Пятница, 19.04.2024, 02:38 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Апрель » 29 » ПРОКУРОРАСУЛ КОЛОНКА. УГОЛОВНИЯБ ТАМИХ1АЛДЕ Ц1АЛА.
20:48
ПРОКУРОРАСУЛ КОЛОНКА. УГОЛОВНИЯБ ТАМИХ1АЛДЕ Ц1АЛА.

Жидер х1аракаталдалъун зулму-х1ал гьабун РФялъул конституционнияб г1уц1иялъул кьуч1 бихизабулел, пачалихъияб г1уц1иялъе х1инкъи бугел яргъид хьезарурал жамг1иял цолъаби г1уц1изе, халкъалда гьоркьоб социалиял, миллиял ва диниял рикьалаби лъугьинаби РФялъул Конституциялъул 13 статьялда рекъон гьукъараб буго. Гьединаб х1аракатчилъиялъ обществалда гьоркьоб ч1ара-хьараб ах1вал-х1ал бихизабиялде, ц1ик1к1араб къадаралда г1адамазул камиялде ва рик1к1ун х1ал к1олареб материалияб заралалде рачуна.

РФялъул уголовнияб кодексалъул 208 статьялда рекъон жавабчилъиялде ц1ала гьал хадур рехсарал такъсириял ишазухъ: -Федералияб законалъ гьукъараб яргъид г1уц1араб цолъи г1уц1иялъухъ- (ч.1 ст.208 УК РФ); -гьединаб г1уц1иялъе нухмалъи гьаби-(ч.1ст. 208 УК РФ); -гьелъие г1арцулаб кумек гьаби-(ч.1 ст.208 УК РФ); -яргъид г1уц1араб цолъиялъулъ г1ахьаллъи-(ч.2 ст.208 УК РФ); -къват1исеб пачалихъалда гьелъул законалда гьеч1еб РФялъул интересазде дандеч1араб яргъид г1уц1араб цолъиялъулъ г1ахьаллъи-(ч.2 ст.208 УК РФ).

Бокьараб тайпаялъул рагъулаб техника, ярагъ кодоб бук1ин хасиятаб буго законалъ гьукъараб яргъид хьезабураб г1уц1иялъе. Яргъид г1уц1араб цолъи законнияб гуреблъун рик1к1уна: -гьелъие кинаб бук1аниги законодательнияб кьуч1ги гьеч1ого г1уц1ун бугони; -яргъид хьезарурал цолъаби РФялъул субъектазул т1алъиялъул ва нухмалъиялъул органазул х1укмуялдалъун конституциялде данде кколаредухъ г1уц1арал ругони; -законалда рекъон г1уц1араб яргъид хьезабураб цолъи бихизабиялъе данде кколел т1алабалги ц1унун гьелъие ихтияр бугеб г1уц1иялъ х1укму къабул гьабуралдаса хадубги х1алт1улеб бугони; -законалда рекъон г1уц1араб яргъид хьезабураб рагъулаб цолъи законалъ жинда т1адаллъун гьарич1елги ишазде гъорлъе лъугьунеб бугони.

Яргъид г1уц1араб цолъиялъул, отрядалъул, дружинаялъул х1аракатчилъиялъе квербакъиялъе унеб бук1инги лъалаго гьелъие г1арац кьей, бак1ари яги цогидаб г1арцулаб кумек гьаби ккола яргъид г1уц1араб цолъи финансировать гьаби. Яргъид г1уц1араб цолъиялде гъолъе ин, гьелъул х1аракатчилъи борхизабизелъун т1адкъарал ишал т1уразари ккола НВФалда гъорлъ г1ахьаллъилъун. Масала, гьелъул г1ахьалчияс гьа базе бегьула. Хасаб форма рет1ун. Ярагъ борчун, гьеб г1уц1и кванил ниг1матаздалъун хьезабиялъулъ, жанир ч1езе бак1ал раялъулъ г1ахьаллъун, транспортнияб хъулухъалдалъун кумек гьабула. НВФалъул членлъунги гьеч1ого, гьелъул нухмалъулесул яги г1ахьалчиясул т1адкъаял т1уралев чиясул пиша рик1к1уна гьелда г1ахьаллъулесул х1аракатлъун, яги гьезие гьабулеб квербакъилъун.

Северияб Кавказалъул регионалда яргъид хьезарурал цолъабазда сверухъ ах1вал-х1ал ц1акъго бег1ерлъидал, х1ажаталлъун ккана УКялъул 208 статьялда хиса-басиял гьаризе ва гьелъул х1асилалда щибаб нухалъ кьваризабуна гьел такъсириял ишазухъ гьабулеб тамих1ги.

Укялъул 208 статьялда рихьизарурал такъсириял ишал рик1к1уна терроризмалде руссараллъун. Киг1анго бокьич1ониги ахираб заманалда нилъер районалдаги ц1ик1к1унеб буго терроризмалда хурхараб такъсирчилъи. Гьедин Гьоц1алъа ва Г1орут1аса цо-цо г1адамазда т1ад гьарун руго уголовниял делаби ва гьезда гьоркьоса чангоялъул халги гьабун, судалъ туснахъ гьариялде г1унт1унги тамих1ги гьабуна.

Терроризмалда хурхарал такъсирал пачалихъалъе ва жамг1ияталъе ц1акъго х1инкъи ц1ик1к1араллъун ккола. Гьеб пишаялде рараз т1аса бищула жидеего, г1ага-божаразе, тухум-кьибилалъего заралияб нух. Гьелъул ахирги ц1акъго къокъаб, къабих1аб бук1уна. Гьелъие ч1агояб мисаллъун бук1ина ихтиярал ц1унулел органазул х1алт1ухъабаз яргъид г1уц1арал цолъабазде данде гьарулел операциязул ва гьелъул х1асилалда гьезул церехъабиги г1адатиял г1ахьалчаг1иги т1аг1инариялъул бицунеб криминалияб хроника. Гьанибго рехсела дагьаб цебе Г1орут1а т1обит1араб терроралде дандеч1еялъул операциялъул х1асилги. Гьениб ихтиярал ц1унулезде данде рахъун к1игояс кьвагьдезе байбихьула. Данде гьабураб гьужумалъул х1асилалда к1иявго террорист ч1вала.  Гьезул цояв вук1ана Гьоц1алъа, 1984 соналъ гьавурав М. Х1ажимух1амадов. Яргъид г1уц1араб цолъиялъул г1ахьалчи х1исабалда, законалъ гьукъараб ярагъ кодоб бук1ун ва чи ч1ваялъухъ 2014 соналдаса ц1ех-рехалда вук1ана гьев. Гьесулго гьалмагъ, Табасараналдаса С. Рашидовги ихтиярал ц1унулел органазул х1алт1ухъан ч1ваялъухъ, кодоб законалъ гьукъараб ярагъ бук1иналъухъ, кьвагьизабун чияр буголъи хвезабиялъухъ ва яргъид г1уц1араб цолъиялъул г1ахьалчи х1исабалда гьебго 2014 соналдаса нахъе ихтиярал ц1унулезул ц1ех-рехалда вук1ана.

Гьанибго бихьизабизе ккола, рехсараб КТО т1обит1улаго бак1арараб материалалда рекъон г1иц1го УКялъул 33 статьялъул щуабилеб ва 208 статьялъул к1иабилеб бут1аялда рекъон (яргъид г1уц1араб цолъиялъул г1ахьалчаг1азе квербакъи гьаби) Г1орут1аса О. Мух1амадовасда, Д. Расуловасда ва Р. Расуловасда т1ад уголовнияб делоги гьабун гьел хъаравуллъиялъулаб бербалагьиялде рачун руго.

Хадубги уголовнияб законалъул бихьизабураб нормаялъул бицунаго, УКялъул 208 статьялъул примечаниялдеги к1вар буссинабизе ккола. Гьелда рекъон яргъид г1уц1араб цолъиялда гьоркьоса нахъе арав ва ярагъ нахъе кьурав г1ахьалчиясул пишабазулъ цоги бат1иял такъсирал ратич1они, гьев чи уголовнияб жавабчилъиялдаса эркен гьавула. Ярагъ нахъе кьураллъун рик1к1уна ихтиярал ц1унулел органазухъе жидеего бокьун ярагъ нахъе кьурал яги гьеб ц1унун бугеб бак1 бихьизабурал законниял гурел яргъид г1уц1арал цолъабазул г1ахьалчаг1и. Кодоб ярагъ гьеч1ев законнияб гуреб яргъид г1уц1араб цолъиялъул г1ахьалчи уголовнияб жавабчилъиялдаса эркен гьавула гьев ихтиярал ц1унулезухъе жиндиего бокьун ун вук1ин х1исабалдеги босун.

Т1адехун рехсаралъул х1асилги гьабун, районалъул г1адамал, хасго г1олилал терроралдаса ц1унараллъун рук1ин буго дир мурад.

Р. Г1умаров, районалъул прокурор.  

Просмотров: 595 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz