Пятница, 19.04.2024, 21:07 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Апрель » 29 » «ЛЪАЛАРО»ЯЛЪ ЖАВАБЧИЛЪИЯЛДАСА ЭРКЕН ГЬАРУЛАРО.
20:17
«ЛЪАЛАРО»ЯЛЪ ЖАВАБЧИЛЪИЯЛДАСА ЭРКЕН ГЬАРУЛАРО.

Гьал г1агарал къояз халгьабиялъулаб сапаргун Хунзахъ редакциялде вач1ун вук1ана россельхознадзоралъул хурдузул карантиналъул отделалъул инспектор Исакъов Багьавудин. Хурзабахъ рекьулел культурабазул хьоназул, г1олохъанал гъут1бузул качество бук1инаби г1иц1го кагътил гурого бет1ергьанлъи гьеч1еб г1уц1иялдаса т1алаб гьаби кепаб х1ужалъун бихьаниги, т1аде вач1арав гьоболасухъа нужееги баяналъе бук1инеян дица босана гьит1инабго сурав.

-Багьавудин, нижер г1уц1иялъул ц1аралда гъорлъ «росдал» ан ц1ар бук1иналъищ мун нижехъе ккарав, щиб мурадалда т1обит1улеб бугеб халгьаби гьаб?

Бат1аго, редакциялъ-къват1ибе казият биччай, телевидениялъ-передачаби рахъун къват1ире кьей гурони бат1ияб, хасго росдал маг1ишаталъул х1алт1и гьабулареблхьи нижедаги лъала. Амма Дагъистаналда г1емерго загьирлъулеб буго СПКяздагун фермеразул маг1ишатазда гуреб, лъай кьеялъул г1уц1абазда, бат1и-бат1иял предприятиязда хадур рухьинарурал ракьазул къадар.

ДРялъул Х1укуматалъул постановлениялдалъун нилъер гьаниб батараб 9 карантиналъулаб х1ут1-хъумуралдагун заралияб ч1ах1алда данде рагъ гьабизе бихьизабун буго законалъ. Инсанасул сахлъиялъе ц1ик1к1араб зарал бугел, ах-хуралдаса щолебниги бач1ин хвезабулел гьел карантиналъулал объектал т1ирит1и гьукъи буго нижер х1алт1ул мурадги.

-Рехселарищ, г1адамазда лъазелъун, гьезул цо-цоялниги? Мисалалъе босани, цере т1орит1арал халгьабиязда хунздерил ракьазда ратарал?

-2012 соналъ т1обит1араб халгьабиялъул х1асилада, Хизроевасул ц1аралда бугеб СПКялъул (54 га), «Хьиндахъ», «Хунзахъ» муниципалиял г1уц1абазул ракьазда (7 ва 0,3 га) пихъ кьолел гъут1бузе зарал гьабулеб батана калифорниялъул щитовка х1ут1алъ (сураталда-гьеб ва гьелъ хвезабураб г1ечул бач1ин). Гьединго гьелго г1уц1абазул ракьазда т1ибит1ун батана «повилика полева» (сураталда) ч1ах1ги. Гьеб буго паразиталъулаб г1умруялъул хер. Нужеда г1емерго бихьун батила картошкадул ламщуялда, могьолал культурабазда гьоркьоб гьаб т1огьилаб, рек1-рек1ун хархадун бижун унеб хер. Гьелъ к1удияб г1езе, цебет1езе биччаларо нилъеца бекьараб щибго. Нужеда мадугьалихъ районазда Хьаргаби, Гъуниб «бакът1ерхьул плодожорка» к1алк1уч1алъ ахирал соназ балагь бач1инабун буго мокьрол бач1иналде. (Бит1араб бицани, гьаб сураталда бихьулеб г1адаб гурого микьир диеги щвеч1о гьаблъиялъ-авт.).

-СПКязул иш щиб бук1аниги, г1адатал г1адамазда кин лъазе рес бугеб гьеб дуца т1адехун бицанщинаб? Т1адежоялъе, рач1ун нужер инспектораз г1ак1аги къот1изехъин буго дол гъаримазда…

-«Лъаларо» ялъ жавабчилъиялдаса эркен гьаруларо я колхоз-совхозалъул председателал, я жалго лъик1ал лъугьун хурухъанлъи-ахихъанлъиялда х1алт1улел, гьелъул ниг1матал ричун пайда босулел. Х1ут1-хъумурги сорнякалги ц1акъго г1емерлъилалде, феромоназуал къорал (ловушкаби) гъун, ч1ах1ал кьолболъа рахъун лъуг1изарун, бигьаяб гьеч1ищ нилъеего, бач1инги щвеч1ого, щварабг1аги бач1ин унтарабги кванан рук1инч1ого?

Мисалалъе босани, дуда раг1ун батила амброзия хералъул. Аллергия, бронхазулаб астма бугезе бицун бажарулареб г1азаб буго гьелдасан. Г1емериселъ гьеб т1ибит1ула ламадуралъул, люцернадул хьоналда гьоркьобе ккун. Гьединлъидал, к1удияб къадаралда бекьизе хьон босулез ричарухъабазда ц1ехезе ккола карантийнияб сертификат. Ч1езе гъут1биги хьоналги лъик1 бук1ина лицензия бугел, гьеб ишалда лъик1алин ц1ар арал г1уц1абахъа росизе.

Киг1ан лъик1 бук1араб гьаб ахираб 2-3 соналъ нилъерго гьаниб, Кизилюрталда г1езабураб помидор-охцер кванан?!

Гьанжег1агар нижер специалистазе баянлъана дозулги бач1ин томатазулаб ицалъ кваназе байбихьун бугилан. Щибаб зарал гьабулеб жоялде данде рагъ кьуч1дасанго гьабизе бигьаяб бук1уна, гьеб г1емерлъидалин абуни, зах1малъула. Добго колорадоялъул жукалъухъ балагье, гьабсаг1ат гьебгун кинабг1аги рагъалъ х1асил кьолеб гьеч1о.

- Маг1арухъ ругезе картошка  «к1иабилеб чедлъун» кколелъул, кинал малъа-хъваял  гьарилел дуца, гьелъул бач1ин цо къадаралъг1аги дуца рехсараб  х1ут1алдаса ц1униялъе.

- Цо-цоязул ц1акъ жидецаго лъик1абин рик1к1унеб «г1адат» буго к1униялда, шишаялда хъвараб къадаралдаса ц1ик1к1ун загьру лъадалъ билъизабизе. Гьедин гьабиялъ лъик1аб х1асил кьоларо, ракьулъеги жибго  ниг1маталда гъорлъеги заралиял веществаби ин гурого. Х1ут1ал хвезарулебан нилъедаго унти ккезаби г1антаб ишлъун рик1к1уна дица. Х1аракат бахъе санайил жуказде гьабулеб загьру хисизе. Цогояб х1алт1изабуни, долде ругьунлъун ккун, х1ут1азе заралго ккеч1ого хут1ула. Бокьуларо гьел хъурумсахъазе ц1улал рохъоги (10 кг. цо соткаялде х1исаб гьабун  т1амхазде гьурщизе яги жеги баккилалде ракьалде бан тезе лъик1аб буго гьеб).

Бегьула ихдал г1ужалъ, картошка бекьун хадуб гьезие къор гъезеги: щибаб кьер ккун, жанибе картошкадул кескал яги хъал барал ц1орол банкаби (0,5 – 1 литраялъул) къазарун тела ракьулъ ва зама-заманалдасан балагьила ва хъурила къоринире ккун ратарал х1ут1ал.

- Гьабулищ Россельхознадзоралъ х1алт1и къват1исел пачалихъаздаса бач1унеб химикатазул ц1ураб  пихъ-мич1алда, кванил ниг1матазда сверун?

Россиялде баччизе эмбарго т1ад лъурал улкабазда ниг1матал республикаялде риччангут1иялда хадуб хал кколеб отделги буго нижер г1уц1иялда. Гьедин, дагьаб цебег1ан тоннаги хадубги Польшаялдаса г1ечул, 422 кг. Литваялдаса генул, 6- кг. Италиялдаса клубникадул т1ат1инабуна нижер специалистаз. Турциялдаса рач1унел ниг1матазулги к1удияб къадар бет1ергьанасухъанги бахъун полигоналда т1аг1инабуна. Нижер баракаталдалъун, х1алт1удалъун гьукъараб жеги к1удияб заралалъул дуца гьикъини: 2014 соналда 17 тонна Азербайджаналдаса бач1унеб хурмадул батун бук1ана карантийнияб ч1ах1 – повиликаялъул хьонгун жиб бугеб, нижеца гьеб бахъана ва улка-экспорералъухъе нахъбуссинабуна. К1вар гьеч1ебин кканиги, нижер х1алт1и буго инсанияталъего пайдаяблъун ва пашманал х1асилаздаса ц1униялъе профилактика гьабулеблъун.

- Баркала, Багьавудин малъа-хъваязухъ ваг ара-ч1вариялъухъ

- Дуеги баркала гьедин бич1ч1игун нижер х1алт1уде балагьаралъухъ.

Ф. Мух1амадова.   

Просмотров: 433 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz