Суббота, 11.05.2024, 06:12 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Апрель » 29 » БАХ1АРЗАЗЕ ХВЕЛ БУК1УНАРО. ДУН ГЕНЕРАЛЛЪУН ВАХЪИНА.
20:12
БАХ1АРЗАЗЕ ХВЕЛ БУК1УНАРО. ДУН ГЕНЕРАЛЛЪУН ВАХЪИНА.

Унго-унголъунги Ват1ан бокьулез гьелъул  бах1арзазул къимат гьабула  миллаталъухъ, диналъухъ, жинс-рахъалъухъ балагьич1ого. Рик1к1адаб Челябинск областалъул Локомотивный поселокалъул № 2 школалда Россиялъул Бах1арчи Х1айдархан Х1ажиевасул ц1ар кьураб кадетазул корпусалъул х1акъалъулъ дагьаб цебег1ан бицун бук1ана районалъул газеталдасан. Гьал къояз Х1айдархан Х1ажиевасул  росу-ракьги бихьизе, г1агарлъигун, ракьцоялгун дандч1вазеги, гьесул х1акъалъулъ ц1ех-рех гьабизеги Дагъистаналде рач1ун рук1ана Х1ажиевасда цадахъ рагъулаб хъулухъ  гьабулев вук1арав, кадетазул корпусалъул куратор Александр Алексеевич Спасибенко ва  школалъул музеялъул нухмалъулев, Х1айдархан Х1ажиевасда цадахъ  ц1аларав  Юрий Николаевич Дорош.

Т1оцере гьалбал щвана Х1айдархан  Г1абдулмаликовичасул Ват1ан Харахьи росулъе.

Жидер росуцояв к1одо гьавун, рач1арал гьалбадерида дандч1вай гьабуна  херехьдерил бегавул Мух1амадкамилов Саг1идица, росуцояз, Бах1арчиясул г1ага-божараз.

Районалъул нухмалъиялъул рахъалдасан гьалбадерида дандч1вай гьабуна гьесул заместитель Батиров Саг1адулацаги.

Школалда Х1айдархан Х1ажиевасул сураталда бер ч1вайдал, гьел рак1 къвак1арал бихьиназул бадиб маг1у хуланилан бицана  херехьдерица. Александр Алексеевичас ва Юрий Николаевичас жидеего хириявлъун, г1агаравлъун лъугьарав маг1аруласул г1умруялъул киналго лах1затал ц1ехана гьесул г1агарлъиялда. Гьалбадерица данделъаразе бицана жидерго рак1азулъ кинавлъун рагъулав гьалмагъ хут1аравалиги.

А.А.Спасибенко: «Х1айдар Х1ажиевичги дунги ц1алана цого рагъулаб училищеялда Ростовалда бат1и-бат1иял соназ. 1989-1991 соназ нижеца цадахъ рагъулаб хъулухъ гьабуна Челябинский областалъул Карталиялъул ракетнияб дивизиялда. Х1. Х1ажиев вук1ана дир командир. Гьев вук1ана  кьварарав, нижерги поселокалъул г1адамазулги т1алаб-агъаз гьабулев, ц1одорав, гъорлъ восарав, рак1 рагьарав чи.

Х1айдар Х1ажиев хванилан абураб хабар дие лъугьана ц1акъ зах1матаблъун. Гьединав инсан т1ок1ав вижуларо дунялалда. Гьесул Ват1аналъул, халкъалъул, гьев вач1араб бак1алъул лъазе бокьиялъ рач1ана ниж гьанире. Нижеда бич1ч1ана гьадинал зах1матал шарт1азда г1умру гьабун  ругеб халкъалъул бах1арчиял гурони г1адамал рижулареблъи». А. А. Спасибенкоца бицана Х1айдархан Х1ажиевасул ц1аралда бугеб кадетазул корпусалъулги.

Ю. Н. Дорош: «Х1айдархан Х1ажиевги дунги цадахъ ц1алана. Ц1алулеб мехалъго гьес абулаан жив генераллъун вахъине вугилан. Рагъулаб хъулухъ – гьеб бук1ана гьесул г1умрудул нух. Дида Х1. Х1ажиев ахирисеб нухалъ вихьана 1993 соналда. Гьесул хвел дие бук1ана бак1аб кьабилъун. Кадетазул корпус рагьиялъул предложение гъираялда къабул гьабуна Локомотивный округалъул бет1ер, ракетчилъун вук1арав А. М. Мордвиновас. Корпус г1уц1изе т1оцебесеб соналъ гьес биччана 1 млн. гъурущ, музей гьабизе 500 азарго гъурущ. Нижер музеялда буго 2500 сурат, азаралда хадуб т1аг1ел (оригинал)» .

А. А. Спасибенкоца ва Ю. Н. Дорошица цадахъ рач1ана нилъер  районцоясул ц1ар кьураб «Гаджиевец» - газета, школалъул музеялъул ва кадетазул корпусалъул х1акъалъулъ рахъарал буклетал ва цогидабги материал. Лъик1аб гьоболлъиги гьабун, гьудул гьалмагълъиги лъазабун, С. Батировасул нухмалъиялда гъоркь гьалбал щвана Макьасде. Нилъер  муг1рузги, берцинаб т1абиг1аталъги пана гьаруна гьалбал. Гьениб бугеб нилъер цойги машгьурав бах1арчи наиб Х1ажимурадиеги гьесул х1акъалъулъ асар хъварав к1удияв классик Лев Толстоясеги бараб памятникги  кутакалда бокьана гьалбадерие. Каранда чанги шапакъатал рарал, отставкаялде аниги, жал рагъухъабилъун хут1арал г1адамаз жидерго миллат, динцояв гурев чиясул – Х1айдар Г1абдулмаликовичасул гьабулеб бук1араб адаб-хъатир, гьесул х1акъалъулъ гьезда лъалеб бук1арабщинаб, гьезие гьев унго-унголъунги вокьулев вук1арав куц бихьидал, рек1ее к1удияб асар гьабуна нижее – «Росдал зах1матчиялъул» редактор Фатима  Мух1амадовалъе ва корреспондент – Пат1имат Гунашевалъе. Нижеда рак1алде ккана щай нилъеца нилъерго г1адамазул гьаз г1адин адаб-х1урмат гьабуларебилан. Унго-унголъунги ине  рук1аралищха нилъер г1адамал кидаялиго  цадахъ хъулухъ гьабулев вук1арав гьалмагъ рак1алде щвезавизелъун гьесул  рик1к1адаб росулъе? Гьалбадерица нижее  бицана чангияз Дагъистаналде унгейин, гьениб х1инкъараб ах1вал-х1ал бугин абулеб бук1анилан. Хадусеб нухалъ гьалбадерида рак1алда буго кадеталги рачун Дагъистаналде рач1ине.

Макьасдасан гьалбал рачана Ц1ада росулъе хъах1ал къункърабазе бараб памятникалъухъе.

Нахъисеб къоялъ Харахьи гьоркьохъеб школалъул учительница Ильясова Гулишатгун цадахъ Александр Алексеевич ва Юрий Николаевич дандч1вана республикаялъул ТОКСовцалгун, гьезул нухмалъулев, генерал-майор Г1умар Муртазаг1алиевгун. Киналго цадахъ ана К1удияб Ват1анияб рагъда  хварал солдатал рукъараб хабзалалъе. ТОКСалъул т1оцевесев командир Н. А. Подорожниясул ва солдатазул хобазда, гьел  к1одо гьарун  лъуна т1угьдулги.

А. А. Спасибенкоца ва Ю. Н. Дорошица г1ахьаллъи гьабуна Мах1ачхъалаялда  т1обит1араб районалъул студентазул форумалдаги. Гьенибги Александр Алексеевичас бицана Х1айдархан Х1ажиевасул х1акъалъулъ.

Дагъистанги, гьелъул г1адамалги, генераласул росу-ракьги бокьун, бихьараб-лъаралдасаги разилъун, нахъе-нахъеги  Дагъистаналде рач1ине хьулгун, т1адруссана гьалбал Локомотивный поселокалде.

100 сон баниги, араб лъач1ого ун  батула г1умру. Цадахъ х1алт1аразул, рук1аразул, лъалезул къимат гьабизе киназего тавпикъ кьеги, цоцазда киналго яцал-вацаллъун рихьаги.

П. Гунашева 

Просмотров: 1411 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz