Суббота, 27.04.2024, 14:17 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Июнь » 19 » 12 МАЙ-МЕДИЦИНАЯЛЪУЛ СЕСТРАБАЗУЛ КЪО.
23:30
12 МАЙ-МЕДИЦИНАЯЛЪУЛ СЕСТРАБАЗУЛ КЪО.

12 май-медицинаялъул сестрабазул къо

Жапарат Цахаева: «Сах гьариялъул х1алт1и унго-унголъун бокьич1они, больницаялда х1алт1ун бажаруларо»

Маялда к1одо гьабула Т1олгодунялалъул медицинаялъул сестрабазул къо. Медсестра ккола тохтурасул кумекч1ужу, гьесул кваранаб квер. Сестрабазул х1алт1и Россиялда баккана Петр 1-сул заманалдаго. 1844 соналда г1уц1ана т1оцебесеб гурх1ел-рах1муялъулаб сестрабазул Свято-Троицкая община. 1855 соналдасан байбихьун медсестрабилъун х1алт1изе росулез балаан хасаб гьа. 1993 соналдасан байбихьун щибаб соналъ 12 маялда Россиялда к1одо гьабула Т1олгодунялалъул медсестрабазул къо.

Нилъер районалда халкъалъе медицинаялъулаб хъулухъ гьабула централияб, Харахьи ва Гьоц1алъ участкабазул больницабазул, врачебнияб амбулаториялъул, 14 фельдшеразулгун акушеразул ва 36 фельдшеразул пунктазул х1алт1ухъабаз, гьезда гьоркьор 300-г1ан медсестраялъги (Хунзахъ централияб больницаялъул администрациялъул баяназда рекъон).

Медсестрабазул къоялда хурхун нижер мухбиралъ гара-ч1вари гьабуна Хунзахъ больницаялъул к1удияй сестра Цахаева Жапаратилгун ва гьарана гьелда сестрабазул х1алт1ул, г1емерал соназ рак1бац1ц1адго унтаразе хъулухъ гьабулел ругел мисалиял сестрабазул х1акъалъулъ бицеян. Жийго Жапарат х1алт1улей йиго больницаялда 19 соналъ, х1алт1ана хирургиялъул отделениялда операционнияй сестралъун, февралалдаса нахъе т1уразарулел руго к1удияй сестраялъул к1вар ц1ик1к1арал ишал.

-Щий кколей медсестра?

-Медсестра-гьеб буго т1адег1анаб ц1ар. Цониги врач х1алт1ун бажаруларо медсестра гьеч1ого. Унтарав сах гьариялъул х1асилги аслияб къаг1идаялъ бараб бук1уна сестраялъул х1алт1уда, щайгурелъул унтарасда аск1об бищун ц1ик1к1ун заман гьелъ балелъул. Къад х1алт1улей медсестра х1алт1ула радал саг1ат 9-са бакъанида саг1ат ункъго т1убазег1ан, гьелдаса нахъе, нахъисеб къоялъул радал саг1ат 9 т1убазег1ан унтаразе хъулухъ гьабула дежурнияй медсестраялъ. Медсестраялъ т1уразарула тохтурасул киналго рихьизариял, т1адкъаял, унтарав хал-шал гьабизе кабинетаздеги вачуна. Цох1о укол гьабизе лъан т1убаларо медсестраялъул х1алт1и, гьелда лъазе ккола г1емерал ишал гьаризе. Масала, зах1матаб х1алалда вугев унтарав больницаялде вачун вач1ани, врач вук1а-вук1унге, медсестраялъ хех гьабун гьесие т1оцебесеб кумек гьабизе ккола. Х1алт1ун бажаруларей, х1алт1и лъаларей медсестра гьеч1о нижер больницаялда. Терапиялъул цо медсестраялъ сордо-къоялда жаниб т1алаб гьабизе ккола 40 унтарасул, хирургиялъул отделениялда йигей сестраялъ - 25-28 унтарасул, лъимал гьарулезул отделениялда медсестраялъ цадахъго т1алаб гьабизе ккола регарал руччабазулги, лъимал гьаруразулги гьарурал лъималазулги.

-Жапарат, рехселарищ г1емерал соназ рак1бац1ц1адго, к1вах1-свак гьеч1ого жидерго ишал т1уразарулел ругел «хъах1ал макказул» ц1арал?

-Азарабго баркалаялъеги реццалъеги мустах1икъал руго 50 соналдасаги ц1ик1к1ун больницаялда х1алт1улел ругел Х1айдарова Пайнусат (больницаялъул аптекаялъул заведующая), Набиева Сакинат (физ. кабинет), Исмаг1илова Башат (терапиялъул участковияй сестра), Мухтарова Пат1имат (диспансернияб кабинет), Юсупова Симисхан (смотровой кабинет); 30-40 соналдаса ц1ик1к1ун х1алт1арал Г1абдулгъафурова Самрат (лаборантка), Х1амзатова Пат1имат (терапия), Г1алибегова Башат (лъимал гьарулезул отделение), Мух1амадова Чакар (эпидемиологасул кумекч1ужу), Испагьиева Пат1имат (поликлиникаялъул хирургиялъул отделениялъул сестра), Ибнух1ажарова Пат1имат, Х1усейнова Умужат («хехаб кумекалъул» фельдшерал), Атаева Зулх1ижат (поликлиника).

Дие гьанир рехсезе бокьун буго сардал-къоязго больницаялдаса къанаг1ат гурони къват1ире рахъинч1ого х1алт1улел ясазул ц1аралги. Гьезиеги буго кидагосеб баркала. Гьел ккола реанимациялъул отделениялдаса Г1умарова Лаюза, Хизроева Пат1имат, Гъазимирзоева Пат1имат. Хирургиялдаса-Хъайтмазова Умакусум, Ибрагьимова Мадина, Г1абдуразакъова Х1алимат, Мух1амадова Башат. Терапиялдаса-Гьиматова Бикайнат, Г1алиева Сидрат, Х1анапиева Сарат, Г1умарова Хъандулай. Лъималазул отделениялдаса-Къебедова Мадина, Сайпудинова Саг1а, Гунащева Абсират, Г1умарова Пат1имат. Гинекологиялдаса-Х1асанбекова Пат1имат, Гъазиева Лаюза, Бац1алова Г1айшат. Лъимал гьарулезул отделениялдаса-Г1алиева Пат1имат, Х1ажиева Х1алимат. Инфекционнияб отделениялдаса-Х1ажиева Хъандулай, Г1алиева Савдат, Гьиматдибирова Х1алимат, Мух1амадова Райгьанат. «Хехаб кумекалъул» отделениялдаса-Хъайнтмазова Хатимат, Х1усейнова Умужат, Муртазаг1алиева Рисалат, Хъайнтмазова Багисултан. Баркала кьезе ккола поликлиникаялда х1алт1улел сестрабазеги: Г1алибекова Сидратие (рентген-лаборант); Маламух1амадова Башат (маммография); Х1ажиева Умарагьие, Мух1амадова Ольгае (гинекологиялъул кабинет); Мух1амадова Алжанатие (методкабинет); Мух1амадх1ажиева Пат1иматие (кожный кабинет); Камилова Бадружатие (участкаялъул педиатрасул сестра); Макъсудова Пат1иматие (медсестра-онколог); Сайпудинова Халисатие (процедурнияб кабинет); Шапиева Пат1иматие (педиатрасул медсестра); Мух1амадова Пат1иматие (лор-кабинет); Шихирманова Башатие, Шихирманова Пат1иматие (участкаялъул терапевтасул медсестраби); Х1амзатова Пиржанатие (ЦСОялъул медсестра); лаборанткаби: Дибирмух1амадова Шамайие, Х1ажиева Саг1ае, Мух1амадова Сабигатие.

-Унтаразулги медсестрабазулги рук1унищ цоцазда рич1ч1унгут1иял? Кинал зах1малъаби дандч1валел нужеда х1алт1улъ?

-Рич1ч1унгут1иял рук1уна унтаразул г1ага-божаразулги сестрабазулги. Руго унтаразде т1аде чи виччазе бегьуларел отделениял, гьеб нижеца ургъараб жо гуро, ниж руго гьабизе т1адаб х1алт1и гьабулел чаг1и. Унтаразде т1аде риччач1еб мехалъ гьезул г1агараз сестрабигун рагъун, ах1и-х1ур бахъинабун батула, чанги рач1уна гьекъон-мехтун. Дица сестрабазда абула гьединаб мехалъ киг1ан квешаб, къабих1аб жо нужеда абуниги нуж руц1ц1ун ч1айилан, раг1уца раг1и гьабулилан.

Гьанже больница бакъанида саг1ат анкьгоялда къала, гьелъ нижер х1алт1и г1емерго бигьалъана, амма унтарав вачун вач1ани, яги регун ругезде раккизе рик1к1адаса бахъарал г1адамал рач1ун ругони нижеца гьел т1аде риччала. Гьел руго нижеда дандч1валел аслиял зах1малъаби. Дарабиги г1олеб къадаралда руго. Бет1ерав врачасги нижее сундулъго кумек гьабула.

Кинай йик1аниги, щий ятаниги медсестраялъул унтарасдехун хъач1лъи, т1алаб гьеч1олъи бихьани руц1ц1ун ч1еч1ого тохтурасда абе, гьединазе дандекколеб тамих1 гьабула нижеца.

-Бет1ерав врачасул рехседал, гьикъилин: Щиб бат1ияб ц1ияб жо лъугьараб больницаялда ц1ияв чи бет1ерлъуде вач1индал?

-Цеве вук1арав бет1ерав врач, мунагьал чураяв Х1ажимурадида ва хирург Ах1мадида цадахъ х1алт1аралщиназе гьездасан щвана ц1акъ к1удияб кумек, х1албихьи. Гьанже бет1ерлъуде вач1арав Мусаев Мух1амад Шайг1алиевич ккола т1адег1анаб даражаялъул, махщел камилав тохтур. Гьес больницаялде босун бач1ана ц1илъи, т1олабго больницаялъул х1алт1и ц1и гьабулеб буго М. Мусаевас. Мух1амад Шайг1алиевичас кинабго гьабулеб буго нижер х1алт1ул даража борхизабизе. Гьев вуго Россиялда х1алт1арав врач, гьединлъидал гьес кинабго гьабулеб буго нилъер больницаялъул х1алт1ул рахъи кьей (качество) Россиялъул даражаялде бахинабизе.

М. Мусаевас больницаялде вач1араб къоялдасаго байбихьана нижедаса ц1ик1к1ун х1алт1и т1алаб гьабизе, гьелъ гьев чангиязда вич1ч1унги ватиларо. М. Мусаевас больницаялъул кинабго документация рук1алиде ккезабуна. Дагьал церег1ан къоязги, их байбихьаралдасаго бет1ерав врачасул нухмалъиялда гъоркь субботникал гьаруна нижеца, азбар-къоно берцин гьабун къач1ана. Щив аск1ове вач1аниги сундулъго кумек гьабизе х1адурав чи вуго нижер нухмалъулев.

-Рач1инин т1адруссун медсестрабазде. Гьезул х1алт1ул даража ц1ик1к1инабиялъе щиб нужеца гьабулеб?

-Гьелъие больницаялда т1орит1ула практикиял занятиял, гьезда ц1и-ц1иял жал малъула. Медсестрабазе гьаризе руго лекциялги. Больницаялда буго медсестрабазул советги. Ц1иял медсестрабазеги к1вараб кумек гьабула нижеца сундулъго.

-Жапарат, щиб бокьилеб дуе, районалъул газета гьоркьоб ккун, медсестрабазе гьаризе.

-Киналго районалъул, хасго нижерго больницаялъул медсестрабазда гьезул профессионалияб байрамги баркулаго, дица гьарила щиялъе щулияб сахлъи, хъизаналъулаб талих1, рохел, гьезие жидерго х1алт1и ва унтарал рокьи. Жидецаго т1аса бищараб махщел къиматалда борхатго кквей, лъай бугеллъун рук1ин.

-Жапарат, рак1 рагьараб гара-ч1вариялъухъ дуе баркала. Гьабулеб данде билълъаги нужер.

-Дуеги баркала. 

***   ***   ***

Дие баркала кьезе бокьун буго сах гьариялъул тарихалъул, цо-цо х1ужжабазул информация кьурав ЦРБялъул бет1ерав врач Мусаев Мух1амадиеги.

Гара-ч1вари гьабуна П. Гунащевалъ.

     

   

 

      

Просмотров: 815 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz