Пятница, 26.04.2024, 19:12 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2020 » Июнь » 6 » ГИППОКРАТИЛ ГЬАЯЛЪЕ РИТ1УХЪАЛ.
09:48
ГИППОКРАТИЛ ГЬАЯЛЪЕ РИТ1УХЪАЛ.

«Лъиениги квешлъи гьабунгут1иялъ, рек1елъ лъидехунго жах1да гьеч1олъиялъул рахъалъ лъимерлъуда щвараб цох1о мисал г1ола г1умруялъго ях1-намус ва г1аданлъи бугеллъун рахъиналъе» - гьедин абун буго машгьурав Ж.Ж. Руссоца. Амма жакъасеб заманалда ях1-намус ц1унаравлъунги, къо ккарасе х1ажатаб кумекалъулаб квер бегьулевлъунги, жиндаса бажарараб лъик1лъи сверухъ ругезе гьабизе х1адуравлъунги, киназего гьеб лъик1лъи бокьулевлъунги вук1ин, бигьаяб масъала гуро бугеб.

Ц1акъго квешаб асар гьабуна дие дагьаб цебег1ан «Х1акъикъат» газеталдаса ц1алараб (№7, 21 февраль) М. Халиловасул  «Ганч1ил рак1ал ратила гьал тохтурзабазул» - абураб макъалаялъ. Мух1канго лъала гьединабго асар гьабун батула цойгидал ц1алдолезеги. Гьеб макъалаялъ дун г1емерал пикрабазде т1амуна: цере рач1ана дидаго раг1аралги, дун жидер кумекалде ккун, аман гьарун, жиндихъе аралги, дидаго лъик1 лъалел тохтурзабиги гьезул ишалги, г1амал-хасиятги.

Лъиениги балъголъи гуро: киналго кидаго гуро г1олохъанлъиялдаги, чорхолъ рит1унги, щулияб сахлъиялда рук1унел. Расги лъач1ого, киг1ан нилъее бокьич1ониги, нахъа ч1ун батула херлъиги, гьелдаго цадахъ бат1и-бат1иял г1узрабазул г1езег1анго халатаб рахасги. Гьеле гьеб мехалъ нилъ ккола, нилъедаго т1аса рехизе к1олареб, бищунго инсанасе хирияб, чорхол сахлъиялъе хехаб кумек х1ажатаб ах1вал-х1алалде ва бич1ч1ула нилъее кумекалъе ратулел, нилъер къварилъигун ургъелал т1аса рехизе х1адурал, баракатал г1адамазул къиматги нилъее гьезул хиралъиги. Гьединлъидал щивав инсанасе чара гьеч1ого х1ажатабги ц1акъго х1урматиябги буго тохтурасул х1алт1иги гьесул кумекги, гьев живго ях1-намусги ц1унарав, щулияб иманги бугев , жиндирго х1алт1удехун жавабчилъиги ц1ик1к1арав вугони.

Ахираб заманалда бат1и-бат1иял газетазул гьурмазда г1емер раккулел руго М. Халиловас хъвалелда маг1на релълъарал макъалаби.

Дица Т1адег1анав Аллагьасе рецц гьабула гьединаб унтиялъул «вирус» дир г1агараб Хунзахъ районалъул тохтурзбаздаса ракьалдаса зобг1ан рик1к1ад бук1иналъ ва кидаго хундерил тохтурзаби махщалил рахъалъги унтараздехун х1алимаб бербалагьиялъул рахъалъги цебесеб кьерда рук1иналъ.

Дие цебего бокьун бук1ана нижерго Харахьи участковияб больницаялъулги, гьенир х1алт1улел сахлъи ц1униялъул махщалилазулги, г1адамазул баркалаялъеги реццалъеги мустах1икъаб, х1алт1ул газеталдасан бицине. М. Халиловасул ц1алидал, гьеб пикру жеги щулалъана ва рак1алде ккана гьеб макъалаялъул «героязулги» гьезда релълъарал цойги ратании, гьезулги рек1елъе дагьабниги ях1-намусалъулги иманалъулги асар бач1инародаян.

Харахьи участковияб больница рагьана рагъдаса хадусел соназдаго. Гьелдаса нахъе гьенир, гьит1инабго больницаялда, г1емерал нухмалъулел хисана.

1992 аб соналдаса нахъе больницаялъе нухмалъи гаьбулеб буго Харахьи росулъа Хъайтмазов Мух1амадица. 1982 аб соналъ бергьенлъиялда Дагъистаналъул мединститут лъуг1арав Мух1амад х1алт1изе вит1ана Белгород областалъул Б. Валуйск шагьаралъул больницаялде хирург-травмотологлъун. Гьенив, т1ад ругезулги, жив х1алт1улеб больницаялъул коллективалъулги, унтаразулги, т1олабго шагьаралъул г1адамазул рецццалъеги баркалаялъеги мустах1икъаб къаг1идаялъ 10 соналъги х1алт1ун 1992 соналъ т1ад вуссана г1агараб Харахьи росулъе ва вач1инахъего т1амуна участковияб больницаялъул нухмалъулевлъун. Х1алт1ул т1оцересел къояздаго Мух1амадида бихьана унтаразе больницаялда бак1 ц1акъго къварилъун бук1ин, палатаби, врачазе кабинетал, поликлиникаялъе рукъзал, бихьиназеги руччабазеги как балел бак1ал ва г1емераб цойгидабги х1ажатаб бук1ин.

Нилъеда лъалаха 90 абилел ва хадусел соназул улкаялда бук1араб х1апу-чапур. Фабрикал-заводазулги цогидал пачалихъалъул кверщаликь рук1арал предприятулги х1алт1и ч1аго гьабизелъун х1алт1улел пачалихъалъул т1адег1анал, гьоркьохъел ва г1одорег1анал идарабазул цох1ониги х1акимчи хут1ун вук1инч1о. Гьелъул г1аксалда киналго жиде-жидер хъулухъаз рес кьолеб даражаялда рекъон пачалихъалъул буголъи бикъа-хъамиялдеги бикьа-къот1иялдеги машгъуллъун рук1ана.

Гьеле гьеб заманаялъ ккана Хъайтмазов Мух1амад больницаялде нухмалъи гьабизе. Заманалъул зах1малъабазухъ балагьич1ого, Мух1амад х1алт1уде гъорлъе лъугьана.

Г1емерав векерахъдизе ккана районалъул нухмалъулезухъеги, нилъерго республикаялъул сахлъи ц1униялъул министерлъиялдеги, жеги т1адег1анал идарабаздеги х1алт1и гьабизе сурсатазда хадув. Гьеб рахъалдасан Мух1амадие кинабг1аги кумек щвеч1о. Жинца т1аде босараб х1алт1удехун гьесул бугеб ц1ик1араб жавабчилъи бихьич1ого хут1ич1о гьудул-гьалмагъзабазда, г1ага-божаразда, дагьабниги ресалда ругел росуцоязда. Цо-цо аслиял х1алт1абазе г1урал сурсатал данделъарабго, Мух1амадица гъуждул гурана.

Къокъабго заманалда больницаялъул хьибилалда эхетана ц1ияб, г1ат1идаб, к1ит1алаяб мина. Т1оцебесеб т1алаялда лъуна рентгенаппарат. Къваридалго рукъзабахъа гьенибего гочана лаборатория, физкабинет, жиндирго кабинетгун к1удияй медсестра. К1иабилеб т1алаялда рагьана лъималазул отделение. Аслияб корпусалда эркенлъана ч1ах1иязе палатаби, врачазе кабинетал, лъималазеги ч1ах1иязеги бат1а-бат1аго поликлиникабазе рукъзал. Гьебго заманалда больницаялда цебе эхетана киналго рахъаз санаг1алъаби ругеб, бокьараб мехалъ хинабги ц1орорабги лъимгун, г1ат1идаб ва берцинаб, бихьиназеги руччабазеги бат1а-бат1аго как базе рес бугеб как балеб рукъ. Как балеб рукъилан гьелда абуниги, гьеб буго унго-унгояб масжид. Гьеб бихьанщинас абула гьединаб масжид муг1рузул районазул цониги ч1ах1иял больницабаздацин гьеч1илан. Аск1обго бана ва х1алт1изе биччана бух1арабги ц1орорабги лъимгун баня.

Бокьарав унтарасе рес буго бокьараб мехалъ банялда чвердезе.

Больницаялъул нахъисеб рахъалда г1урабго г1ат1илъиялда г1ун бач1унеб буго пихъил ах. Гьенибго бана унтаразе х1ухьбахъиялъе бат1и-бат1иял х1аял гьаризе бегьулеб, бокьарасе ц1алдезе рес бугеб Индиязул формаялъул г1ажаибго берцинаб ц1улал рукъ.

Авалалдасаго ц1улал щитазул гьабун бук1араб больницаялъул мина, киса-кибго, берцинаб кирпичалъул облицовка гьабун къач1ана.

Гьеб кинабгоги, гьаниб рехсеч1ел цойгидалги г1емерал х1алт1аби Мух1амадица гьаруна х1укуматалъул кумекалде божун ч1еч1ого. Гьанже х1ажат бук1ана жаниб рахъалъе капиталияб ремонт гьабизеги т1охда ккураб басрияб шифер хисизеги. Гьел х1алт1абазе, цо талих1алъ, районалъул администрациялъул рахъалъан кумек щвана ва къокъабго заманалда гьеб к1удияб х1алт1иги раг1алде бахъана, больницаялъул жанисебги къват1исебги гьумер т1убанго хисана. Хъайтмазовас гьабурабщиналъул пикру гьабуни, рак1алде ккезе бегьула, маг1ишатияб х1алт1уде вуссун, жиндирго аслияб, г1адамазул сахлъи ц1униялъул ва больницаялъулаб х1алт1улаб коллективалъе нухмалъи гьабиялъул рахъалъ заг1иплъиги квал-квалги ккеч1одаян.

Ккеч1о гьедин. Жиндирго аслияб х1алт1иги гьес цо лах1заталъги берзукьа борч1изе теч1о. Т1оцебесеб иргаялда жиндехунго т1алабчилъиги, жавабчилъиги, жигарчилъиги ц1ик1к1арав Мух1амадица гьебго т1алаб гьабула санитаркабаздаса врачазде г1унт1ун щибав коллективалъул членасдаса.

Къокъидасанго х1алт1ухъабаздаги бич1ч1ана жидер нухмалъулесе т1аса-масагояб, тасамах1аб х1алт1и ва х1алт1улъ к1арчанлъи бегьулареблъи, г1емер мехалъ гьединав гьесда цадахъ х1алт1ун бажарулареблъи. Ц1ияв нухмалъулев х1алт1уде лъугьун г1емер заман иналде, г1аммаб къадар больницаялъул регаразул 35 чиясе гурони бак1 гьеч1еб, гьит1инабго больницаялъул ц1ар халкъалда гьоркьоб т1ибит1ана. Гьенире дару-сабабалда хадур рач1ине байбихьана бат1иял районаздасацин унтарал. Гьелъие аслияб г1иллаги ккола гьенир х1алт1улел тохтурзаби жидерго махщалилаб лъаялъулги, унтараздехун х1алимаб, х1еренаб ва г1аданлъиялъулаб бербалагьиялъул рахъалъ кидаго т1адег1анаб даражаялда рук1ин.

Бицинин цо дидаго бихьараб. 2012 сон бук1анин ккола, дун вит1ана унти мух1кан гьабизе Мах1ачхъалаялде Централияб поликлиникаялде. Гьениб щвалде щварал анализал гьаруна, бат1и-бат1иял аппаратазда лъуна ва ахиралда дирго врачалъ х1асилалъул кагъат дихъе кьуна.

Дихъ кодоб ц1унун бук1ана Харахьи больницаялда лаборант Г1акъилова Пат1иматица гьарурал анализазулги тохтурзаби Хъайтмазов Мух1амадицаги Х1акимов Ибрагьимицаги, дир унти ч1езабун, дие рихьизарурал дарабазулги хъвараб кагъат. Гьеб дица гъой дирго врачалда бихьунги бук1инч1о. Врачалда ц1ар бук1ана Фарида Сапиюлаевна (фамилия рак1алда гьеч1о). Балагьараб мехалъ Харахьи больницаялда гьарурал анализалги, дир унтиги, унтуе рихьизарурал дарабиги нижерго больницаялъулалги Мах1ачхъалаялда гьаруралги 100% данде колел ругоан. Гьеб бихьарабго гъой врачалъ, бет1ерги к1ибик1ун, дида абуна: Гьадинал врачалги лаборанталги ругеб бак1алдасаги нуж гьанире щвезег1ан щай рач1унел чаг1и?» - ян.

Гьелъго батила гьеб гьит1инаб больницаялда 8 врачасда гьоркьов щугояв Дагъистан республикаялъул мустах1икъав врач вук1ана. Гьанже гьезул к1игояв нилъедаса рат1алъун (гьезул мунагьал чурун ратаги), цояв пенсиялде ун, к1игояв хут1ун вуго. Живго Мух1амадги ккола «ДР-ялъул мустах1икъав врач» ва т1адег1анаб категориялъул махщалилав.

Х1айранлъизе т1амула унтаралги т1аде рач1аралги медицинаялъул сестрабазул г1аданлъиялъги адабалъги. Больницаялда г1уц1ун буго лъик1аб лъаялъулги бажариялъулги гъункараб коллектив.

Дагьабниги пикру гьабулев чиясда бихьич1ого хут1уларо коллективалъул щибав членасул ц1ик1к1араб рух1ияб бечелъиги, т1адег1анаб культураги, унтараздехун к1удияб т1алабгун ва адабгун х1еренабги х1алимабги бербалагьи бук1ин.

Нилъер умумуздасанго бач1араб г1акъилаб аби буго х1алт1и бокьулес киг1ан зах1матал шарт1аздаги гьеб гьабизе ресал ралагьулин ва бокьуларес гьабич1ого теялъе багьнал ралагьулилан.

Гьеб абиялъул рит1ухълъи бихьула Хъайтмазовасул коллективалъул мисалалда. Гьениб щивасда бич1ч1улеб буго унтарав чиясул рек1ел т1еренлъиги, нервабазул заг1иплъиги, г1амалалъул мазликълъиги. Гьединабго бербалагьи хасиятаб буго квен-т1ехалъул ва рац1а-ракъалъиялъул бут1аялъул х1алт1ухъабазеги. Больницаялъул минаялъул киса- кибго ч1езабун буго мисалияб рац1а-ракъалъи, унтаразе санаг1алъи.

Абич1ого г1оларо чанго раг1и кванил устарзабазул х1акъалъулъги. Гьез унтаразе х1адурула данде кколеб т1аг1амаб квен.

Дидаго г1емер раг1ана чанго унтарас: «Гьадинаб квен кидаго жидер рокъобги бук1унаро»-ян абулеб. Макъала хъвалаго дун г1емер ургъана мисалиял врачазул, медсестрабазул яги цойгидал х1алт1ухъабазул цо-цониги ц1арал рехсезе. Амма гьеб батана ц1акъ зах1матаб масъала. Больницаялда киналго х1алт1ула цадахъ рекъон, цо хъизамалъул ва цо мурадалъул чаг1и г1адин. Коллектив буго гъункараб, бокьараб мехалъ цоцазе кумекалъе рахъине г1едерал, цоясул рохелги пашманлъиги жинди-жиндир г1адин киназего г1ахьалаб.

Ахираб заманалда больницаялъул нухмалъулесул разилъи гьеч1олъи бугоан унтаразе х1укуматалъ биччалеб шагьи-пара  соналдаса соналде мукъсанлъулеб бук1иналда бан. Балагьараб мехалда гьеб буго т1олабго улкаялдаго бугеб унти.

Дунялалъул киналго пачалихъазде данде ккуни, г1аммаб пачалихъалъул бюджеталдаса сахлъи ц1униялъе биччалеб г1арац бищунго дагьаб буго Россиялда. Х1исаб гьабеха, церет1урал пачалихъал рик1к1инч1ого, бищунго нахъе ккаралин абулел пачалихъаздацин ВВП-ялъул 6-7% биччалеб мех, Россиялъ кьолеб буго 3,5%, к1иго нухалъ дагь. Нилъер х1укуматалъ жойидего гьабулареб Украиналдацин халкъалъул сахлъи ц1униялъе биччалеб буго 6,7% (Аргументы и факты №9, 2020 сон).

Нилъеда бихьулеб буго «коронавирус» абулеб балагьаб унтиялъ дунялалдаго гьабулеб бугеб баллагь. Цебе рехун рач1унел руго сахлъи ц1униялда х1укуматалъ риччарал гъалат1ал. Хьул лъолеб буго гьанжениги Россиялъ сахлъи ц1униялде бук1ине кколеб к1вар кьелилан. Заман щванин ккола (кват1унцин батугеги) гьанжениги нартил ва газалъул рог1раздаса рещт1ине.

Гьеб балагьаб вирусалда хурхунги Харахьи больницаялъул коллективалъ ц1ик1к1араб жавабчилъиги жигарчилъиги бихьизабулеб буго, гьел руго унтиялде данде къеркьеялъул цебесеб кьерда. Гьоркьоб къот1ич1ого гьабулеб буго халкъалъе бич1ч1и кьеялъул х1алт1и, кумек гьабулеб буго ишалъулал малъа-хъваяздалъун.

Х1асил гьабун абуни, Хъайтмазов Мух1амадицаги гьесул х1алт1улаб коллективалъги г1умру гьабулеб буго жидерго халкъалъул унтуцаги унтун, роххалица рохизарун.

Ракьалда унеб бигьаяб гуреб г1умруялъулъ гьез жидехъа бажарарабщинаб гьабулеб буго г1адамазул г1умру сахаблъун бук1иналъе.

Лабазанов Мух1амад, Хунзахъ районалъул Г1орут1а росу.

 

 

Хьулазул нуг1зал

(сайгъат гьабула киналго медиказе)

 

Бищунго къиматаб бищун хирияб

Тохтур, дур г1адинаб х1алт1и лъил цойги бугеб

Унтараз шурулеб щокъаз рехсолеб

Гиппократ гьаялъе чучич1ел врачал.

 

Нуж героял руго гьаб заманадул,

Унтаралщиназул хьулазул нуг1зал

Нуж къвак1арал руго чаран г1адинал

Рах1атги х1алхьиги чорхолъ ц1унич1ел.

 

Унтарасул къаданир къойил к1усулел,

Нужей сахлъи кьеги, нижер хъах1маккал.

Къасилъи лъаларел, къадлъи лъаларел.

Заман бач1ун бугин зах1матаб т1аде.

 

Унтарал г1емерал, нуж дагьал руго

Нужехъ балагьарал г1ащикъал берал

Нужер цо гьимиги гьуинаб калам-

Гьеб гуребищ дару дур унтарасе?

 

Хъизан-рукъ реххун тун, кинабго к1очон

Сардал рорч1ун х1алт1ун посталда ч1арал,

Рагъда солдаталлъун рихьула дида

Нужер х1алхьи гьеч1еб х1урматаб х1алт1и.

 

Ц1ар лъезе лъалареб коронавирус

Кодой ярагъ босун нужгун къеркьолеб,

Нужей сахлъи кьеян гьарулел нижги,

Ц1унайги Аллагьас хьулазул нуг1зал.

 

Ккараб къо х1ехьолел, х1алай ратулел

Сахлъи кьеги нужей бищун къиматаб,

Унтаби дагьлъаги, г1узру т1аг1аги,

Бергьенлъи кидаго нужехъе щваги.

 

Баркала, хириял нижер хъах1маккал,              

Зах1малъаби т1аг1ун, рохун хут1аги.

Щулияб сахлъиги сахаб г1умруги

Цойгиги нухалда гьарула нужей

 

Пат1имат Мух1амадова, Харахьи росу.

 

Просмотров: 428 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz