Четверг, 25.04.2024, 00:09 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2020 » Февраль » 20 » МАХУЛОВ МУХ1АМАД МАХУЛОВИЧ. Х1АЛТ1УЛАБ НУХ.
18:49
МАХУЛОВ МУХ1АМАД МАХУЛОВИЧ. Х1АЛТ1УЛАБ НУХ.

«Дун талих1авлъун вук1уна г1адатиял г1адамал ресалда г1умру гьабулел рихьидал ва нилъер умумул г1адин гьел х1алт1улел ц1алулел ругеб мехалда».

«Дида к1оларо г1адамаздаса т1ун вук1ине. Ц1акъаб жо буго коллективалда гьоркьов, гьелда г1амалги рекъезабун вук1ин».

1931 сон- Г1орот1а росдал байбихьул школалъул учитель.

1931 соналъул бащдаб лъаг1ел – Харахьи байбихьул школалъул учитель.

1937 – райОНОялъул методист.

1938 сон – комсомолалъул райкомалъул отделалъул нухмалъулев.

1940 сон – Хунзахъ районалъул партиялъул райкомалъул 1 секретарь.

  1. сон – Казбек районалъул КПССалъул райкомалъул т1оцевесев секретарь. СССРалъул Верховный Советалъул депутат. 1954 сон – Веденоялъул рищиязул округалдасан СССРалъул Верховный Советалъул депутат.

1960 сон – Хунзахъ КПССалъул райкомалъул 1 секретарь.

1973 сон – республикаялъул халкъияб хъаравуллъиялъул комитеталъул председателасул заместитель.

1980 сон – персоналияв пенсионер ДРялъул МВДялъул Ц1а ккеялдаса ц1униялъул хъулухъалъул Централъул начальник.

1980- лел соназ ДРялъул Пачалихъияб Советалда цебе бугеб Херазул Советалъулги Дагъистаналъул рагъул ва зах1маталъул ветераназул Советалъул президиумалъул член.

Г1асруялъул нухдасан

М. Махуловасул рак1алдещвеяздаса

Дун партиялъул Гъуниб райкомалъул секретарьлъун х1алт1улеб мехалда, Ц1адаса Х1амзат вихьизавун вук1ана СССРалъул Верховный Советалъул депутатлъиялде кандидатлъун. Цо нухалда Гъуниве вач1арав Х1амзатги цадахъ рук1арал чаг1иги, дандч1ваялдаса хадур дица рокъоре рачана. Столалда т1ад квана-гьекъолеб жо лъун бук1ана дирго ресалда рекъон. К1удияб ресалда гьеч1ониги, Х1амзат вач1иналдаса вохун, к1вараб жо гьабун бук1ана. Гьеб стол бихьараб мехалда, Х1амзатица дунги дир хъизан Саг1адатги цогидаб рокъоре ах1ана. Гьес гьикъана:

- Мух1амад, столалда т1ад бугеб бечедаб ниг1мат колхозалъулищ яги х1алалаб, бац1ц1адаб нужерго зах1маталъул бечелъийищ?

- Х1амзат, дуда дун к1очонищ тарав, райкомлъун т1амуниги, дун довго Махуласул Мух1амад вуго, - абун жаваб кьуна дица.

Цинги ч1ана столалда нахъа… Балагьеха нуж Х1амзатил рек1ел бац1ц1алъиялъухъ. Гьединин абулеб жакъаги Х1амзат т1адег1анаб ях1-намусалъул чи вук1анилан.

*** *** ***

Дол лъеберабилел соназда халкъалъе зах1маталъулаб тарбия кьолаан партиялъ, комсомолалъ, интеллигенциялъ. Гьабураб х1алт1ухъ г1адамазе зах1маталда рекъараб мухьги кьолаан. Балагье жакъасеб къоялъухъ, чан г1олохъанав, х1алт1изе бажари бугев чи «инвалидлъун» ватулев вугевали, х1амул г1адал къуватал г1олохъаби руго х1алт1и гьеч1ого, г1иси-бикъинаб жо бичун, базаралда тира-сверулел. Ялъуни, гьезул г1емерисел ратула жидер эбел-инсул пенсиялъ бет1ербахъулел. Туснахъал ц1ун руго г1олохъабазул. Г1адамазулъа билулеб буго инсанасулаб хасият, г1агараб сверухълъиялде ва жиндирго Ват1аналде бугеб рокьи. Цебеялде данде ккун, ц1алиги реххун толеб буго лъималаз, гьанжеги хадубккунги гьеб ц1алудаса жидее щвезе щибго пайдаяб жо гьеч1еб г1адин. Школазда, предприятиязда т1орит1улел дандч1ваязда к1алъалаго, дица кидаго ах1ула лъимал ц1ализе. Г1иц1го лъик1 ц1алиялъ кьезе буго нилъее барщараб ва т1аг1амаб пихъил бач1ин.

*** *** ***

Г1умру халалъиялъул балъголъиялъул х1акъалъулъ

Бат1иял балъголъаби гьеч1о. Цеве дун радал к1иго-лъабго километраялъ векерулаан, гьанже гьебго манзилалда г1едег1ун вилълъанхъула. Къаси вегилалде цебе, к1иго саг1аталъ тира-сверула минаялдаса г1емер рик1к1ад гьеч1еб ахикь. Такрарлъаниги, рак1алъеги черхалъеги лъик1аб асар гьабулеб батана г1адамазда гъорлъ, гьелгун берцинго вук1иналъ. Киг1ан зах1матаб х1алалде кканиги, ццин бахъиналъ, хехдариялъ зарал гуреб, кумек гьабуларо.

*** *** ***

Как буго, хасго гьит1инго, чиясул рек1елъ рокьи бижани, бигьаго тезе к1олареб иш, амма гьесул гьелде гъира-шавкъ гьеч1они, рагьунги т1адч1унги чиясда как гьуин гьабизе зах1малъула.

Дир васасул вуго Ах1мад абулев вас. Гьесда малъун бук1ана г1адатияб къаг1идаялъ как базе. Амма гьес гьелда г1ей гьабич1о, т1адч1ун лъазабуна гьеб камил гьабиялъул къаг1идаби ва хадур-цере ралел суннатал. Унго, гьес как балеб мехалда дир рек1ее гьабулеб асарха, т1аса бер босич1ого валагьун вук1ине бокьула. Как гьуинлъи ккола иман щулалъиялъул г1аламат. Дун вук1ана гьесда абулев, Ах1мад, жеги хъизан гьабич1ев гьит1инав чи вугин, лъабго моц1рол к1алалг1аги кквеч1ониги, Аллагь т1аса лъугьинев ватилилан. Гьев дида разилъич1о.

Диегоги гьит1инго гьуинлъана как. Цох1о Хунзахъ гуро дун партиялъул райкомалъул т1оцевесев секретарьлъун х1алт1арав, гьединго нухмалъи гьабуна цо-цо цогидал райкомазеги ва, рес бук1ун, теч1о как, ккуна к1алалги. Амма дица какал рач1о г1адамазда цере, гьезда вихьуледухъ ва ралаго, нужехъе редакциялде хъвавухъе, дида т1аде чи ккеч1о. Командировкаялъ вугеб мехалда какал разеги к1алал кквезеги санаг1алъи рекъолароан. Кин бук1аниги, партиялъул райкомалъул т1оцевесев секретарьлъидалха дун вук1арав.

Какалги разе бегьулаан рокъор, к1алалги кквезе бегьулаан, г1ибадат гьабизеги бегьулаан живго жиндаго ч1ун. Нилъго, ай г1адамал квешлъана, х1инкъана, цоцаздасан г1арзаби хъвана, мажгитазде мугъ рехана. Мисалалъе, Хунзахъ бук1ана щуго мажгит. Мун божа, лъицаниги буюрухъ кьеч1о гьел къайилан. Г1адамаз х1инкъиялъ рехун тана. Цин гьел сверана клубазде, хадур колхозазул складазде. СССРалъул Конституциялъ изну кьолеб бук1ана г1адамазул 75 проценталъ т1алаб гьабуни, мажгит рагьизе. Дагьаб гуро дица цо-цо г1адамазда х1инкъуге, хъвай гъулбасалги рак1арун г1арзайилан бич1ч1изабураб, амма х1инкъана.

Казбек райкомалъул т1оцевесев секретарьлъун х1алт1улеб мехалда, дун вук1ана СССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун. Цо нухалда сессиялдаса вач1унаго, Хасавюрталде дандч1вазе вач1арав шоферасда районалда бугеб хараб ц1ехедал, гьес бицана Абуязид х1адурлъулев вугила мун т1адвуссинег1ан мажгит рагьизе абун. Абуязид вук1ана Дилималда вугев ц1аларавилан абулев чи. Дида лъалаан гьесие дун мах1ниги вокьулареблъиги. Дица х1аракат бахъана гьевгун дандч1вазе ва абуна:

- Абуязид, дица нужер мажгит къанищ? Къач1о. – Дица дуеги ва цогидазеги гьеб рагьизе гьукъун бугищ? Гьеч1о. Гьесул абизе раг1и батич1о. Дица исполкомги ах1ун абуна гьесие мажгит рагьизе кумек гьабейилан ва малъана гьабизе кколеб жоги. Абуязид разилъана ва, цоги нухалда вач1ун, т1аса лъугьайиланги гьарана.

Дир ц1акъ рак1 хвезабун бук1ана цо-цо ц1аларалилан ругел чаг1аз адабиялъ диналда данде кколарел жал такрар гьариялдалъун. Масала, Хунзахъ вугеб мехалда дихъе хабар щвана хварав чи вукъулев гьеч1илан. Хадуб баянлъана гьел диниялилан абулез, жидее оцги хъун гьанал паял рач1инч1огойилан, жаназа букъиялъул т1алаб гьабулеб гьеч1олъи. Доб мехалда, рес бук1а-бук1унге, г1адатлъун билълъанхъизабулеб бук1ана хваразда хадуб оцал, х1айванал хъолеб, гьезул гьан хабалалъги росабалъги садакъаде бикьулеб къаг1ида. Дун данде вахъана шарг1алда бихьизабун гьеч1еб, мискинзабазе бак1аб гьирлъун кколеб гьеб г1адаталде. Дандч1вана г1елму бугеллъун рик1к1унел Г1ахьалч1иса Х1ажиясул Мух1амадгун, Лъаг1илухъа Шангерейгун, Хунзахъа Х1измух1амадгун ва гьезда гьарана хвалилъ х1алт1изарулел фаризаял гурел жалазе ахир лъезеги, г1арабиязул улкабазда, масала, Саг1удиязул Г1арабиялда, хвел букъиялъул бугеб низам районалда билълъанхъизабизеги кумек гьабеян. Лъик1аблъун бихьизабуна гьеб суал районалъул активалъул данделъиялда гьоркьоб лъезе. Гьарана гьениб нужер цояс к1алъай гьабейиланги. К1алъазе разилъана Шангерей. Клуб ц1ураб халкъалъ г1ахьаллъиги гьабун, данделъи т1обит1ана. Районалъул халкъалъул г1умруялъул бугеб х1алалъул, хвалилъ х1алт1изарулел шарг1алъ т1адаллъун гьарич1ел г1адатазул бицун, дицаги гьабуна доклад. Хадубго к1удияб маг1на бугеб к1алъай гьабуна Шангерейицаги ва гьеб г1адамаз лъик1го къабулги гьабуна. Гьес абуна, масала, Саг1удиязул Г1арабиялда хвел ккараб рокъосан анкьго къоялъ к1к1уй бахъинабуларила, хъизан кваназабулила мадугьалзабазги г1агаразги. Хварасул ресалдаги, нахъе хут1аразул х1исаб гьабун гурого, садакъаби гьаризе изнуги кьоларилан. Х1ажат гьеч1ел, ай къват1ул харбал рицунел маг1ирукъалги, кверкьеялги рук1унарила. Данделъиялъ районалъул халкъалде хит1абги гьабуна ва гьеб киналъухъго кверги босун баркала кьолел диниял чаг1иги ккана.

*** *** ***

Хунзахъ Абулмуслим шайихасул зиярат къайилан абиялъул х1акъалъулъ.

Гьенире гьоркьоса къот1ич1ого цох1о Дагъистаналдаса гурел, Чачаналдасаги ва х1атта цогидал бак1аздасаги рач1унаан. Обкомалъ к1иго нухалда кьварун лъазабуна дида зиярат биххейилан. Нижеца гьелъул нуц1а кварица бухьун толаан, сардилъ рач1унел зияратчаг1и рихьулареб, лъалареб ххвел гьабулаан. Гьединго рук1ана Гъуниб райкомалъул т1оцевесев секретарьлъун х1алт1улеб мехалда Сугъралъ бугеб Ярагъиялдаса Мух1амадил зиярат биххизе бокьарал ва х1адуралгицин. Дица гьезда лъазабуна квер хъваларилан, гьеб зиярат гуребги, нилъер таварих, халкъалъул миллатазул гьудуллъиялъе абадияб нуг1 бугилан ва к1вана гьебги ц1унизе.

*** *** ***

Бищунго ц1акъ дир рах1ат хвезабулеб жо жакъасел г1олилазул бугеб ах1вал-х1алалъ, гьезул рук1а-рахъиналъ. Щайин абуни, гьезда гьоркьоб ц1акъго ц1акъ т1ибит1ун буго наркомания, хъалиян бух1и, г1аракъи-пиво гьекъей, квешго хьвади г1адал г1умруялъе заралиял пишаби. Г1емерисел ясазги балъго х1алт1изабулеб батула гьебго пиша. Хасго гьеб батула шагьаралда. Телевизоралдасанги буго гьелъие, нилъеда лъан-лъач1ого, реклама гьабулеб. Дицани абилаан, тамахьу-чагъир бичулел тукабазда аск1оре къазецин теч1ого рачахъизе кколин гьел, хасго г1олилал.

*** *** ***

Мух1амад Махуловасе – баркиял. Сайигъатал

Мун т1аде вахарал рорхалъабазде рахине риччанте маг1арул васал

 

Казбекалъул муг1рул, Г1акарумег1ер

Ц1аруц1унел руго дудаса ч1ух1ун.

Ч1ух1ун, рохун руго дудаса даим

Гьаб хунздерил т1алъи, т1олго г1адамал.

 

Г1асрабаз кидаго к1оченаро мун,

Гьал нилъер муг1рузда, муг1рул васлъидал.

Маг1арул ях1-намус чорхолъ ц1унарав

Ц1унаги Аллагьас мун квешалдаса.

 

Махулов Мух1амад, х1урмат к1удияв,

Изну кье баркизе дуда дур байрам.

Гьаризе чорхое щулияб сахлъи,

Сахго хут1айги мун г1емерал соназ.

 

Махулов Мух1амад, махх г1адинав вас,

Махх-чаранлъун ч1ана мун районалъе.

Махулов Мух1амад, к1вах1 гьеч1ев инсан,

Инсанлъун хут1ана мун ракьцоязе.

 

Лъай щвеч1ей доярка, диплом щвеч1ев вехь

К1удияб х1урматлъун лъугьана дуе.

Бекьеч1ин рехсеч1о, хунзин к1алъач1о-

К1иго бат1иялин т1аде жубач1о.

 

Дол зах1матал къояз къвак1ун ч1ана мун,

Къо кинаб кканиги баччана дуца.

Дурго рух1ги, жанги, жеги къуватги

Къвариг1индал кьуна кьуч1аб г1амалалъ.

 

Г1умру х1алт1уй кьурав Бах1арчиги мун,

Кьуч1ал умумузул ирсилавги мун.

Дуца нахъа тарал сухъмахъ нухазда,

Цог1аги хут1ич1о чороклъараб лъалк1.

 

Дур каранда бараб щуг1аркьелаб Ц1ва

Кенч1олеб хут1аги жеги халатго.

Мун т1аде вахарал рорхалъабазде,

Рахине риччанте маг1арул васал.

Баркигун Хунзахъ РКЦялъул коллектив.

Просмотров: 430 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz