Автор Н. Гlалиева. Сентябрь 2024 сон.
Рук1уна х1ужжаби, риидалил заманалдацин г1и-боц1уда гьоркьоб унтаби т1орит1арал. Боц1ул бет1ергьабазул рах1ат хун бук1уна кисан, щиб ккун, гьел унтаралали лъаларого, гьелъие г1илла балагьулел. Жакъа дун дандч1вана районалъул ветеринарияб управлениялъул врач-эпизоотолог Гьит1инавасов Султ1анах1мад Г1умаровичгун. Гьесдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:
- Кинаб г1илла бук1ине бегьулеб риидалил моц1азда щибго гьеч1ого бугеб г1и-боц1и циндаго унтиялъе?
- Гьелъие г1иллалъун аслияб къаг1идаялда рук1ине бегьула гьаваялда роржанхъулел рук1унел, г1одосан щурун унел рух1ч1аголъаби. Риидалил моц1азда гьел ц1акъго г1емерлъула ва гьез г1и-боц1уда х1анч1ула, т1омода гъоркь ханал лъола, гьезул кумекалдалъун цоялдаса цоялде рахун унтаби киса-кирго т1ирит1ун уна. Мисалалъе, пироплазмоз. Гьеб ккола г1ат1идго т1ибит1араб, х1инкъи бугеб х1айваназул бидулъ лъугьунеб унти. Г1адамазда гьоркьоб гьеб т1ибит1ун буго харил унтиян абураб ц1аралда гъоркь. Гьеб лъугьуна бух1араб риидалил заманалда т1абиг1аталда дандч1валел нуг1азул «кумекалдалъун». Унтараб боц1уда х1анч1араб клещалъ (нуг1алъ) гьеб босун бач1уна сахаб боц1иялде. Пироплазмозалъ хвезарула бидул баг1арал клеткаби. Гьелъул х1асилалда кислород г1оларого лъугьиналъ гьезие х1ухьел ц1азеги зах1малъула.
- Кин гьел х1айваназде рахунел ва унтун рук1ин кин лъалеб?
- Авлахъалда кваналеб боц1уде гьеб бахуна харидасан. Т1оцебе т1омолъ къанги ч1ун, гьелъ жиндирго х1ац1уялда гъорлъан х1айваналъул бидулъе риччала микроскопалдасан гурого рихьуларел паразитал. Боц1ул би ц1ц1урал заражения ккарал нуг1аз х1анч1ула сахаб боц1уда ва ц1идасанги гьез боц1ул би гьелго паразитазул ц1езабула.
Боц1и унтун бук1ин лъала гьеб гъар-гъар щун соролеб, ц1а-кан бахун, х1ухьел ц1азе к1оларого лъугьани. Беч1ч1улеб г1ака бугони, рахь дагьлъиялдалъун, к1варщулъ би батиялдалъун, боц1и х1алакълъун иналдалъун.