Воскресенье, 05.05.2024, 19:49 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Май » 5 » Г1И-БОЦ1УХЪАБАЗУЛ КЪО. ЗАХ1МАТАЛЪУЛ ЦЕРЕХЪАБАЗЕ РЕЦЦ.
16:18
Г1И-БОЦ1УХЪАБАЗУЛ КЪО. ЗАХ1МАТАЛЪУЛ ЦЕРЕХЪАБАЗЕ РЕЦЦ.

Лъаларо лъица ва кида т1оцебе  гьеб т1обит1изе  байбихьи лъурабали, амма ч1ах1иял г1елаз гьабулеб батун,  жакъаги рехун теч1еб лъик1аб г1адатлъун лъугьун буго районалда росдал маг1ишаталъул   церехъабиги к1одо гьарун санайил  т1обит1улеб тадбир.«День чабана», «г1и-боц1ухъанасул къо»,  ц1ар бокьараб абе, районалъул экономикаялъул аслияб бут1а -  г1и-бац1ухъанлъи  цебе бачиналъе квербакъулел хурухъабазеги, т1олалго росдал зах1матчаг1азего  г1ахьалаб байрамлъул  лъугьун буго гьеб. Аби буго  ихдалил цо къоялъ лъаг1елго хьихьулилан,  киг1анго ихдалил х1алт1абазул завал бук1аниги заман батула киназдаго гьенир г1ахьаллъизе. Исанаги г1емерисезул г1ахьаллъигун  г1уц1адго ана гьеб тадбир Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалъул «Языковка» гъутаналда.  Ихдалил  «формагун» гъвет1-рохь, г1урчинхарица  бацараб сверухълъи, т1абиг1атго бук1ана гьеб къоялъ  байрамалъулаб ах1вал-х1алалда, къогицин бач1ана бакъулаб, хинаб. Росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабазда байрамги баркун, гьелги  к1одо гьарун рохалилаб тадбиралда  г1ахьаллъарал районалъул нухмалъулезда цадахъ рук1ана республикаялъул  росдал маг1ишаталъул министрасул заместитель, нилъер районцояв Г1абдуразакъов Сайгидг1али, Кизилюрт шагьаралъул ва районалъул УВДялъул начальник  Ц1адаса Зайрбегов Асх1абг1али, Кизилюрталъул ВТЭКалъул председатель Г1алибегов Г1амир, мадугьалихъ ругел районаздаса г1адамал цо-цо маг1ишатазул нухмалъулел ва цогидалги х1урматиял гьалбал.

Рохолилаб данделъиги рагьун  баркиялъулаб к1алъай гьабуна районалъул нухмалъулев Дарбишев Х1ажияс. Араб соналъул х1асилалги рехсон, зах1маталъул церехъабиги рихьизарун, цере  ч1арал масъалабазулги бицун г1ат1идаб к1алъай гьабуна районалъул  росдал маг1ишаталъул управлениялъул нухмалъулев Г1алиев Мух1амадица.

Данделъаразда байрамги баркун к1алъазе вахъарав  республикаялъул росдал маг1ишаталъул министрасул заместитель Г1абдуразакъов Сайгидг1алица бицана  гьабсаг1ат  росдал  маг1ишаталда бугеб ах1вал-х1алалъул,  рихьизаруна гьелда  ругел цо-цо церет1еял, т1адч1ей гьабуна г1унгут1абазда. Районалъул  г1и-боц1ухъанлъиги хурухъанлъиги цебет1езабиялъулъ лъик1ал  х1асилал  ругел зах1матчаг1азул к1удиябго къукъа бугоан  республикаялъул росдал маг1ишаталъул министерствалъ к1одо гьабун. Гьелъул  х1урматалъул  грамотаби кьуна мустах1икълъаразе Сайгидг1алица киназулго разияб хъатч1ваялда гъоркь. Хадубккунги  х1алт1улъ цебет1ей ч1ах1иял бергьенлъаби ва киназего щулияб сахлъи жиндир мурад бук1ин загьир гьабуна  министрасул заместителас ахиралда.  Зах1маталъул церехъаби к1одо гьаруна райадминистрациялъги. Араб соналъул  х1асалазда рекъон  маг1ишатазда гьоркьоб т1оцебесеб бак1  ккураблъун бихьизабуна  х1арисезул «Баг1арав партизан»  колхоз. Абила  кидагоги  районалда цебесезул кьералъ  бук1анин гьеб маг1ишатилан. Цебе бук1араб къуваталда гьеч1ониги г1и-боц1ул тайпа лъик1лъизабиялде,  гьезул ниг1матал ц1ик1к1инариялде,  раг1и-хералъул качество борхизабиялде  к1варги кьун, х1аракатаб х1алт1и гьабулеб буго колхозалъул  председатель  Лачемилаев  Гьадигатулагьица  г1аммаб маг1ишат цебе бачиналъе. Араб соналъ цересезул кьералъе рахъине х1аракат бахъараллъун  рихьизаруна гьец1елдерил  маг1ишаталъул нухмалъулелги. Колхоз рик1к1ана к1иабилеб бак1 ккураблъун. Лъабабилеб бак1 Хунзахъ ва Г1ахьалч1и колхозазда  гьоркьоб бикьана

Т1оцебесеб бак1алъухъ Х1урматалъул грамотаги 12 азарго гъурущги, к1иабилелъухъ 8 азарго  ва лъабабилелъухъ щуаза-азар гъурущги кьуна къецалъул церехъаби -  маг1ишатазул нухмалъулезухъе районалъул бет1ерас.  К1одо гьаруна  зах1маталъул церехъабиги.

Щибаб колхозалдаса -  к1удиял, церет1уразул  4-5, г1исинал  маг1мшатаздаса 2-3 вехь, доярка, механизаторасе щвана  республикаялъул росдал маг1ишаталъул ва райадминистрациялъул  х1урматалъул грамотаги  азарго гъурущ г1арцулаб сайгъатги. Г1аммаб куцалъ  гьезул къадар  50 чиясдасаги  ц1ик1к1ана. Аслияб жо  зах1маталъул инсан  вихьи, г1адатияв х1алт1ухъан  к1одо гьави . Гьелде бусараб бук1ана «Вехьасул къо»-ян  киназулго к1алдиб ругьунлъараб, т1олалго росдал  маг1ишаталъул х1алт1ухъаби  к1одо гьарун т1обит1араб байрамалъулаб тадбир. Районалъул  культураялъул х1аракатчаг1аз гьаб нухалъги лъик1абго аваданлъи гьабуна байрамалда г1ахьаллъаразе. Бук1ана кеч1-бакъанги,  кьурди-хъатги, ихтилат-сух1атги.

Просмотров: 760 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz