Жакъа къоялда т1олабго дунялалда аслияб темалъун лъугьун буго коронавирус. Газеталъул иргадулаб номер къват1ибе унеб 27 марталъул бакъанил г1ужалдехун ругел ахирисел баяназда рекъон дунялалда коронавирусалъ унтун вуго бащдаб миллионалдасаги ц1ик1к1ун чи, гьездасан вирусалъул хвалил квач1икьа рорч1изе к1ун гьеч1о 25000 г1ан чиясда. Россиялда унтаразул къадар азаридаса т1аде ун буго. Дагъистаналда COVID – 2019 бук1ин тасдикъ гьабун буго цо чиясул. Республикаялъул бет1ерасул указалдалъун регионалда лъазабун буго ц1ик1к1араб х1адурлъиялъул режим. Районалда жеги вирусалъ унтарал загьирлъун гьеч1ониги т1адбан унеб буго унтуе дандеч1езе х1адурлъи. Г1уц1ун буго оперативияб штаб, нахърахъун руго т1орит1изе рук1арал киналго маданияталъул, спортивиял ва цогидалги тадбирал ва г1емерал г1адамал рак1арулел дандеруссинал. Киналго тадбирал руссинарун руго коронавирусалде данде къеркьеялде. 27 марталда районалъул нухмалъулесул заместителаз участковиялгун цадахъ щвана районалъул киналго росабазул поселениязде, хал-шал гьабуна гьениб бугеб ах1вал-х1алалъухъ. 10-27 марталда къват1исел пачалихъаздаса рач1арал 62 чи вуго районалда. Гьел киналго рокъоса къват1ире рахъине риччач1ого к1иго анкьалъ карантиналда ч1езаризе кколин лъазабуна росабазул бегавулзабазда. Гьебго жо гьабизе кколеб буго гьел къват1исел пачалихъаздаса рач1арал чаг1азда аск1ор рук1анщиназеги. Аслияб къаг1идаялъ коронавирусалъул х1инкъи к1удияб ригьалъул чаг1азе бугелъул, медикалгун цадахъ гьезул щибасул рокъореги ун, гьединго к1иго анкьица рокъор ч1езе кколеллъи, гьабизе кколеб ц1уна-къай ва гьеб унтулгун махсаро гьабизе бегьунгут1и бич1ч1изабизеги т1адкъана росабазул бегавулзабазда. Гьединаб режим хвезабурал чаг1азе рихьизарун руго ц1ик1к1арал къадаралда г1ак1аби (150-500 азарго гъ) ва уголовнияб жавабчилъиялде ц1ай. К1иго анкьалъ щаклъи бугел г1адамал жанир ч1езариялъул маг1на буго гьеб заман индал гурони вирус чорхолъе ккун бугищали т1атунеб гьеч1олъи. Талих1 бугони нилъер районалде гьеб унти бач1инароан, щайгурелъул, дунялалдаго бищунго цебе т1ураб медицина бугел улкабигицин квегъулел ругеб гьелъ, нилъер рсепубликаялъул ва районалъул медицинаялъул даражаги гьединаб жоялъул агъаз гьеч1еб нилъер халкъги х1исабалде босун к1удияб зарар гьабизе рес буго.
Аллагьас ц1унаги киналго!
|