Воскресенье, 05.05.2024, 12:21 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Декабрь » 7 » ХВАЛИЛ КЬОГ1ЛЪИ.
11:54
ХВАЛИЛ КЬОГ1ЛЪИ.

Хириял диналъул вацал, жакъа бокьун буго цо дагьабго хвелалъул кьог1льиялъул х1акъалъулъ бицине. Щивав чиясда лъала жив хвезе вук1ин. Жибго цо-цо чиясул г1амал бихьараб мехалъ жив хвезего холарев г1адин буго, гьединлъидал бицинч1ого г1оларо. Аварагас абун буго: «Хвелалъул кьог1лъиялъул къадар, муъминчиясда 300 хвалчен кьабураб г1адин бук1инин». Хвелалъул кьог1лъиялъул х1акъалъулъ бицин, умматалъе насих1ат бугин, гьелъие лъик1аб г1амал гьабун дунялалъул зах1малъабазда сабру гьабун х1адурлъизе бук1ине. Ду­нялалъул зах1малъи-къварилъиялда саб­ру гьабиги рух1бахъиялдаса бигьаяб буго, щай гурелъул pyxl бахъи ахираталъул г1азабалдаса буго, ахираталъул г1азаб кутакаб, к1удияб буго дунялалъул г1азабалдаса. Аварагас (с. т. г1. в.) бицанила: «Цо къоялъ бану Исраилазул къокъа бахъанила къват1ибе, гьел цо хабалазда аск1оса инагун гьез гьениб как банила ва дуг1а гьабунила Аллагьасде жидеда хварав вахъун вихьизавеян. Гьеб мехалъ цо чиясул бет1ер баккун бач1анила хабадаса къват1ибе, гьесул надалдаги бук1анила сундаялъул асар. Цинги бану Исраилаз гьикъанила гьесда хвелалъул х1акъалъулъ бицеян. Аллагьасул ц1аралдалъун гьеданила гьев чи дун хун 70 сон анин дида т1аса хвелалъул кьог1лъи инч1ин жеги абун, жакъа pyxl бахъарав г1адин вугин дун абун, Аллагьасде дуг1а гьабеянги гьаранила дир х1ал бигьа гьабе абун».

Аллагьас нилъее бигьа гьабеги pyxl бахъи, ва гьелъул кьог1лъи  т1аса босараздасаги гьареги. Аварагас (с. т. г1. в.) абунила, - Нужеца щуго жоялдалъун давла босеян щуго жо бач1иналде:

1. «Г1олохьанлъиялъул давла босейила херлъилалде цеве», ай г1олохъанго ругьунлъейила т1аг1ат-г1ибадаталде херлъараб мехалъ гьеб ц1акъ зах1мат бук1унила. Нилъер иш г1аксалда, херлъидал гьабизе тун бук1уна.

2. Сахлъиялдасан давла босейила унтилелде цебе.

3. Рег1ун вук1иналдалъун дав­ла босейила цониги жоялде машгъуллъилелде.

4. Бечелъиялдалъун давла бо­сейила факъирлъилелде цебе.

5. Ч1аго вук1иналдалъун давла босейила хвелалде цебе.

ИншаАллагь хьул буго херлъараб мехалъ гьабизеян теларин т1аг1ат-г1ибадат, жеги метер гьабилин абунги теларин, метер гъезейин абун тун рук1арал гъвалил лъурдул гъодинго хут1арал. Аварагас (с. т. г1. в.) абуни­ла: «Хасел муъминчиясул давла бу­гин, сордо халатаб сардилъ вахъун г1ибадат гьабизе, къокъаб, къаде к1ал кквезе бук1ине». Аллагьас тавфикъ кьейги нилъее щвараб давлаялдаса мунфаг1ат босизе.

Цо нухалъ Авараг (с. т. г1. в.) вук1анила рух1 бахъулев асх1абасда аск1ов, гьеб мехалъ гьесда малакумавт вихьанила асх1абасул бет1ералда аск1ов. Аварагас (с. т. г1. в.) малакулмавтасде абунила дир асх1абасда гурх1айин гьев муъминчи вук1анин абун. Цинги малакулмавтас абунила мун вохайин, дун дур уматалда гурх1улев вугин, жинца Адамил лъималазул pyxl бахъулин, амма гьесул агьлу гьаркьал гьарун г1одараб мехалъ дица абулин, гьал щай ах1долел абун, дица щибниги зулму гьабула гьеч1ин, дица гьесул pyxl бахъи цебе ккезабич1ин, яги къадаралдаса нахъе бахъич1ин, дие гьеб pyxl бахъиялъухъ мунагьги гьеч1ин абун. Аллагьасул къот1иялда сабру гьабун, разилъун ч1аразе кири буго абун. Гьаркьал гьа­рун ах1дон г1оди гьединго маг1у гьаби, рет1ари гьеб Аллагьасдехун г1асилъи кколин, гьезие гьелъухъ мунагьги бугин, хварасеги зарал бугин абун. Алла­гьас нилъее тавфикъ, сабру кьейги къадаралда разилъун ч1езе.

Лъабго жо буго чиясда к1очене бегьулареб:

1. Дунял фаналъизе (биххизе) бук1ин

2. Балагьал рещт1ин - жододаса жиндие божилъи гьеч1ел.

3. Хвел - жиб чара гьеч1ого т1аде бач1унеблъи.

Г1абдулагь бину Г1умар абулев чияс абунила жиндир инсуца г1емер абулаанила: «Дица г1ажаиблъи гьабулила холев чиясда жинда г1акълуги мац1ги бугев, кин гьес хвелалъул суфат (ай х1ал) бицунареб абун. Цинги гьев холеб мехалъ дица абунила, дуца г1емер абулеб бук1анила холев чияс хвелалъул сипат щай бицунареб абун, гьанже дуцаго бицеян абун. Цинги гьес абунила, я дир вас: хвел жиндие сифат гьабизе к1олареб бу­гин абун, кинниги дица дуе цо гьит1инабго сифат гьабун телин. Дир х1ат1азда т1ад цо мег1ер лъураб г1адин бугин, дир pyxl рук1к1адул карт1ихъанг1адин къват1ибе бахъула бу­гин, дир чохьониб зазил гъвет1 бугеб г1адин бугин, зобал-ракьалде данде къалеб г1адин бугин, дунги гьеб к1иялдаго гъоркьов вугеб г1адин вугин. Аварагас (с. т. г1. в.) абунила: «Х1айваназда лъалеб бук1арабани жал хвезе рук1ин инсанас кидаго кьарияб гьан кваналароан», абун. Ай хвалдаса х1инкъун х1айванал кьаралъизе рук1инч1ин абун.

Г1умар-асх1абас (p. г1.) абунила: «Хвел - зазил гъвет1 г1адаб жо бугин абун, жибги лъугьинабураб г1адамасул чохьониб, гьелъул зазалги къазарун щибаб бидурихьалда, цинги цо ц1акъ х1ал бугев чияс доб гъвет1 къват1иб бахъарабго гьелъ т1ут1ун рала щибаб бидурихь».

Щивав чиясе рекъараб буго хвел рехсезе. Жинда хвел г1емер рак1алде щолев чи лъабго жоялдалъун хира гьавулила:

1. Гьес тавбу хех гьабулила (ай мунагь ккарабго).

2. Жиндир бугеб жоялда г1ей гьа­бун вук1унила (Аллагьасе реццги гьа­бун).

3. Г1ибадат хех (жиндир заманалда) т1убазабулила.

Аллагьас нилъее тавфикъ кьейги хвел рак1алде щун хьвадизе, гьедин хьвадарасул мунагьалги дагь рук1ина.

Цересел ч1ах1иял г1алимзабиги рук1унел руго хвел рак1алде щвезе гьабулел. Цо къоялъ Ибрагьим бину Адгьам абулев г1алимчи вук1анила вахъунч1ун цо мажлисалда. Цинги аск1ор рук1араз абунила, мун щай г1одов ч1оларев абун. Цинги г1алимчияс абунила жинца пикру гьабула бук1анила: Малакулмавт рещт1араб мехалъ гьес абизе бугила: «Я Аллагь, гьав лагъ бусурманавищ ялъуни кафуравищилан» абун, цинги дида лъаларила дир х1акъалъулъ жаваб кинаб бук1ине бугебали. Аварагасда (с. т. г1. в.) гъикъанила кинал муъминзаби бищун хириял ругел абун, гьес абунила гьезул бищун т1абиг1ат берцинал руго абун. Жеги гьикъанила гьезул бищун лебалал щал ругел абун, Аварагас (с. т. г1. в.) абуни­ла гьезул бищун хвел рак1алде щвезабизе лебалал, хвелалъе къач1ай берцин гьабурал, жинца г1амалги хун хадуб бу­геб жоялъе гьабурав абун.

Абу Дардаъ (p. г1.) абулев чияс абу­нила: «Дие пакъирлъи бокьулин, Бет1ергьан Аллагьасе х1елизе. Дие унтизе бокьулин, дир мунагь - хат1аби рак1алде щвезе. Дие хвезе бокьулин, дир Бет1ергьангун дандч1вазе», абун...

Гьал загьидзабазул (ай дунял рехун тарал ч1аго) г1адаб хвезе бокьи нилъ г1адал чаг1азе бук1унеб жо гуро. Кин бугониги Аллагьас нилъ гьаругеги ахир заманалъул пасалъабазда рук1арал чаг1аздаса. Аллагьас нилъее тавфикъ кьейги хвел рак1алде щун гьелде къач1адизе, лъик1аб г1амал гьа­бизе. Аллагьас нилъее тавфикъ кьей­ги г1иц1ав Аллагьасе г1оло гьабулеб, Жив разилъулеб г1амалалъе. Аллагьас дирги нужерги мунагьал  чурайги.

Магомедов Пазил, Ч1арада район

Просмотров: 905 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz