Четверг, 18.04.2024, 05:21 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Апрель » 29 » РАЙОНАЛЪУЛ Г1ОЛИЛАЗУЛГУН СТУДЕНТАЗУЛ ФОРУМ.
20:32
РАЙОНАЛЪУЛ Г1ОЛИЛАЗУЛГУН СТУДЕНТАЗУЛ ФОРУМ.

Лъик1аб г1адатлъун лъугьун буго нилъер районалда санайил г1олилазулгун студентазул форум т1обит1и. Исанаги 22 апрелалде, Мах1ачхъалаялда «Гьудуллъиялъул рокъоб» т1обит1ана Хунзахъ районалъул г1олилазул иргадулаб форум. Гьениб г1ахьаллъана республикаялъул нухмалъиялъул ва парламенталъул вакилзаби, т1адег1анал ц1алул заведениязул ректорал, бат1и-бат1иял жамг1иял г1уц1абазул вакилзаби районалъул цере рук1арал нухмалъулел ва  районалдаса цогидалги машгьурал г1адамал.

Форум байбихьилалде «Гьудуллъиялъул рукъалъул» жанах1алъуб районалъул культураялъул рукъалъул х1алт1ухъабазул х1аракаталдалъун г1уц1ун бук1ана умумузул нексияб рет1ел-куналъул, т1аг1ел-г1уч1алъул ва цогидабги къайи-ц1аялъул выставка.

Форум байбихьана к1удияб экраналдасан г1одорч1аразда Дагъистаналъул тарихалъул ва г1ажаибаб т1абиг1аталъул бицунеб документалияб  фильм бихьизабиялдасан. Форумалъул официалияб бут1а рагьана ва ахиралде щвезег1ан нухда бачана нилъер машгьурай ракьцояй, Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Фазу Г1алиевалъул вас, «Лезгинка» ансамблялъул генералияв директор, Россиялъул искусствоялъул мустах1икъав х1аракатчи Жамбулат Мух1амадовас. Форумалъул г1ахьалчаг1азе саламги кьун, к1алъазе вахъана районалъул бет1ер Саг1ид Юсупов.

- «Дун ц1акъ вохарав вуго исанаги гьадинаб форум т1обит1изе рес щвеялдаса. Гьаб форум т1обит1иялъул мурад буго, районалъул г1елму-лъаялдехун ва спорталдехун гьет1и бугел г1олилазда квер ч1вай, районалъул нухмалъиялъулгун г1олилазул гьоркьоблъи щула гьаби, жалго рехун тун гьеч1олъи гьезда бихьизаби, хадубккунги г1олилазул ц1алуде ва спорталде гъира базаби. Районалъулги, республикаялъулги, х1атта т1олго улкаялъулгицин бук1инесеб бараб буго нужеда – г1олохъанаб г1елалда.  Жакъа районалда ралел ругел спортзалал, футбол ва волейбол х1алел  майданал, ц1и ралел ругел ва капиталияб ремонт гьабун  къач1алел ругел школалгун ясли-ахал, гьеб кинабго буго нужее г1оло, нуж мекъаб нухде ккеч1ого рук1инелъун г1олилазул жигар-жан  бит1араб рахънибе буссинабизелъун, нужер роц1араб бук1инеселъе г1оло гьабулеб бугеб х1алт1и.

Жакъа республикаялъулги районалъулги нухмалъиялъ бажарараб х1алт1и гьабулеб буго г1олилал церет1еялъе, гьезие нухал рагьиялъе. Дагь-дагьккун нахъа хут1улеб буго лъай-хъваялдалъун ва  ришват кьеялдалъун г1олилал х1алт1уде росулеб заман. Гьанже г1олилал х1алт1изе росулел руго гьезул лъай-г1акълуялда ва бажариялда рекъон. Дихъе г1емер г1олилал рач1уна жал х1алт1уде росеян, амма гьезул чангиязда бит1ун г1арза хъвазецин лъалеб батуларо. Гьединлъидал, дица кидаго г1олилал ах1ула ц1алиялде к1вар кьезе. Жакъа г1олилаз мугъч1вай гьабизе ккола г1иц1го жидерго лъай г1акълуялдеги махщел-гьунаралдеги щайгурелъул, чияр чода рек1арав хехго гъоркье рещт1ине кколин абухъе, эбел-эменги г1ага-божаралги, гьезул лъай-хъваялги кидаго нужеда нахъа рук1унаро. Жакъасев г1олилав вук1ине ккола сундаго хадув гъуравлъун, ч1еч1ого жиндирго лъай-г1акълу борхизабун жиндаго т1ад х1алт1улевлъун, жиндирго ц1иял идеяби ва хасал пикраби ругевлъун.

Гьелдаго цадахъ к1очон тезе бегьуларо хундерие кидаго хасиятаблъун бук1араб ях1-намус, г1адат-г1амал ва къох1ехьей. Гьелъулъ мисал босизе чаг1иги нилъер  районалъул г1унги т1ок1 рук1ана ва руго.

Бищун бигьаяб жо буго нилъерго тарихалдаса ч1ух1и, амма гьедин ч1еч1ого, нужецагоги байбихьизе ккола тарихалъул ц1иял т1амчал хъвазе. Нужер киналго лъик1ал байбихьиязулъ к1вараб кумек гьабизе кидаго х1адураб буго районалъул нухмалъиги. Дир рак1ч1ола кинаб г1умрудул нухде кканиги нужеца нилъер умумузул тарихги гьез нахъа тараб бах1арчияб ц1арги басра гьабунгут1иялда. Хьул буго ц1алунги рахъун, нилъерго район цебет1еялъе гурун гъуждулгун х1алт1изе нуж нужерго росу-ракьалде т1ад руссиниланги» - ян г1олилаздехун рак1 рагьараб к1алъай гьабуна районалъул нухмалъулес.

Дагъистаналъул бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповасул рахъалдасан киназего саламги кьун, байбихьана жиндирго к1алъай ДРялъул бет1ерасул муг1рузулаб территориалияб округалда вугев вакил Абулмуслим Абулмуслимовас.

-«Дагьаб цебег1ан щун вук1ана дун Хунзахъе ва ц1акъ разиго хут1ана гьениб х1алт1и г1уц1ун бугеб куцалдаса. Бокьилаан киналго г1олилал районалъул бет1ерасдаса мисалги босун, гьесда сверухъ гъункун ч1ун, цадахъ рекъон х1алт1ани. Саг1ид Камиловичас абухъего, районалда г1уц1улел руго г1олилал церет1еялъе ва гьел жиде-жидер росабалъе т1ад руссиналъе х1ажатал шарт1ал. Дидасан бач1араб кумек гьабизе дунги х1адур вуго» -ян абуна гьес.

Республикаялъул парламенталъул рахъалдасан районалъул г1олилазда саламги бицун, байбихьана жиндирго к1алъай Халкъияб Собраниялде «Единая Россия» партиялъул депутат, Халкъияб Собраниялъул бак1алъулаб нухмалъиялъул комитеталъул председатель Багьадур Г1абасовас.

- «К1удияб баркала буго г1олилазе гьадинаб форум г1уц1аралъухъ районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповасе ва гьесул командаялъе. Дагьаб цебег1ан дунгоги щун вук1ана Хунзахъе ва дирго бераздалъун бихьана гьал ахирал соназда гьениб лъугьун бугеб хиса-баси. Дагъистаналъул цогидал районазул бут1рузги жиндасан мисал босизе мустах1икъав вуго нужер районалъул нухмалъулев. Гьединаб даражаялда район цебет1олеб бугони, г1емер кват1ич1ого хундерие шагьаралъул статус кьуниги бегьила»,-ян абуна Багьадур Х1адисовичас.

Вагьабизмалдаса ва гьекъел-мехтелалдаса г1олилал ц1униялда хурхараб к1алъай гьабуна х1алхьиялда вугев генерал-майор, республикаялъул ТОКСалъул нухмалъулев Г1умар Муртазаг1алиевасги.

«-Киназдаго бихьулеб буго жакъа дунялалда лъугьун бугеб х1алуцараб ах1вал-х1ал. Бат1и-бат1иял баяназда рекъон азаргог1ан г1олилав вуго Дагъистаналдаса Сириялда вагъилев. Гьеб буго нилъер г1айиб ва нилъ нечезе ккараб х1ужжа. Чара гьеч1ого х1ажат буго диниялги, административиялги ва жамг1иял г1уц1абиги г1ахьаллъун, г1олилазда гьоркьоб бич1ч1и кьеялъулаб х1алт1и ц1ик1к1инабизе. Жакъасел г1олилал гьединал питнабазде гъорлъе ккеч1ого рук1ине ккани, рук1ине ккола кутакалда ц1одорго, лъазе ккола умумузул тарих ва цониги диналъ ч1вай-хъвеялде ва питнаялде ах1улареблъи. Дица г1олилазе гьарула г1умрудул икъбал ва щулияб сахлъи»,-ян лъуг1изабуна генералас жиндирго к1алъай.

Гьединго г1олилал ц1алудегун спорталде к1вар кьезеги, умумузул ях1-намус ц1унизеги ах1арал к1алъаял гьаруна ДГУялъул преподаватель, тарихалъул г1елмабазул кандидат Мух1амад Г1аммаевас, Хьаргаби районалъул бет1ер Рамазан Малачиловас, цебе нилъер районалъул вук1арав нухмалъулев Ах1маднаби Г1умаровас, Хунзахъ росдал бегавул Т1алх1атов Хизрица.  республикаялъул г1олилазул ишазул министрасул заместителал Мух1амад Маликовас ва Анна Безруковалъ, Дагъистаналъул аграрияб университеталъул ректор Зайдин Жамбулатовас, Челябинск областалда нилъер ракьцояв, Россиялъул Бах1арчи генерал-майор Х1айдархан Х1ажиевасул ц1аралда бугеб кадетазул корпусалъул куратор Александр Спасибенкоца ва цогидазги.

Районалъул г1олилазул ц1аралдасан, тадбир г1уц1арал районалъул нухмалъиялъе, учительзабазе ва эбел-инсуе баркалаги кьун, к1алъазе яхъана Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталъул 4 курсалъул студентка Калимат Мух1амадова.

Ахиралда Саг1ид Юсуповас ц1ар-ц1арккун киналгоги рехсон, баркала кьуна форум г1уц1изе квербакъаразе ва гьелда г1ахьаллъи гьабуразе.

Хадуб байбихьана ц1алулъ ва спорталъулъ лъик1ал х1асилал рихьизарурал студентазе шапакъатал кьеялде.

Форумалъул официалияб бут1аялдаса хадуб, Шамил Ханакаевас, Г1айшат Айсаевалъ, Расул Г1умаровас, Т1авус Мух1амадовалъ, Тимур Рах1мановас, Руслан Х1асановас, «Лезгинка» ва «Г1акаро» ансамбляз г1одор ч1аразе бихьизабуна г1ат1идаб программаялъул концертги.

Хьул буго, районалъул г1олилаз форумалда бицаралъул х1асилги гьабун, хадубккунги ц1алулъги спорталъулъги дагьалги ч1ах1иял бергьенлъаби росилин ва районалъул байрахъ борхатго кквелин.

 

И.Мух1амадов.

 

 

 

Дагъистан тун къват1ирехун ругел студентал:

Москваялъул Пачалихъияб лъел транспорталъул Академиялъул 4 курсалъул студент Къебедов Х1амид Мух1амадовичасе кьуна планшетги грамотаги.

Гьединго, г1арцулал сайгъатал ва грамотаби кьуна Россиялъул МВДялъул Краснодаралъул университеталъул 2 курсалъул студент  Эмелов Арсен Мух1амадовичасе ва Москваялъул К. Разумовскиясул ц1аралда бугеб Пачалихъияб технологиялъулгун управлениялъул университеталъул 3 курсалъул студентка Х1айбулаева Наида Мух1уевнаялъе.

Магистратураялъул ва ахирисеб курсалъул студентал:

ДГПУ

Мух1амадова Эльмира Шарапудиновна (магистр. 2 курс), Х1амзатова Умайзат Мух1амадовна (магистр. 2 кур), Мах1узова Саибат Мах1узовна (магистр. 2 курс), Шамилова Диана Мух1амадовна.

ДГМА

Саг1идбегова Марьям Нажмудиновна, Гьиматова Зайнаб Исх1акъовна. Гьезиеги кьуна планшеталги грамотабиги.

 

Бакалавриаталъул студентал:

ДГУНХ

Атаев Раджаб Мух1амадович, Ханмух1амадов Мух1амад Ханмух1амадович, Г1алиева Хъандулай Г1алиевна.

ДГУ

Гъазиев Ах1мад Г1арипович, Атаева Сабигат Тимуровна, Мух1амадова Калимат Мух1амадрасуловна, Мух1амадова Пат1имат Мух1амаддибировна.

ДГПУ

Х1асанх1усенова Аминат Мух1амадовна, Шамсудинова Зумруд Г1алиевна.

Гьезие кьуна планшетги грамотабиги

ДГАУ

Гъазиев Мух1амад Бадрудинович, Х1амзатова Марьям Шамиловна.

ДГИ

Х1ажидадаев Х1ажи Расулович, Мух1амадова Пат1имат Х1айдаровна.

Цадахъго форумалда Дагъистан республикаялъул  муниципалиял г1уц1абазул Советазул Ассоциациялъул дипломал кьун к1одо гьаруна х1алт1улъ лъик1ал х1асилал рихьизарурал районалъул лъабго росдал бегавулзабиги: Мух1амадов Сидикъ (Г1обода), Х1айбулаев Саг1адула (Х1ариколо), Мух1амадкамилов Саг1ид (Харахьи). Гьединабго диплом кьуна районалъул администрациялъул СМиязул отделалъул жигарав специалист  Хъайнтмазов Шамилиевги.

 

2,3 ва 4 курсазул студентал:

ДГНХ

Г1умарх1ажиева Пат1имат Мух1амадовна (2 курс), Къурамух1амадова Эльмира  Х1акъиловна (2 курс), Камилова Алипат Мухтаровна (3 курс), Мух1амадова Равзат Мух1амадовна (3 курс),

ДГУ

Мусаева Пат1имат Мусаевна (2 курс), Хъайтмазова Пат1имат Г1абдулаевна (3 курс), Хизриева Сапият Абуязидовна (3 курс), Бат1алова Карина Хъарагишиевна (3 курс), Г1абдурах1манова Пат1имат  Гьиматх1ажиевна (3 курс), Г1алиева Шамай Г1алиевна (3 курс), Гъалбац1ова Пат1имат  Гъазимух1амадовна (3 курс), Нурмух1амадова Айзанат  Хъайтмазх1ажиевна (магистр 1 курс), Г1алиева Пат1имат Мух1амадовна (магистр 1 курс), Т1алх1атова Алипат Г1умаровна (магистр 1 курс), Саг1адулаева Мадина  Мух1амадх1адиевна (магистр 1 курс)

ДГПУ

Мух1умаева Замира  Мух1иждиновна (2 курс),  Шигьабудинова Мадина Мух1амадх1ажиявловна (2 курс), Дибирчуева Багьжат Мах1ачевна (2 курс), Камилова Пат1имат Г1умарх1ажиевна (2 курс), Мух1амадова Аминат Сайгидх1усеновна (2 курс), Ах1мадова Мадинат Мух1амадовна (3 курс), Мух1амадова Хъандулай Г1алиасх1абовна (3 курс), Мух1амадова Мадинат  Къурбанг1алиевна (магистр 1 курс), Гъазимух1амадова Максалина Мух1амадрасуловна (магистр 1 курс), Мух1амадова Пат1имат Г1абдулг1азизовна (магистр 1 курс), Г1абдурах1манова Г1айшат Х1айдаровна (магистр 1 курс), Г1алибегова Салтанат Гьит1инамух1амадовна (4 курс), Х1ажиева Алжанат  Мух1амадовна (4 курс), Х1осенова Марьям Мух1амадовна (4 курс), Шамсудинова Зумруд Г1алиевна (4 курс).                              

ДГМА

Малачиева Каримат Малачиевна (2 курс), Мух1амадова Аминат Мух1амаддибировна (2 курс), Мух1умаев Мух1ума Загьирбегович  (3 курс), Мах1мудова Хадижа Ах1мадуевна (3 курс), Х1алипаева Жамилат Х1алипаевна (3 курс), Г1абдуразакъова Шанай Мух1амадовна (3 курс), Г1амирг1алиева Шуг1айнат Т1алх1атовна (4 курс), Дибирчуева Пат1имат Мух1амадовна (4 курс), Г1абдулаева Рисалат Мух1амадовна (4 курс), Мух1амадова Написат Ах1мадовна (4 курс), Атаева Мадина Х1амзатовна (4 курс), Шагьрудинова Калимат Шамиловна (4 курс), Гьит1иновасов Ражаб Султанах1мадович (4 курс), Мух1амадова Саният  Г1абдулат1иповна (5 курс), Г1абдурах1манова Жапарат Къурамух1амадовна (5 курс).

ДГТУ

Нурмух1амадова  Зульфия Мух1амадовна (2 курс), Г1алиев Мух1амад Мух1амадович (2 кур), Хваджаева Пат1имат Мух1амадовна (4 курс), Нажмудинов Г1абдусамад  Шамилович (4 курс).

МАДИ

Мух1амадова Амина Мух1амадовна (2 курс), Мусалаева Наира Джамаловна (2 курс), Г1акъилов Мух1амад Х1ажиевич (2 курс).

РПА

Мух1умаева Батуч Х1ажиявовна (2 курс), Х1ажиев Ах1мад Абакарович (3 курс), Х1амзатова Булък1ур Х1амзатовна (3 курс), Мухтарова Муъминат Мух1амадовна (3 курс), Чункъова Баху Мух1амадрасуловна (4 курс), Гьит1инов Расул Х1амидович (4 курс).

ДГАУ

Г1умарова Зайнаб  Мусах1ажиевна (2 курс)

Гьезие кьуна грамотабиги г1арцулал сайгъаталги

 

 

2016 соналъул бищун лъик1ал спортсменал-студентал:

Г1алиев Х1ажимух1амад Г1алиевич-эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул чемпион, Шамхалов Муртазаг1али Т1алх1атович-рагъулаб самбоялъул рахъалъ Россиялъул чемпион (ММА), Зайирбегов Х1амзат Ибрагьимович-дзюдоялъул рахъалъ Россиялъул чемпион, Мух1амадов Г1али Г1убайдулаевич-волейболалъул рахъалъ Дагъистаналъул чемпион, (ДГУ), Гъайирбегов Гьит1ин Зубаирович- волейболалъул рахъалъ Дагъистаналъул чемпион (ДГУ), Г1абдулманапов Къебед Мух1амадович- волейболалъул рахъалъ Дагъистаналъул чемпион (ДГУ), Хъайтмазов Мух1удада Х1ажимурадович- волейболалъул рахъалъ Дагъистаналъул чемпион (ДГМА), Муртазаева Айзанат Мах1ачевна-фехтованиялъул рахъалъ Европаялъул ва Россиялъул чемпионка, Мух1амадинова Мадина Мух1амадсайгидовна-Дагъистаналъул чемпионка ва Россиялъул ц1алдохъабазул спартакиадаялъул пулеваялъул стрельбаялъул финалистка  (ДГМА), Х1амзатов Х1амзат Х1асанх1усейнович-эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул чемпион, Шагьидов Мух1амадх1абиб Мух1амадович-тайский боксалъул рахъалъ Дунялалъул чемпион, Г1абдусаламова Салтанат Г1абдусаламовна-г1олилазда гьоркьоб каратэялъул рахъалъ Европаялъул чемпионка, Г1абдусаламова Чакар Г1абдусаламовна-каратэялъул рахъалъ 4 нухалъ Дагъистаналъул чемпионка, Хъазанбиев Хъазанби Мух1амадович-кикбоксингалъул рахъалъ Европаялъул чемпион ва 3-й призер дунялалъул чемпионаталъул.

Гьезие кьуна дипаломалги г1арцулал сайгъаталги. Гъоркьколоса яцал Г1абдусаламовазе районалдаса ц1ар рехсезе бокьич1ев сахаватчияс сайгъат гьабуна Лада Веста машинаги.

 

Просмотров: 974 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz