харжие г1оло гуреб, жидерго
рак1 чучиялъе (удовольствие) г1оло х1алт1уде рач1ине къуватги, жанги, сахлъиги,
парахалъиги.
-Баркала дуе гара-ч1вариялъухъ.
-Дуеги баркала.
Р.S.
Дибирдадаева Азимал г1умрудул буго г1иц1го 26 сон, амма гьей йиго, г1урусаз
абухъе, «врач от Бога». Гьелъие чияраблъун бук1унеб гьеч1о пациентазул
унта-щокълъи, рак1бакъвай. Лъабго къоялъ 40 ялдаса гъоркье температура
ккезабизе к1веч1ев зах1матго унтарав жиндирго х1ат1азда баркала кьезе вач1индал
жиндир рохалил г1орхъи бук1инч1илан бицана гьелъ дида балъго-г1ат1иго. Гьеб
гурищ, унго-унгояв тохтурасул хасият? Иман цебе гьабиялъ ятила Азима гьадиг1ан
унтаразул рек1елъеги йортулей. Райбольницаялъул нухмалъулев Мусаев Мух1амадида
терапиялъул отделениялъул заведующаялъул гьикъидал, гьесги гьелъие гьадинаб
къимат кьуна: «Азима йиго бах1арчияй г1адан. Гьелда т1адеги гьей йиго лъайги
бажариги бугей тохтур. Дун вохарав вуго, халатбахъараб заманалъ терапиялде
вахинч1ого ч1аниги, гьениб кинабго лъик1 батиялда рак1ч1ей гьей пишацоялъ дие
сайгъат гьабиялдаса». Мусаевасдаса лъик1аб къимат Азимае кьезе дие махщел
г1еларо. Молодец, Азима, унтаралг1ан дудаса Аллагьги разилъун к1иябго рокъоб
талих1 кьеги дуе, Тохтур!
Ф. Мух1амадова
|