Рук1уна х1ужжаби, риидалил заманалдацин г1и-боц1уда гьоркьоб унтаби т1орит1арал. Боц1ул бет1ергьабазул рах1ат хун бук1уна кисан, щиб ккун, гьел унтаралали лъаларого, гьелъие г1илла балагьулел. Жакъа дун дандч1вана районалъул ветеринарияб управлениялъул врач-эпизоотолог Гьит1инавасов Султ1анах1мад Г1умаровичгун. Гьесдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:
- Кинаб г1илла бук1ине бегьулеб риидалил моц1азда щибго гьеч1ого бугеб г1и-боц1и циндаго унтиялъе?
- Гьелъие г1иллалъун аслияб къаг1идаялда рук1ине бегьула гьаваялда роржанхъулел рук1унел, г1одосан щурун унел рух1ч1аголъаби. Риидалил моц1азда гьел ц1акъго г1емерлъула ва гьез г1и-боц1уда х1анч1ула, т1омода гъоркь ханал лъола, гьезул кумекалдалъун цоялдаса цоялде рахун унтаби киса-кирго т1ирит1ун уна. Мисалалъе, пироплазмоз. Гьеб ккола г1ат1идго т1ибит1араб, х1инкъи бугеб х1айваназул бидулъ лъугьунеб унти. Г1адамазда гьоркьоб гьеб т1ибит1ун буго харил унтиян абураб ц1аралда гъоркь. Гьеб лъугьуна бух1араб риидалил заманалда т1абиг1аталда дандч1валел нуг1азул «кумекалдалъун». Унтараб боц1уда х1анч1араб клещалъ (нуг1алъ) гьеб босун бач1уна сахаб боц1иялде. Пироплазмозалъ хвезарула бидул баг1арал клеткаби. Гьелъул х1асилалда кислород г1оларого лъугьиналъ гьезие х1ухьел ц1азеги зах1малъула.
- Кин гьел х1айваназде рахунел ва унтун рук1ин кин лъалеб?
- Авлахъалда кваналеб боц1уде гьеб бахуна харидасан. Т1оцебе т1омолъ къанги ч1ун, гьелъ жиндирго х1ац1уялда гъорлъан х1айваналъул бидулъе риччала микроскопалдасан гурого рихьуларел паразитал. Боц1ул би ц1ц1урал заражения ккарал нуг1аз х1анч1ула сахаб боц1уда ва ц1идасанги гьез боц1ул би гьелго паразитазул ц1езабула.
Боц1и унтун бук1ин лъала гьеб гъар-гъар щун соролеб, ц1а-кан бахун, х1ухьел ц1азе к1оларого лъугьани. Беч1ч1улеб г1ака бугони, рахь дагьлъиялдалъун, к1варщулъ би батиялдалъун, боц1и х1алакълъун иналдалъун.
Боц1уе диагноз лъолелъул ц1акъ ц1одорго рук1ине ккола. Бидулаб к1варщ бач1унеб бугони, амма ц1а-кан гьеч1они, бук1ине бегьула лептоспориозги. Гьединлъидал, х1исабалде босизе ккола унти щиб сезоналда т1атарабали. Х1исабалде росизе ккола эпизоотикиял рихьизариял, ай цереккун арал соназда гьеб унти загьирлъун бук1ин-бук1инч1олъи.
- Рес бугищ унтараб боц1удасан гьеб г1адамазде бахине?
- Боц1удасан гьеб унти г1адамазде бахунаро. Бахине бегьула иммунитет гьеч1ел, инфекция ккараб нуг1алъ х1анч1арал г1адамазде. Гьединлъидал кибго ц1одорго рук1ине ккола. Нилъецаго ц1унич1они нилъ лъицаго ц1унуларо.
- Нагагьлъун нуг1алъ г1адамазда х1анч1ани унтун рук1ин кин лъалеб?
- Гьелъ х1анч1ун 3-10 сордо-къо бараб мехалда чорхол ц1а-кан бахуна 40 градусалде щвезег1анцин, байбихьула сородизе, лаг1дезе.
- Унтараб х1айваналъе кинаб дару-сабаб гьабулеб?
- Унтараб х1айван рехъалъе гъезе бегьуларо. Гьеб тезе ккола бец1аб бокьоб. Дарабаздасан х1айваналъе гьабула ДАЦ, неозидиналъул уколал-20-25 мл. Лъик1аб х1асил кьола венаялде жанибе гьабураб 5 проценталъулаб глюкозаялъул, хлоралъулаб натриялъул лъамалъиялъ. Рек1елгун мащабазул система ц1униялъе т1омода гъорлъе биччала-10мл кофеиналъул. Ц1а-кан г1одобе ккезабула антибиотиказ.
Унтарал х1айваназе кьола лъик1аб хер, ч1ак1улт1ан г1исин гьабун буссараб капуста. Кьезе лъик1аб буго черемица, 200-300 мл 40% спирталъул.
Унти гьукъиялъе лъик1аб бук1ина боц1и гъолеб бак1алде 11 проценталъулаб хлорофос реч1изабуни, яги гьеб гъолеб бак1 хисизабуни.
- Баркала гара-ч1вариялъухъ. Г1адамазул гурел, х1айваназул унтабаздасаги ц1унун хут1аги нилъ.
Гара-ч1вари гьабуна Н. Г1алиевалъ.
|