Среда, 24.04.2024, 06:55 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2020 » Июль » 28 » РЕДАКТОРАЛЪУЛ ЦЕБЕРАГ1И.
20:21
РЕДАКТОРАЛЪУЛ ЦЕБЕРАГ1И.

Хунзахъ район буго тарихги бечедаб, тарихалда лъалк1 тарал умумулги г1емераб, гьезул ирс босарал васазги ясазги жакъасеб къоги берцин гьабураб ракь. Бокьараб росу босаниги, республикаялдаг1аги раг1арав чи камураб бак1 цониги гьеч1о. Рихьулел лъалк1ал тана нилъер ракьцояз г1умруялъул киналго бут1абазда: политикаялдаги экономикаялдаги, г1елмуялдаги, адабияталдаги, маданияталдаги, жамг1иял ишазулъги.

Амма лъалебищха нилъеда, хасго г1олеб г1елалда гьезул ишалги х1аракатчилъиги, г1умруги бергьенлъабиги. Лъалелги ратила, лъалездаса г1емер ц1ик1к1ун лъаларелги ратила. Лъалез т1адруссун пикру гьабизе, лъаларезе мисаллъун бук1ине «Росдал зах1матчи» газеталъул редколлегиялъ х1укму гьабуна нилъер машгьурал, лъугьарал хъизамазул бицарал райгазеталъул хасал номерал мех-мехалъ риччазе.

Гьаб номер сайгъат гьабулеб буго Т1ануси росулъа Хуриса Г1алил к1удияб хъизамалъе. Микьго лъимал г1езарун руго Г1алицаги Пат1иматицаги лъик1аб тарбия-лъай кьун. Гьезул щивасда батун буго г1умруялда жидерго нух, бокьулеб иш, г1адамазда гьоркьоб машгьурлъи, х1урмат. Маг1арулазул «кьалбаз кколин гъвет1илан» абиги бугелъул, гьаниб къокъго бицина Г1алиевазул рукъалъул бет1ер-Хуриса Г1алил. Гьев вук1ун вуго кутакалда пагьму бугев, маг1арул мац1ги халкъиял к1алзул асаралги лъик1 лъалев чи. Маг1арул кицабаздалъун ва абияздалъун к1алъалев вук1ун вуго гьев г1адамазда. «Хуриса Г1али»ян т1ок1ц1арги бач1араб буго гьес жиндирго хур бук1араб бак1алда мина гьабун бук1иналъ. Г1али кколаан К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи. Рагъда лъукъизеги лъукъун, кверги г1айиблъун вуссуна гьев росулъе. Цинги гьев х1алт1ун вуго Т1ануси росдал советалъул председательлъун, «Машгьурал г1адамал» колхозалъул председателасул заместительлъун. Амма гьесул г1умрудул аслияб бергьенлъилъун рик1к1ине бегьула «Хуриса Г1алил г1адал лъимал лъугьаги» ян районалъул г1адамаз рахьи балел г1адал лъимал г1езари. Гьеле гьев Хуриса Г1алил агьлуялъул бицараб буго нижер газеталъул гьаб номерги.     

 

ХУРИСА Г1АЛИ

(Поэма)

I

Хаслихълъи аниги, хасел щун гьечӀо,

ХарибакӀалъ бессун буго гӀубиллъи.

ГӀакарода хъахӀаб гӀазулаб чалма

Чучго буго, хъахӀал хӀулабалъ къараб.

Гьедин буго, Г1али, жакъа ТӀануси,

ТӀогьол расалъаби пашманго руго,

Бакъуде буссараб дур цӀорол рагъи,

МатӀулъун паркъола тӀалъиялда тӀад.

Лъалеб хиси гьечӀо жакъа ТӀанусиб,

Лъималги гьарула, хералги хола.

Хасел гӀагарлъулеб магӀарухъ жакъа

Мун дандчӀвалев гьечӀо гьалбадерида.

 

II

Киб кьерундай бугеб хвел, хадуб аскӀобе къазе,

Хуриса Г1алил гӀумру ГӀаршалде босун ине.

Цогиги гӀадатияб гӀурдада бугеб тӀегь тӀун,

ТӀалъиялъул гӀакълуда гӀадалъ чӀимих речӀчӀизе.

РичӀчӀулел гьечӀо дида дуниялалда цӀарал,

ЦӀаларал чагӀийилан, академикалилан.

Академия буго инсанасул гьаб гӀумру,

ГӀалие гьелъ кьун буго Хуриса вугин абун.

 

Дида тӀокӀалъ борхалъи лъаларо дунялалда

Дир Хуриса василан росдаца аби гӀела.

КӀодолъи балагьулел, ригьани щиб цодагьалъ,

ЦохӀо хурулгин бугеб бухьеналъул пикрабалъ.

Борце гьелъул гӀаршиналъ, лъазе бокьун батани.

Хурзал гьелчолел руго, гьорохъе ралъад гӀадин,

ГӀубилал тӀорал руго, тӀад бараб полоп гӀадин.

Г1али, кинаб дур хурго, хаслихълъиги щун бугин,

Щайзе мун вахъунарев хӀатӀица тӀор хъуризе.

Хъиру гӀадал квераца кодобе гьебги босун,

Барщун бугищан абун гьорохъе гьеб биччазе?

Кици тӀамун гурони, цо рагӀиги абичӀин,

Абиязул бицине досде щварав вукӀинчӀин.

ЧӀинхалги ракӀаричӀин, цогидазда речӀчӀизе,

БичӀчӀулелъе гурони, цоги къиматги кьечӀин.

Кьили гьечӀеб чуялда рекӀунев чи вукӀинчӀин,

Борхалъуда вугогӀан гӀодоблъиялда чӀанин.

БетӀерги дос къуличӀин, цохӀо Бичасе гуреб.

Суждаялдаги чӀечӀин, гьесул цӀаралъе гуреб,

ЦӀадирабазда лъуни Хуриса ГӀалил гӀумру,

ГӀодобехун лъикӀлъабаз лъалаго цӀикӀкӀун цӀалин.

ЦӀали гӀемер кӀудияб гьабизе щвечӀониги,

Гьаб дунялалъул гӀелму гӀунги тӀокӀги букӀанин.

ЛъикӀлъи гьабизе щвани, кӀудияв гӀолаанин,

ГӀабдалгун къацандулев цохӀониги рагӀичӀин.

КӀудияб хъулухъалда лъимал рукӀананиги,

Щибниги хисараб жо хасияталъул ккечӀин.

Ккараб бакӀалда рагӀи бакӀго бегулаанин,

Рихьдае чи вукӀинчӀин, чӀвараб магӀлъун гурони.

Дие гьениб бицана, бицалъе живгоги ун,

Ахирияб нухалда хадур ралагьун тараз.

Жинцаго къедги гьабун, къарал хабалазулъе.

Хурисев тӀовитӀарал тӀанусесул гӀадамаз.

III

Хьиндаллъуде цӀадал, магӀарухъ накӀкӀал,

Мун унтул бусада, васал рикӀкӀада,

Дунгун академик ГӀабдурахӀманов,

Духъе щвезе рачӀун, чӀун руго аскӀор.

Гьал хурзалгун гӀалхал квер хьвагӀунги тун,

Какил суждаялда Хуриса Г1али,

Херас цере ккурал ччоборал кверал,

Кинабго ракьалъе гьарулеб рахӀмат.

РачӀанищ, щванищан квералги рачун,

Какдаса хадув мун нижгун кӀалъалев,

КӀудияб дуниял, цӀадакьги кьерун,

ГӀадатияб харбихъ гӀенеккун буго.

Дуда ургъел буго, регьел гӀемерлъун,

Хуриб хутӀун бугеб хӀалухъиналъул,

ХӀалигъун чвахулел цӀадазги чурун,

ТӀалъиялде чабхил нухал хвеялъул.

Кициялда хадуб кициги тӀамун,

ТӀалъиялъул къисса буго рехсолеб.

ТӀей гьечӀеб гӀумрудул даимаб рухьен,

Мунгун бухьун бугин ккола ракӀалде.

РикӀкӀа-рикӀкӀадаса умумулги щун,

Дозулгун накъиталъ ругел кинниги,

ГӀалигун кӀалъарал лахӀзатал ана,

Къилба цӀехон унел къункъраби гӀадин.

ГӀажаибаб гӀелму гӀадатлъиялъул,

ГӀумру бичӀчӀиялъул, гӀадан лъаялъул,

Лъалеб буго жакъа щаяли дида

Щулаго хуралда дур цӀар бухьараб.

 

IV

ХъахӀал къункъраби руго къилбаялде роржунел

Жидерго къуркъуралда къо-лъикӀги гьабун унел.

Амма Г1алил рагъида замана лъалхъун буго,

Гьасие хӀадураб бакӀ буго лъозул кьеразулъ.

Ана дагьабго заман, дица кьолел суалал,

Гьаваялда хутӀана, гьечӀо Хуриса Г1али,

Хабар щвана, анин дов абадияб рокъове,

Къанабакь кьижанин дов тӀанусдерил хабалалъ.

Хадур ралагьун танин бащарал богӀол хурзал,

ГӀалиго ГӀалийилан угьдулеб гьаб дуниял.

 

V

Дица цӀехана гӀумру Г1алил кин арабилан,

Абадияб ракьалда цӀар кинаб тарабилан?

Цояз дие бицана цо къо бачӀанин тӀаде,

ТӀолабго улкаялъул каранда цӀа хурхараб.

Хуриса Г1али битӀун завалалда вукӀаго,

ВачӀун бидулав тушман кавуялда квалквалеб.

Чанги гӀолохъабаца чуязда кьалал лъунин,

Кьалде унезда гьоркьоб гьесулги цӀар букӀанин,

ГӀемерал тӀадруссинчӀин, хобал рикӀкӀада ругин,

Гуллица гъежги лъукъун, рокъове гьев вуссанин,

Рагъул бахӀарчилъидал бицунебги рагӀичӀин,

РакӀчӀараб жо, кьалъулъ гьев кьерулев чи вукӀинчӀин,

Досул гӀадат букӀинчӀин жиндидего кӀвар кьолеб.

Цойгидаца абуна, рагъалъ чӀунтизабураб

МагӀишат гӀуцӀаразулъ ГӀалилги захӀмат бугин,

Бищун хӀажатаб мехалъ тӀанусдерил магӀишат

Гьесул бетӀерлъиялда цебетӀезе лъугьанин.

Лъабабилес бицана, гуллица борлъараб гъеж,

Гьавагин бакъ борцунеб барометра букӀанин,

БукӀаниги, гӀажизал Г1алил килщаз кинниги

Зурмаялда бачунеб бакъан жинда рагӀичӀин.

Хадуб тӀаде жубана, магӀарул пандуралда

Пана гьарулаанин, гьес кодобеги босун,

Хъвалеб куцги букӀанин лъиданиги релълъинчӀеб,

БожичӀони гьикъейин, бокьарав дов лъалесда.

Лълъарги борхулаанин, росу бахилаб куцалъ,

Цониги хӀетӀе тарун тирулев чи вукӀинчӀин.

КӀудияб хъизаналъул бетӀер вукӀаниги щиб,

Гьесул хинлъи щвечӀого цоги лъимер хутӀичӀин

Дос чанги къадал ранин, рукъзалги эхетанин,

Хабалги сверун къанин, ссанал щула гьарунин.

Батизе бегьула рухӀ гьесул нилъехъ балагьун,

БукӀана чанги хабар бицинилан гьесий тун.

Гьанже гьелъул пайда щиб, щобал регана бакъалъ

Щола дун ТӀанусиве – Г1али гьечӀеб росулъе.

Просмотров: 431 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz