Автор.Р.Г1умаров районалъул прокурор.Апрель 2016с.
Жидер х1аракаталдалъун зулму-х1ал гьабун РФялъул конституционнияб г1уц1иялъул кьуч1 бихизабулел, пачалихъияб г1уц1иялъе х1инкъи бугел яргъид хьезарурал жамг1иял цолъаби г1уц1изе, халкъалда гьоркьоб социалиял, миллиял ва диниял рикьалаби лъугьинаби РФялъул Конституциялъул 13 статьялда рекъон гьукъараб буго. Гьединаб х1аракатчилъиялъ обществалда гьоркьоб ч1ара-хьараб ах1вал-х1ал бихизабиялде, ц1ик1к1араб къадаралда г1адамазул камиялде ва рик1к1ун х1ал к1олареб материалияб заралалде рачуна.
|
Автор.П.Гунашева.Апрель 2016с.
Жидерго дин, ракь, г1адатал, хаслъи ц1унизелъун имам Шамилил бет1ерлъиялда гъоркь т1олго дагъистаниязул ва чачаназул халкъаз г1урус пачаясул аскаразде данде гьабураб къеркьеялъ к1вар бугеб бак1 ккола нилъер тарихалда. Нилъер ракьалдаса рахъарал х1инкъи гьеч1олъиялъги, бах1арчилъиялъги, бихьинчилъиялъги ц1ар арал, имам Шамилил наибзабазул ц1арал лъаларев чи къанаг1атги ватиларо районалда. Гьезда гьоркьовги бищун машгьурав вуго наиб Хунзахъа Х1ажимурад.
|
Автор.И.Мух1амадов.Апрель 2016с.
Лъик1аб г1адатлъун лъугьун буго нилъер районалда санайил г1олилазулгун студентазул форум т1обит1и. Исанаги 22 апрелалде, Мах1ачхъалаялда «Гьудуллъиялъул рокъоб» т1обит1ана Хунзахъ районалъул г1олилазул иргадулаб форум. Гьениб г1ахьаллъана республикаялъул нухмалъиялъул ва парламенталъул вакилзаби, т1адег1анал ц1алул заведениязул ректорал, бат1и-бат1иял жамг1иял г1уц1абазул вакилзаби районалъул цере рук1арал нухмалъулел ва районалдаса цогидалги машгьурал г1адамал.
|
Автор.У.Къурамух1амадова.Апрель 2016с.
Гьал г1агарал къоязда районалде рач1ун рук1ана исана сентябрь моц1алъ Дагъистаналдасан Пачалихъияб Думаялде депутаталлъун рищизесел кандидатал СКФОялда бугеб «Гильдия строителей» ассоциациялъул президентасул ишал т1уразарулев Г1али Шаг1банов ва Россиялъул рагъулаб самбоялъул вице-президент Мух1амадсулт1ан Г1алиев.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Апрель 2016с.
Гьал г1агарал къояз халгьабиялъулаб сапаргун Хунзахъ редакциялде вач1ун вук1ана россельхознадзоралъул хурдузул карантиналъул отделалъул инспектор Исакъов Багьавудин. Хурзабахъ рекьулел культурабазул хьоназул, г1олохъанал гъут1бузул качество бук1инаби г1иц1го кагътил гурого бет1ергьанлъи гьеч1еб г1уц1иялдаса т1алаб гьаби кепаб х1ужалъун бихьаниги, т1аде вач1арав гьоболасухъа нужееги баяналъе бук1инеян дица босана гьит1инабго сурав.
|
Автор.П.Гунашева.Апрель 2016с.
Унго-унголъунги Ват1ан бокьулез гьелъул бах1арзазул къимат гьабула миллаталъухъ, диналъухъ, жинс-рахъалъухъ балагьич1ого. Рик1к1адаб Челябинск областалъул Локомотивный поселокалъул № 2 школалда Россиялъул Бах1арчи Х1айдархан Х1ажиевасул ц1ар кьураб кадетазул корпусалъул х1акъалъулъ дагьаб цебег1ан бицун бук1ана районалъул газеталдасан. Гьал къояз Х1айдархан Х1ажиевасул росу-ракьги бихьизе, г1агарлъигун, ракьцоялгун дандч1вазеги, гьесул х1акъалъулъ ц1ех-рех гьабизеги Дагъистаналде рач1ун рук1ана Х1ажиевасда цадахъ рагъулаб хъулухъ гьабулев вук1арав, кадетазул корпусалъул куратор Александр Алексеевич Спасибенко ва школалъул музеялъул нухмалъулев, Х1айдархан Х1ажиевасда цадахъ ц1аларав Юрий Николаевич Дорош.
|
|