Воскресенье, 08.03.2026, 07:31 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам день учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери подкачаться ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
-->
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2026 » Февраль » 16

Автор Ф. Мухlамадова. Январь 2025 сон.

Расулихъего: Дун дирго векалъул гlабдал йикlана, хlалихьалъиялде данде ягъулей...

Гьаб к1очон тараб бихьугегиян гьардарабила къот1изеги къот1ун гирун унеб бет1ер… ва турхьан босун ц1адабе ккарабила.

Просмотров: 17 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 16.02.2026 | Комментарии (0)

Автор Ф. Мухlамадова. Январь 2026 сон. 

Аваразул машгьурай кочIохъан Муи ХIасановалъул цIар лъала щивав дагъистаниясда. ГурхIундай?! 2005 соналъ гьей рикIкIун йикIана 20 гIасруялъул бищун лъикIай магIарул кочIохъанлъун, гьелъул цIаралда жеги тIоритIула батIи-батIиял кочIолал конкурсал, гьелъул гьаракь ккола мугIрул гIоразул чваххиги зобазул роцIцIенги гъорлъ бессараб «щобил бакъанлъун». ЦIикIкIарал соназде яхиндалцин тIуркIичIо мунагьал чурадил кечI, сорочIо гьаркьил цо октава.

Ахирал соназ тIоритIулел тадбиразда нужедаги йихьун ятила «Биччанте, МухIамад»илан Муихъего ахIулей гьитIинайго гIолохъанчIужу. ТIоцебе социалиял гьиназда видео бихьидал, дицагоцин абуна экраналдасан долдехун: «Щай, берцинай, дуе босулареб борхалъи квегъизе лъугьине? Такрарлъиларо гурищ дулъ Муи…» ян. Хадуб чIагого бихьана дида Дагъистаналъул тIоцевесев Президент МухIу ГIалиевасул юбилеялда Марьямица кинаб ракIунтигун кечI ахIулеб бугебали. Гьелъул гIолохъанлъи бихьидал, йохана ва бичIчIана, гIолилалъ бигьаяб гуреб нухги тIаса бищун, басрияб цIи гьабизе тIаде босараб захIматаб масъала.

2023 соналъ лъикIал къиматазда Харахьи росдал гьоркьохъеб школаги лъугIизабун Марьям ГъазимухIамадова цIализе лъугьана Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Дагъистаналъул Пачалихъияб Педагогикияб Университеталде, байбихьул классазул факультеталде. Университеталъул тIоцебесеб курс лъугIун хадуб, рекIел ахIиялъухъ гIенеккун, цадахъго цIализе лъугьана Готфрид Гасановасул цIаралда бугеб МахIачхъалаялъул музыкалияб училищеялдеги. Марьям гIахьаллъула миллияб кIваралъул тадбиразда, тIахьазул презентациязда, творческиял гIадамазул кочIолал сардазда. Гьей кийго къабул гьаюла миллаталъул гьитIинаб жавгьарлъун, мацIги маданиятги цIунизе гъира чорхолъ бессарай цIадулаб ракIалъул магIарулайлъун. Дун божула, Марьямил цIар лъикIаб рахъалъ жеги миллаталда рагIизе букIиналда, гIолилалъул гьелъие буго тIабигIаталъ кьураб гьунарги ссунареб гъираги. Нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чIвари.

Просмотров: 12 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 16.02.2026 | Комментарии (0)


by NiGMaT © 2026 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz