Жидерго дин, ракь, г1адатал, хаслъи ц1унизелъун имам Шамилил бет1ерлъиялда гъоркь т1олго дагъистаниязул ва чачаназул халкъаз г1урус пачаясул аскаразде данде гьабураб къеркьеялъ к1вар бугеб бак1 ккола нилъер тарихалда. Нилъер ракьалдаса рахъарал х1инкъи гьеч1олъиялъги, бах1арчилъиялъги, бихьинчилъиялъги ц1ар арал, имам Шамилил наибзабазул ц1арал лъаларев чи къанаг1атги ватиларо районалда. Гьезда гьоркьовги бищун машгьурав вуго наиб Хунзахъа Х1ажимурад.
Районалъул нухмалъиялда, тарих бокьулезда рак1алда буго исана Хунзахъ наиб Х1ажимурад гьавуралдаса 200 сон т1убаялъул юбилей гьабизе. Гьеб тадбиралда хурхарал масъалаби гьоркьор лъезелъун, щибаб анкьил талаткъоялъ ах1ула юбилеялъулаб тадбиралъул г1уц1иялъул комитеталъул г1ахьалчаг1азул данделъи.
26 апрелалъ т1обит1араб гьединабго маг1наялъул данделъиялъул мурадги, юбилеялда г1езег1ан чи г1ахьаллъизе ккеялъулги бицун байбихьана Ш. Г1аммаевас. Юбилей т1обит1изе ккани, г1аммаб къаг1идаялъ гьелъие къвариг1унелъул бицана Хунзахъ росулъа Гьит1инов Мух1удадаца. Гьедин, юбилеялда бихьизабизе буго имамасул гуребги, г1урусазул рахъги. Гьелъие къвариг1унев вуго 400-г1ан чи, гьезда гьоркьоса 300 бихьинчи, бихьиназул 150 чи рук1ине кколел руго чол рек1арал. Гьай-гьай х1ажалъулел руго чуял, ярагъ ва цогидабги.
Юбилеялда х1адурлъиялъулъ г1ахьаллъизе бегьула бокьараб росулъа г1адамал. Х1ажат буго наиб Х1ажимурадил юбилей, цебе Хунзахъ росдал юбилеялдасаги лъик1, г1ат1идаб х1алалъ т1обит1изе.
Х1ажатал хунжрул, хвалчаби, тунк1ал ч1езариялъул бицана лъималазул творчествалъул рукъалъул директор Раджабов Мух1амадица. 100 хвалчен заказ гьабун бач1инабулеб буго Кизляралдаса. Имам Шамилил мюридзабазул, пачаясул армиялъул рагъухъабазул рет1ел-хьит балагьиялъул бицана гьеб т1ад къарав районалъул бет1ерасул заместитель Г1абдуразакъов Асадг1алица. Гьединго, юбилеялде х1адурлъиялъул бицана районалъул бет1ерасул заместителал Батиров Саг1адулагьица, Гьит1инов Х1амидица, Хунзахъ росдал бет1ер Т1алх1атов Хизрица ва цогидазги. Т1адехун рехсараб гуребги, рукъизе кколел руго к1иябго рахъалъул байрахъал, ремонт гьабизе кколеб буго остановкаялда аск1об бугеб аркаялъе, х1адуризе кколел руго щибаб сценкаялъе дандеккарал бакънал.
К1алъазе рахъараз бихьизабуна нилъерго наиб к1одо гьавулеб тадбиралда г1ахьаллъизе дагьа-макъал чаг1и гурел, жигараб къаг1идаялъ г1адамал рач1ине ккелилан, рет1ел-хьит, ханжар-рачел гьабиялъулъ, балагьиялъулъ бажарараб кумекги гьабизе бегьилилан.
Данделъиялъул ахиралда киналго цо чиг1адин цадахъ рахъун, г1иллаби, г1узраби ратич1ого юбилеялде х1адурлъизе рач1ине ккелилан кьварараб к1алъай гьабуна Хунзахъа Хасавюрт районалъул Кокрек росдал школалъул учительница Мух1амадрасулова Пат1иматица.
Наиб Х1ажимурадил юбилей к1одо гьабизе рак1алда буго августалъул ахир – сентябралъул байбихьуда. Гьелда г1ахьаллъизе бокьаразда гьарулеб буго Хунзахъ советалде яги райадминистрациялде рач1ун хъвай-хъваг1ай гьабеян. Х1ажимурад ккола миллияв багьадур, гьев к1одо гьавизеги ккола г1аммаб г1ахьаллъигун. Гьабулеб лъик1аб г1амалалъе квербакъаги Бет1ергьанас.
П. Гунашева.
|