«Дун талих1авлъун вук1уна г1адатиял г1адамал ресалда г1умру гьабулел рихьидал ва нилъер умумул г1адин гьел х1алт1улел ц1алулел ругеб мехалда».
«Дида к1оларо г1адамаздаса т1ун вук1ине. Ц1акъаб жо буго коллективалда гьоркьов, гьелда г1амалги рекъезабун вук1ин».
1931 сон- Г1орот1а росдал байбихьул школалъул учитель.
1931 соналъул бащдаб лъаг1ел – Харахьи байбихьул школалъул учитель.
1937 – райОНОялъул методист.
1938 сон – комсомолалъул райкомалъул отделалъул нухмалъулев.
1940 сон – Хунзахъ районалъул партиялъул райкомалъул 1 секретарь.
- 1952 сон – Казбек районалъул КПССалъул райкомалъул т1оцевесев секретарь. СССРалъул Верховный Советалъул депутат. 1954 сон – Веденоялъул рищиязул округалдасан СССРалъул Верховный Советалъул депутат.
1960 сон – Хунзахъ КПССалъул райкомалъул 1 секретарь.
1973 сон – республикаялъул халкъияб хъаравуллъиялъул комитеталъул председателасул заместитель.
1980 сон – персоналияв пенсионер ДРялъул МВДялъул Ц1а ккеялдаса ц1униялъул хъулухъалъул Централъул начальник.
1980- лел соназ ДРялъул Пачалихъияб Советалда цебе бугеб Херазул Советалъулги Дагъистаналъул рагъул ва зах1маталъул ветераназул Советалъул президиумалъул член.