Автор.ЛАБАЗАНОВ МУХIАМАД, ГIорутIа росу.Июнь 2020 сон.
«Лъиениги квешлъи гьабунгут1иялъ, рек1елъ лъидехунго жах1да гьеч1олъиялъул рахъалъ лъимерлъуда щвараб цох1о мисал г1ола г1умруялъго ях1-намус ва г1аданлъи бугеллъун рахъиналъе» - гьедин абун буго машгьурав Ж.Ж. Руссоца. Амма жакъасеб заманалда ях1-намус ц1унаравлъунги, къо ккарасе х1ажатаб кумекалъулаб квер бегьулевлъунги, жиндаса бажарараб лъик1лъи сверухъ ругезе гьабизе х1адуравлъунги, киназего гьеб лъик1лъи бокьулевлъунги вук1ин, бигьаяб масъала гуро бугеб.
Ц1акъго квешаб асар гьабуна дие дагьаб цебег1ан «Х1акъикъат» газеталдаса ц1алараб (№7, 21 февраль) М. Халиловасул «Ганч1ил рак1ал ратила гьал тохтурзабазул» - абураб макъалаялъ. Мух1канго лъала гьединабго асар гьабун батула цойгидал ц1алдолезеги. Гьеб макъалаялъ дун г1емерал пикрабазде т1амуна: цере рач1ана дидаго раг1аралги, дун жидер кумекалде ккун, аман гьарун, жиндихъе аралги, дидаго лъик1 лъалел тохтурзабиги гьезул ишалги, г1амал-хасиятги.
Лъиениги балъголъи гуро: киналго кидаго гуро г1олохъанлъиялдаги, чорхолъ рит1унги, щулияб сахлъиялда рук1унел. Расги лъач1ого, киг1ан нилъее бокьич1ониги, нахъа ч1ун батула херлъиги, гьелдаго цадахъ бат1и-бат1иял г1узрабазул г1езег1анго халатаб рахасги. Гьеле гьеб мехалъ нилъ ккола, нилъедаго т1аса рехизе к1олареб, бищунго инсанасе хирияб, чорхол сахлъиялъе хехаб кумек х1ажатаб ах1вал-х1алалде ва бич1ч1ула нилъее кумекалъе ратулел, нилъер къварилъигун ургъелал т1аса рехизе х1адурал, баракатал г1адамазул къиматги нилъее гьезул хиралъиги. Гьединлъидал щивав инсанасе чара гьеч1ого х1ажатабги ц1акъго х1урматиябги буго тохтурасул х1алт1иги гьесул кумекги, гьев живго ях1-намусги ц1унарав, щулияб иманги бугев , жиндирго х1алт1удехун жавабчилъиги ц1ик1к1арав вугони.