Воскресенье, 05.05.2024, 13:33 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Май » 5 » КИДАГО БОЖУЛААН.
16:14
КИДАГО БОЖУЛААН.

Гьоц1алъа Гьиматов Шапиг1ил х1акъалъулъ г1емераб хъвана.

Шапиг1 Мух1амадович вук1ана унго-унгояв маг1арулав, ях1-намус т1ок1ав инсан, бажари бугев г1уц1арухъан, К1удияб Ват1анияб рагъул х1аракатав г1ахьалчи, жиндир т1олабго г1умру  г1ун бач1унеб  г1елалъе  лъик1аб лъай ва тарбия кьеялъе сайгъат гьабурав, районалда ва  республикаялда машгьурав педагог.

Шапиг1 Мух1амадовичас  нахъа тана г1олеб г1елалъ мисал босизе мустах1икъаб рагъул, зах1маталъул ва г1агарб ракьалде рокьи ц1ик1к1араб нух. Жндирго ахирисеб васигаталда Шапиг1ица  хъвалеб буго: «Дун Гьоц1алъа, Гьиматил Мух1амадил вас, Шапиг1 кидаго вохарав вук1ана ях1-намус т1ок1ал бихьиназул ва руччабазул  росулъа ватиялдаса. Дун жанив г1урав,  дие халатаб г1умру кьураб, гьунар т1ок1ал, к1вах1 лъаларел,  зах1мат бокьулел умумуз берцин гьабураб, гьоц1дерил жаниблъиялъухъ дун кидаго тамаша гьабун, х1асратго валагьулаан. Кидаго божулаан жиндие авал-ахир гьеч1еб,  жиб сундаго релъунареб, лъиданиги квелъ бан квегъизе к1вечеб я к1везеги гьеч1еб, т1орахьдалъ нах г1адин кибго бугеб къуваталда -  Аллагьасда – ян».

Шапиг1 Гьиматов гьавуна 1914 соналъ.

1933 соналдаса 1942 соналде щвезег1ан, Шапиг1 Мух1амадович  х1алт1ана Гумбет районалда Гъоркьа Инхо школалъул  директорлъун,  Гумбет исполкомалъул ва райкомалъул секретарлъун.

1942 соналда Шапиг1 Мух1амадович жиндиего бокьун  ана  Ват1ан ц1унизе. Командирзабазул школа лъуг1арав г1олохъанав коммунист, лейтенант Шапиг1 Гьиматов бах1арчилъиялда  вагъана  Ржевалъул, Калининалъул, Ленинградалъул мухъазда рук1арал гурх1ел гьеч1ел рагъазда. Ленинградалъе г1оло унел рук1арал рагъазда гьев к1иц1улго зах1матал ругънал щун лъукъана. Сахлъаравго ротаялъул политикияб рахъалъ командирасул заместителас нахъойги г1ахьаллъи гьабуна Великие Луки,  Ржев шагьаразе г1оло ккарал рагъазда.

1943 соналъ нахъеги Шапиг1 зах1матго лъукъула  ва рагъул инвалидлъунги лъугьун  г1агараб росулъе т1ад вуссана.

194даса 1951 соналде щвезег1ан  Шапиг1 Мух1амадовичас нухмалъи гьабуна Хунзахъ РайОНОялъе.

Г1ахьалч1иса  мунагьал чураяв дир гьобол, муг1алим  Мух1амадов  Садрудиница бицунаан. Шапиг1 Мух1амадович вук1анин къвак1араб г1амалалъул ва щулияб раг1ул чиян.

Жал директорзабазул данделъи метер бугеб къоялъ кват1ич1ого  рук1ине къаси щиб, радакь щиб  рахъунаанила къват1ире. Г1илла гьеч1ого ками, кват1и  къанаг1атаб иш бук1анила, гьанже ругел учительзаби цо лъаг1алица х1алт1изе ругьун гьаризе  Шапиг1 Мух1амадовичасухъе рит1изе кколилан абулаан Садрудиница.

1951 соналдаса 1953 соналде  щвезег1ан Шапиг1 Мух1амадович  Хунзахъ райисполкомалъул председателасул заместительлъун х1алт1ана.

Гьенисан 30 азарилазда гъорлъ Харахьи колхозалъул  председательлъун вит1ун вук1ана .Бицен  буго, херехьдерица  колхозалъул ахикьа г1одобе бортараб пурч1ун босулароанила элда жанив  Шапиг1 ватулилан. Шапиг1ил нухмалъиялда гъоркь къокъабго заманалда жаниб херехьдерил колхоз районалда  цересезул мухъилъе  бачун бук1ана.

1955 – 1972  соназ Шапиг1 Гьиматов х1алт1ана Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъул директорлъун, гьел соназда гьоркьоса  цо соналъ х1алт1ана Хьаргаби районалъул ГЭСалъул школа-интернаталъул директорлъунги. Дир г1елалъул,  ва нижедаса к1удиялги Шапиг1 Мух1амадовичас нухмалъи  гьабулел соназ Гьоц1алъ гьоркьохъеб школа лъуг1арал ц1алдохъабаз ва гьевгун х1алт1арал учительзабаз ч1ух1ун абула: «Ниж Шапиг1ил ц1алдохъаби ругоян, яги ниж Шапиг1гун  х1алт1анаян».

Шапиг1 Мух1амадовичас Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъе  нухмалъи  гьабулел соназ школалда вук1ана 736 ц1алдохъан. Школа х1алт1улаан  к1иго сменаялда,  гьединлъидал Шапиг1  Мух1амадовичас, школалъул аслияб корпусалде т1адеги 6 классалъул минаялъе к1ит1алаяб корпус бана, байбихьул классазе 10 рукъ, кухня, столовая бана, ва библиотекаялъе 2 рукъ бана. Гьелде т1адеги бана 500 чи жанив  гьунеб к1удияб  клуб «Зеленый зал». Ц1акъ т1адег1анаб даражаялда бук1ана школалда г1адру – низам. Шапиг1 Мух1амадовичас нухмалъи гьабулеб  17 соналъ школа бук1ана Республикаялъул  учительзабазул махщел камил гьабиялъул институт (ИУУ)  опорнияб школалъун.

1966 соналъ республикаялда т1оцебе Гьоц1алъ школалда гьабун бук1ана 6 сон барал лъимал т1оцебесеб классалъул программаялда рекъон ц1ализариялъул х1албихьи.

Гьел ц1алдохъабазе методикаял разработкаби Дагъистаналъул мустах1икъай учительница  Далакова Мария Фатаевнаялъ г1уц1ун рук1ана.

Гьелда хурхун Шапиг1 Гьиматовас  гьабураб к1алъаялъеги ва  гьеб разработкабазеги т1адег1анаб къимат кьун бук1ана ИУУ-ялъул централиял курсаз ва РСФСРалъул лъайкьеялъул министерствалъ.

Хадусел соназ гьеб х1албихьи т1ибит1изабун бук1ана республикаялъул школазда. Гьоц1алъ школалда т1оцебе х1албихьи  гьабуна байбихьул классазда киналго дарсал  г1урус мац1алда рачинеги. Маг1арул районазда гьоркьоб Гьоц1алъ  школалда т1оцебе Шапиг1 Мух1амадовичас х1адур гьабун бук1ана «Методы по самообслуживанию и органы детского самоуправления в школе».  Гьеб бахъун  бук1ана 1966 соналъ «Школа, семья, общественность» брошюраялда.

Шапиг1 Мух1амадовичас нухмалъи  гьабулел соназ 6  школалъул учителасе  щвана РСФСРалъул ва  Дагъистаналъул мустах1икъав учителасул  т1адег1анаб ц1ар, чанго ц1алдохъанасе рес щвана  пионеразул лагерь – Артекалда х1ухьбахъизеги.

Ц1акъго т1адег1анаб даражаялдалъун бук1ана  школалда лъималазе зах1маталъул тарбия кьеялъул суалги. Школалда бук1ана  птицеферма,  лъималаз жидецаго хъулухъ гьабулаан  г1анк1уязе,  ургъун бук1ана хасаб т1анч1и рахъулеб инкубатор. Ц1алдохъаби керосинкаялда инкубаторги лъун, ц1а рекъезабизе рогьинег1ан школалда ирга гьабун ч1олаан. Гьабсаг1ат школалъул библиотекаялда х1алт1улей йигей  Бика Г1абдулсамедова  производственнияб бригадаялъул жигарай х1алт1ухъан х1исабалда Москваялде  ВДНХаялде йит1ун йик1ана, ц1алдохъабаз школалъул к1удияб ах х1алт1изабулаан, х1амуз рак баччулаан, гъут1би к1урулаан, лъалъалаан, бат1и-бат1иял т1аг1амал пихъал, овощал г1езарулаан. Хасалихъе  школалъул рагьда столалги лъун  пихъил сортировка гьабун, банкаби ц1олаан, ва аск1об бугеб заводалде  росун къалаан. Т1аса бищараб, ц1улакьо, пихъ толаан  ц1ияб соналъ лъималазул къуч1бухъе  базе ва школа-интернаталъул  лъималазе квине. Бакъвазе гьабулаан курак, г1еч, гени.  Гьелъул сок, кисель, компот  гьабун данде чедгун, к1удияб переменаялъ кваназе  гьарулаан ц1алдохъаби.  Школалъул производственнияб бригадаялъ г1ей гьабулароан школалда гьабураб х1алт1уде, гьел х1алт1улаан заводалъул консервазул цехазда, совхозалъул ахакь ва хъутаналда.

Школалда бук1ана Тимурилазул командаги, росулъ рук1аралщинал херал, кумекалъе цевесев г1агарав чи  гьеч1ел, г1адамазе хасалоде бух1изе баг1ач, рак, ц1ул х1адурулаан ц1алдохъабаз, лълъим баччулаан, рукъ-бак1 бак1арулаан.

Школалда учительзабазе ва ц1алдохъабазе ч1езерун рук1арал щарт1азул, санаг1алъабазул бицун х1алго к1веларо, к1иябго этажалда г1одор т1амун рук1ана дорожкаби, жиб-жиб горда крахмалить гьабураб хъах1аб ххам т1ад жемарал горшоказда жанир берцинал т1угьдул.

Дица цинги «Дол арал сонал рак1алде щвезарулаго» - абураб Гьоц1алъ школалъул х1акъалъулъ хъвараб статьяялда бицен гьабун бук1индал, школалда бук1араб «Ленинский залалъул», «Третьяковская галлереялъул». Шапиг1 Мух1амадовичасул нухмалъиялда гъоркь бат1и-бат1иял районазде гьарулел рук1арал походазул, школалда бук1араб музеялъул х1акъалъулъ хъвач1ого толеб буго. Х1албихьиялъе школалде рач1унаан республикаялъул  школазул муг1алимзаби гурелги, Болгариялдаса, Венграялдаса, Румыниялдаса гьалбалги.

Шапиг1 Мух1амадовичасул х1алт1ул,  х1албихьиязул  х1акъалъулъ г1емераб хъвана «Народное образование» журналалда (№ 3 1965 соналъул гь.89-90), «Сельский труженик» брошюроялда (1966 сон гь. 60-69), «Дагестанская правда» газеталда (17 декабрь, 1964 сон),  «Товарищ директор», гьебго газеталда (21 январалъ, 1967 сон), «Душа коллектива», гьебго газеталда (4 сентябрь, 1976 сон),  «Через годы, через расстояния», «Баг1араб байрахъ» газеталда (6 июнь, 1969 сон)  ва г1емерал  цогидалги  районалъул  ва республикаялъул газетазда хъвана  Гьиматовасул х1акъалъулъ.

Шапиг1  Мух1амадовичасе 1975 соналъ кьуна  Дагъистаналъул мастах1икъав  учитель абураб ц1ар, 1960 соналъ РСФСРалъул  мустах1икъав абураб ц1ар, «Зах1маталъул баг1араб байрахъ орден», «Отличник Народного  просвещения»  значок ва 9 медаль. Эмен разиял лъугьана  Шапиг1 Мух1амадовичасул лъабавго васги.  Гьиматов Гьимат ккола «Дагъистаналъул мустах1икъав художник-скульптор», россиялъул художниказул союзалъул член. Мух1амад Шапиевич  ккола  Дагъистаналъул мустах1икъав строитель, х1алт1улев вук1ана   «Дагестангражданпроект» институталда инженерно-изыскательный отделалъул начальниклъун. Профессор – Г1абдулх1амид Шапиевич ккола  Дагъистаналъул мустах1икъав  агроном, х1алт1улев вуго Дагъистаналъул сельхоз-академиялда.

Шапиг1 Мух1амадовичас къват1ибе биччана к1иго т1ехьги «Устарзабазул  росу» абураб ва «Умумузул г1адатал, г1аданлъи ва г1унгут1аби» Ш.Гьиматовас  г1агараб Гьоц1алъ росдал х1акъалъулъ хъварал гьел т1ахьазда бицунеб буго гьоц1дерил арабги жакъасебги тарихалъул, гьезул гьунаразул, росулъ рахъарал ц1ар бугел г1адамазул,  уздензабазулги нуцабазулги г1умруялъулги..

К1удияб г1умруги, дунялги бихьарав,  рагъул ва зах1маталъул ветеран, г1акъилав, рак1бац1ц1адав, рит1ухъав инсан Гьиматов Шапиг1 Мух1амадович нижеда киданиги к1оченаро.

Г1абидат Ибрагимова

Гьоц1алъ гьоркьохъеб школа.

 

Просмотров: 768 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz