Автор.Магомедов Пазил,Ч1арада район.Декабрь 2012г.
Хириял диналъул вацал, жакъа бокьун буго цо дагьабго хвелалъул кьог1льиялъул х1акъалъулъ бицине. Щивав чиясда лъала жив хвезе вук1ин. Жибго цо-цо чиясул г1амал бихьараб мехалъ жив хвезего холарев г1адин буго, гьединлъидал бицинч1ого г1оларо. Аварагас абун буго: «Хвелалъул кьог1лъиялъул къадар, муъминчиясда 300 хвалчен кьабураб г1адин бук1инин».