Хъизаназе ва лъималазе социалияб кумек гьабиялъул централда
зама-заманалдасан т1орит1ула бат1и-бат1ияб махщалил ва ригьалъул г1адамазулгун
дандч1ваял.
Гьаб нухалда гьениб т1обит1ана Социалистияб Зах1маталъул
Бах1арчи, 2 Ленинил орденалъул лауреат,
СССРалъул Верховный Советалъул депутат, Хунзахъ, Хьаргаби, Казбек, Гъуниб
районазда КПССалъул райкомалъул 1-сев секретарьлъун х1алт1арав Махулов
Мух1амадилгун ва зах1маталъул ветеран,
г1умру Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалда звеноводлъун арай Къебедова Залмулгун дандч1вай.
Цадахъго дандч1ваялде ах1ун рук1ана Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб
школалъул ц1алдохъабиги.
Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчи Махулов Мух1амадица
ц1алдохъабазе бицана К1удияб Ват1анияб рагъалъ советияб халкъалде, гьездаго
цадахъ лъималаздеги росун рач1арал к1удиял балагьазул. Рагъ байбихьун
т1оцебесеб къоялдасанго т1олабго
халкъалда цадахъ Ват1ан ц1унизе миллионал г1исинал лъималги рахъиналъул. – Школлъималаз жигар бахъулеб
бук1ана ч1ах1иязе кумек гьабизе продуктал росизе, рагъулал частазде снаряжениял, рет1ел бит1изе, лъукъарал
рагъухъабазе квен босун ине, тракторазе
запасалъулал частал, металлолом бак1аризе. Лъида лъаларел Лёня Голиковасул,
Зоя Космодемьянскаялъул, Павлик
Морозовасул ва гьел гурел цогидалги школлъималазул гьунарал: Лъималаз лъазабулеб
бук1ана фашистазул штаб киб бугебали, рук1ана гьел разведчикаллъунги.
Нилъер районалъул лъималазги кумек гьабулеб бук1ана
колхозчаг1азе хурзал ч1аразе, рухъизе, бач1ин бак1аризе, фронталда ругезе хинаб
рет1ел х1адурулезе кумек гьабизе.
Школлъимал рук1ана кибго мисалияллъун. Мух1амад Махуловичас
ц1алдохъаби ах1ана лъик1 ц1ализе, г1агараб Ват1ан бокьизе, нилъер районги,
росуги ч1ух1арал г1адамаллъун рахъине.
Х1алт1ул гурого мац1 лъаларей, росдал маг1ишаталъул х1алт1и
цебехун бачунелъул кибго цересезул кьеразулъ ч1арай Залму Къебедовалъ лъималазе
бицана кинаб зах1мат-г1акъуба бихьун цебесеб г1елалъ колхозалъул маг1ишат
г1уц1ун бук1арабали. Бихьулеб къоялде, унеб заманалде рач1инч1ого
колхозруччаби, гьездаго цадахъ лъималги
х1алт1улел рук1араб куцалъул.
Залмуца лъималазда
бич1ч1изабуна чадил къимат
гьабизе ккей, зах1мат бихьич1ого рах1ат
бук1унареблъи, г1иц1го телефоназдеги, компьютераздеги руссун рук1инч1ого
маг1арде г1и-боц1и хьихьизеги ине,
харибак1азда хер бециялдаги
г1ахьаллъизе, ах-хуралда бач1ин г1езабиялда гъорлъги гъеж гурун х1алт1изе.
Н. Г1алиева
|