Воскресенье, 05.05.2024, 22:46 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Октябрь » 29 » МУГ1АЛИМАЛГИ Ц1АЛДОХЪАБИГИ РАЗИЯБ.
23:28
МУГ1АЛИМАЛГИ Ц1АЛДОХЪАБИГИ РАЗИЯБ.

Учителасул х1алт1и буго бищунго т1адег1анаб ва бищунго къиматаб, щай гурелъул школалда ц1алич1ев, учителас дарс кьеч1ев, гьес куцач1ев махщалил устар цониги гьеч1елъул. Учителасда  кодоб буго бищунго жавабияб ва зах1матаб х1алт1и – лъималазе тарбия кьей. Т1олабго дунялалдаго г1адин, к1удияб рохалилаб ах1вал-х1алалда к1одо гьабуна учителасул байрам Т1ануси г1аммаб гьоркьохъеб лъай кьеялъул школалдаги. Гьеб школалъе байрам лъугьана к1иц1улги рохалилаблъун, щай гурелъул байбихьул классазул ц1алдохъаби гьез рахъинарун ругелъул жалго жидедаго ч1араб киналго квег1енлъаби  жаниб ругеб капиталияб ремонт гьабун  къач1араб  минаялъуре. Рохалилаб байрам рагьана школалъул класстун къват1ибехунисеб х1алт1ул г1уц1арухъан Х1. Абулпазлуевалъ. Хадуб гьелъ к1алъазе  раг1и кьуна школалъул директор  Хъ. Дибировасе. Хъайитмазица рек1елъ рохалил ва ч1ух1иялъул асаргун бицана исана ц1алул сон ц1алдохъабаз бач1инахъего лъик1ал бергьенлъабиги росун байбихьанилан. Районалда учителасул х1урматалда ц1алдохъабазда гьоркьоб т1обит1араб сольнияб коч1ол, «Кинавлъун вук1ине кколев учитель»,  «Юный художник» конкурсазда школалъул ц1алдохъабаз ккун руго цересел бак1ал. Гьес муг1алимзабазда байрам баркизе  рач1ун рук1арал  ц1алдохъабазда бич1ч1изабуна лъималазул ц1али ва гьезул хьвада-ч1вади муг1алимасе сундасаго цебесеблъун кколеблъи. Г1емерал соназ учительлъун х1алт1арав Мух1амадов Г1убайдулагьица Т1ануси школа дунялалдаго раг1изабурал Дагъистаналъул т1оцевесев Президент Мух1у Г1алиевасул, жиндир ц1аралъ школа  мустах1икълъарав, республикаялда г1емерал соназ х1алт1арав Шагьрудин Шамхаловасул, академик Шамил Г1алиевасул ва  цоги-цогидалги, ц1ар-ц1ар ккун рехсеч1рниги, школалда ц1аларал г1елмабазул докторазул, кандидатазул, росдалго церехъабазул мисалалда ц1ализе.

Хадубги к1алъазе рахъарал Гъазимух1амадов  Мух1амадица, Мух1амадова Бариница ва цогидалги байрам баркизе рач1арал муг1алимзабаз бич1ч1изабуна  киг1анго зах1матаб, амма харжал дагьаб х1алт1и учителасул  бук1аниги, школалъул коллектив къеркьолеб бук1ин муг1алимасул къадруяб ц1аралъе кидаго  рит1ухъаллъун рук1ине.

Рохалилаб байрам баркараб телеграмма бич1ун бук1ана Т1олгороссиялъул «Единая Россия» политикияб партиялъул Дагъистаналъул  исполкомалъ ва  политсоветалъги.

Муг1алимзабазда рохалилаб  байрам баркараб, гьезул къадруяб махщалие къимат кьураб, гьезие рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабураб церерахъин  бук1ана школалъул  ц1алдохъабазулги.

Данделъиялъул ахиралда Хъ. Дибировас школалда бищунго лъик1 ц1алулел 2 ц1алдохъанасе кьуна Шамил Гьиматовасул стипендия, церехун рехсарал конкурсазда бергьенлъи босарал ц1алдохъабазе кьуна грамотабиги.

Кеп-ихтилаталдалъун, махсаро-хоч1алдалъун, кванил ниг1матаздалъун бечедаб бук1ана муг1алимзабаз жидеего г1уц1араб данделъиги. Школалъул директорас лъималазе лъай ва тарбия кьеялъулъ рихьизарурал ч1ах1иял бергьенлъабазе г1оло муг1алимасул къоялъул х1урматалда Х1урматиял грамотаби кьуна историялъул учительница Абулпазлуева Х1алиматие, к1удияй пионервожатая Х1ажиева Пат1иматие, г1урус  мац1алъул ва литератураялъул  учительница Г1албулхаликъова Пат1иматие, байбихьул  классазул учительзаби Х1ажиева Парсих1атие ва Хат1ипова Нажабатие, зах1маталъул  дарсазул учитель Дибиров Мух1амадие.

Т1ануси гьоркьохъеб школалде ниж щвараб къоялъ байбихьул классазул ц1алдохъаби къаде кваналел ратана нижеда. Поварал: Мух1амадова Кусумица ва Киритова  Раисатица пиринч1ул каршги, чайги кьун  кваназарулел ругоан лъимал. Нижеца хал гьабуна лъималазул анкьил менюялъухъ. Гьенир рихьизарун ругоан рахьдал каршал: пиринч1ул, гречкадул, перловкаялъул, гьанал, г1анк1удал чурпаби гьанал пловал, чай, сокал, конфетал, печенаби. Гара-ч1вари гьабидал лъимал рази ругоан жидее  школалда  кьолеб  т1аг1амаб кванидаса.

Ниж щвана ц1иял классаздеги.  Киналго классазда руго  ц1иял компьютерал. Буго г1емераб берзулаб пособие, карточкаби. Лъимал ц1алулел лъун руго ц1ияб стандартазда рекъон. Гьез пайда босулеб буго  информациялъулгин коммуникативиял  технологияздасан.

Байбихьул классал рат1а гьариялъ школалъе рес щун буго т1адеги  искусствалъул, музыкаялъул, информатикаялъул, психологалъул, ИЗОялъул кабинетал рагьизе, кружоказе классал рат1а гьаризе.

 Г1емерал соназ байбихьул классазул учительницалъун х1алт1арай  Мух1амадова Бариница бицана ч1ах1иялги байбихьул классалги рат1а гьариялъ жидее г1иц1го парахалъи гуребги, лъай кьей щула гьабиялъе щварал т1ок1лъабазулги.

Н. Г1алиева

Просмотров: 787 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz