Гьал г1агарал къоязда районалде рач1ун рук1ана исана сентябрь моц1алъ Дагъистаналдасан Пачалихъияб Думаялде депутаталлъун рищизесел кандидатал СКФОялда бугеб «Гильдия строителей» ассоциациялъул президентасул ишал т1уразарулев Г1али Шаг1банов ва Россиялъул рагъулаб самбоялъул вице-президент Мух1амадсулт1ан Г1алиев. Данделъи рагьарав ва гьеб нухда бачарав Хунзахъ муниципалияб районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас г1одорч1аразе бицана щивав кандидат х1акъикъаталдаги Пачалихъияб Думаялде депутаталлъун рук1ине мустах1икъал ругилан, рехсана гьезул церет1еял, Дагъистан цебет1езабизе гьез бахъулеб бугеб х1аракаталъул. Хадуб районалъул бет1ерас кандидатазе раг1и кьуна избирателазда цере к1алъазе рахъине.
Трибунаялде вахъарав Мух1амадсулт1ан Г1алиевас г1одорч1аразда бицана жиндирго къокъаб автобиография. Пачалихъияб Думаялде Дагъистаналдасан депутатлъун вищани гьаризесел х1алт1аби г1емер ругилан рехсана гьес, т1адеги жубана жинца Аллагьасул ц1аралдалъун раг1и кьолила цересел кандидаталг1адин рищиял т1аде щвейдал гуреб, жив щибаб кварталалъ избирателалгун дандч1вазе, гьезие г1олел-г1оларел рахъал ц1ехезе Хунзахъ районалде вач1ине вугилан ва районалда ругел зах1малъаби т1уразе гьоркьоса къот1ич1ого районалъул бет1ерасулгун хурхенги къот1изе тезе гьеч1илан.
Цеве вахъарав кандидат Г1али Шаг1бановас г1одорч1аразе бицана х1алт1ул нухалъул, жиндирго программаялъул, муг1рузул районазда г1умру гьабулел ругел г1адатиял г1адамазе токалъул ва цогидал коммуналияб хъулухъазухъ бигьалъаби гьаризе жинца мурадалде щвараб х1алт1и гьабизе бугилан. Раг1и кьуна Дагъистан, Хунзахъ район цебет1еялъе, г1адамазул зах1малъаби, г1узраби лъуг1изаризе, ц1и-ц1иял пайдаял законал рахъиялъе гъеж гурун х1алт1и гьабизе бугилан.
К1алъаязул ахиралда г1одорч1араз кандидатазе жакъасеб г1умруялда цереч1арал масъалабазда ГЭСазда, ракьазда, токалда, газ бачиналда сверухъ хурхарал суалалги кьуна.
У. Къурамух1амадова.
|