Пятница, 19.04.2024, 15:59 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2020 » Август » 26 » Т1ОЦЕВЕСЕСУЛ ЮБИЛЕЙ К1ОДО ГЬАБУНА.
21:15
Т1ОЦЕВЕСЕСУЛ ЮБИЛЕЙ К1ОДО ГЬАБУНА.

6 августалда т1олабго Дагъистаналдаго к1одо гьабуна республикаялъул т1оцевесев президент, философиял г1елмабазул доктор, жамг1ияв ва политикияв х1аракатчи, нилъер ракьцояв Мух1у Г1алиевасул 80 сонилаб юбилей.

4 августалда Мух1у Гьиматовичасул призазе г1оло, гьесул г1агараб Т1ануси росулъ т1орит1ана волейболалъул рахъалъ республикаялъулаб турнир. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна 6 росдал командаялъ. Турнир г1уц1ун бук1ана райадминистрациялъул ва цо-цо сахаватчаг1азул х1аракаталдалъун. Х1алуцарал х1аязул х1асилалда бергьенлъи босана т1анусдерил командаялъ, к1иабилеб бак1 ккуна Гьолокь росдал командаялъ, лъабабилеб бак1алде рач1ана балъхъадерил волейболистал. Бергьарал ва призалъулал бак1ал ккурал командабазе кьуна кубок, грамотаби, дипломал, медалал ва г1арцулал сайгъатал.

6 августалда Г1алаг1арт майданалда т1орит1ана Мух1у Гьиматовичасул призазе г1оло чуял риччаялъул къецал. Волейболалъул турниргог1адин чуял риччайги г1уц1ун рук1ана райадминистрациялъул ва цо-цо сахаватчаг1азул х1аракаталдалъун. Гьениб г1ахьаллъана т1олабго Кавказалдаса 45 ялдасаги ц1ик1к1ун чу. Бергьарал к1одо гьаруна г1арцулал сайгъатаздалъун. Гьелдаса хадуб райцентралда Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб маданияталъул к1алг1аялда т1обит1ана тадбиралъул байрамалъулаб бут1а. Гьениб жанах1алъуб церелъун рук1ана Мух1у Г1алиевасул г1умруялъул бицунел суратал. Гьенибго г1уц1ун бук1ана умумузул квен-т1ехалъул цебелъейги. Г1одор ч1аразда бихьизабуна Дагъистаналъул т1оцевесев президентасул х1акъалъулъ бахъараб документалияб фильмги. Баркиялъулаб к1алъайгун дандеруссин рагьана районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас.

«Бит1ун бицани, г1езег1ан зах1матго бук1ана Мух1у Г1алиевасул 80 сонилаб юбилеялда хурхараб тадбир гьесул гьит1инаб Ват1аналда г1уц1изе. Дагьаб цебег1ан нилъеца нахъа тараб коронавирусалъул пандемияги х1исабалде босун, Мух1у Гьиматович т1ирт1ирун ч1ун вук1ана жив гьавураб къо к1одо гьабизе кколарилан. Гьесие кидагог1адин ургъел бак1ана г1адамазул х1акъалъулъ ва бокьун бук1инч1о жиндир юбилеялъе г1оло г1адамалги данде рак1арун гьезул сахлъи х1инкъиялде гъоркье ккезабизе. Суал кьезе бегьула гьаб юбилей лъие къвариг1араб жоян? Живго Мух1у Гьиматовичасейищ яги нилъеейищ? Жаваб киназдаго лъалеб батила-гьаб байрам т1обит1изе кколаан Хунзахъ х1инкъи ц1ик1к1араб заман бук1аниги, бук1ине кколеб ц1уна-къайги гьабун ва гьеб х1ажат буго нилъ киназего.

Жакъа х1ажалъи гьеч1о милатазда гьоркьосеб рекъел щулалъиялъе, пачалихъияб г1уц1и лъик1лъиялъе, бак1алъулаб нухмалъи ва демократиялъулал институтал церет1еялъе  Мух1у Гьиматовичас гьабураб к1удияб х1алт1ул бициналъул. Нилъ рохизе ккола гьев г1адамасул ях1-намус чорхолъ ц1унарав политик ва г1алимчи нилъгун вук1иналдаса. Жиндирго юбилейги гьес хъизан-лъималгун ва г1ага-божаралгун г1адатияб къаг1идаялда к1одо гьабулеб буго. Нилъ ч1ух1изе бегьула гьесул г1акъиллъиялъул, лъаялъул ва г1умрудул бечедаб х1албихьиялъул дарсал  росизе рес бук1иналдаса. Гьединлъидал халкъалъе гьесдехун бугеб божилъи ва адаб-х1урматги ккола щаклъи гьеч1еб х1ужалъун.

Мух1у Гьиматовичасул ц1ар хъван буго улкаялъул тарихалда, щайгурелъул, гьесул г1умру жиндирго Ват1аналъул ва халкъалъул интересазе рак1бац1ц1адаб ва жавабияб хъулухъ гьабиялъул мисаллъун кколелъул. Пашманлъизе ккараб жо буго дие Мух1у Г1алиевгун цадахъ х1алт1изе щвеч1олъи, амма жакъа дун кутакалда вохула гьевгун гара-ч1варизе, г1акълу данд базе рес бук1иналдаса. Гьединго дида лъала Мух1у Гьиматовичасе киданиги, хасго живго гьавураб къоялъ, рецц-бакъ бокьулареблъи ва гьеб къоги гьес щиб бугониги бицине х1алт1изабулеблъи. Бокьун буго жакъа Мух1у Гьиматовичасда баркизе, ва г1агараб ракьалде бугеб рокьиялъухъ, гьелъие г1оло гьабураб х1алт1ухъ баркала кьезе»,- ян абуна гьес.

Гьединго юбилярасда байрам баркун к1алъаял гьаруна районалъул цересел нухмалъулел, Дагъистаналъул ПФРалъул нухмалъулев Мух1амад Г1исаевас, Гъазиев Гьит1инамух1амадица, районалъул жамг1ияб палатаялъул председатель Раисат Г1усмановалъ, Мух1у Г1алиевасда цадахъ х1алт1арав Г1абдулхабир Г1акъиловас ва цогидазги. Тадбир берцин гьабун бук1ана к1алъаязда гьоркьоб районалъул культураялъул х1аракатчаг1аз ах1улеб кеч1-бакъаналъ ва театралияб церерахъиналъги.

И. Мух1амадов.        

Просмотров: 428 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz