Понедельник, 06.05.2024, 23:03 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Октябрь » 20 » ХЕРЛЪИГИ БЕРЦИНАЛ Г1УМРОГИ КАМИЛАЛ.
16:38
ХЕРЛЪИГИ БЕРЦИНАЛ Г1УМРОГИ КАМИЛАЛ.

Г1ахьаллъарал разияб, киназго г1уц1аразе баркала кьураб тадбир т1обит1ана культураялъул х1алт1ухъабаз ригь аразул къоялъул х1урматалда районалъул маданияталъул  рокъоб гьал  къояз. Нахъа тарал соназ  бихьараб зах1мат-г1акъубаялъ дагьалго тархъун рук1аниги, жеги  г1олохъанлъиялъул гугьар бекич1ел, жидер г1умрудул х1албихьи г1исиназе сайгъат гьабизе  х1адурал райцентралдасаги сверухъ росабалъаги херал г1адамал данделъун рук1ана гьеб къоялъ клубалде. Социалияб зах1маталъул Бах1арчи Махулов Мух1амад, КПССалъул Хунзахъ райкомалъул к1иабилев секретарлъун вук1арав Гьиматов  Гъазимух1амад, райисполком Мух1амадинов Г1алиасх1аб, 60  соналъ цебе Хунзахъе учительлъун яч1арай, гьениб жиндир къисмат батарай  Г1аликулова Муслимат (Валентина), кеч1-бакъаналъул устар Г1арабова Загьидат…, т1ок1ал  рехсеч1ониги, жидер заманалда раг1и билъарал, гьанжеги г1исиназ г1акълу дандбан ургъел бикьулел херазул сиях1 к1удияб бук1ана.

Культураялъул рукъалъул  фойеялда кванил ниг1матаз берцин гьабурал столазда нахъа г1одор ч1арал гьез цо-цоккун рахъун рак1алде щвезарулел рук1ана жидерго г1умруялдаса лах1затал. Баркиялъулаб к1алъайги гьабун ригьарал к1одо гьарун т1обит1улеб  тадбир рагьараблъун лъазабуна ва лъуг1изег1ан гьеб бачана культураялъул х1аракатч1ужу Хадижат Г1абдулкъадировалъ. Жинцаго нахъа тараб х1аракатаб г1умрудул нухалъул,  гьанже материалияб гьарзалъи бугониги, рух1ияб рахъалъ инсан  къобахъанаг1ан нахъе ккун унев вук1иналъул, дагьал г1орц1арал, г1емерал ракъарал, къваридаб заманалъул бицун, г1олилазе насих1ат гьабун к1алъана Социалистияб зах1маталъул Бах1арчи, г1емерал соназ районалъе бажарун нухмалъи гьабурав Махулов Мух1амад. Гьебго маг1наялъул  рук1ана цере рахъарал Гъ. Гьиматовасул, Г1. Мух1амадиновасул, районалъул ветераназул советалъул председатель Г1. Г1алих1ажиевасул,  Хунзахъ У. Ахъбердиевалъул, З. Г1арабовалъул, Бакьагьеч1иса Ш. Расуловалъул ва цогидазулги к1алъаял. Лъуг1идал киназго  т1адерахъун хъат ч1вараб, г1олилазе интернационалияб ва Ват1ан бокьиялъул рух1алда тарбия  кьеялде буссараб, рагъул соназул  кьог1лъи бихьараб жиндирго  лъимерлъиялъул ва гьелдаса хадусел зах1матал соназул рак1алдещвеял гъорлъ рук1иналъ пашманлъизе  гьарулеб к1алъай бук1ана араб г1асруялъул бакьулълъиялда Хунзахъе  учительлъун яч1арай гьелдаса хадуб т1олабго г1умру гьаниб арай зах1маталъул ватеран Г1аликулова Муслиматил. – Доба, Тула областалда педучилищеги лъуг1ун, бак1-бак1азда х1алт1изе студентал рикьулаго дида цебе ч1ана я Сахалин яги Дагъистан т1асабищиялъул суал. Цадахъ рук1араз абулеб бук1ана, - дурго миллаталъул г1адамалги  х1алт1улъ бигьалъаби – т1ок1лъабиги ругеб Сахалиналде нахъбахъич1ого ,- аян, Дагъистан – башдал г1алхулал, щибаб къойилаб х1инкъи, рак1бакъвай,. Амма, щаялиго Дагъистаналде ц1ана дир рак1, бач1инахъего мекъиги ккеч1о. Хунзахъ ккола  дир  к1иабилеб ват1ан, гьаниб батана дида дирго талих1ги, гьаниб т1амуна г1умруялъул цик1к1арасеб бут1аги. Бат1ияб миллаталъул г1аданилан гьабич1о дидехун хунздерица бербалагьи, гьелъул г1аксалда, жидерго тухум-кьибилалдаса бищунго х1урмат т1адег1анай яс г1адин къабул гьаюна гьез дун т1оцебесеб  къоялдасанго, гьезулгун бикьана ургъел-къварилъиги г1ахьал  гьабуна рохел-пашманлъиги…

К1алъазе рахъаразул щибаб рак1алде щвеялдаса хадуб  художествалъул  х1аракатч1аг1аз куч1дул ах1ун, кьурдаби гьарун ч1аголъи кьолеб бук1ана данде руссиналъе. Чаран Султ1анбеговасул, Г1айшат Тажудиновалъул, Парихан Мусаевалъул, Хадижат Г1абдулкъадировалъул церерахъиназ  рак1ал т1адагь гьаруна херазул. Ригь аразе кеч1-бакъангун салам кьуна Хунзахъ «Ласточка» ясли-ахалъул гьит1ичазги. Гьезул  музыкалияй тарбия ч1ужу Мух1амадова Зайнабица  х1адур гьабун бугоан балагьарал разияб программа.

Нек1сияб Рималъул философ Цицероница абун буго : - Киназего бокьула  херлъиялъул ригьалде рахине ва херлъидал киназго г1ийиб гьелде рехула,- ян.

Амма нилъер херал К1удияв г1акъиласул цитатаялъул к1иабилеб бут1а – херлъидал киназго г1айиб гьелде рехула,-ян абиледухъ гьеч1о жеги. Ригьалда рекъараб ч1аголъиялда лъималгун ва гьезулги лъималгун берцинаб г1умру-яшавалда руго гьел.

Нижер мухбир

Просмотров: 646 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz