Аваразул
машгьурай кочIохъан Муи ХIасановалъул цIар лъала щивав дагъистаниясда. ГурхIундай?!
2005 соналъ гьей рикIкIун йикIана 20 гIасруялъул бищун лъикIай магIарул кочIохъанлъун,
гьелъул цIаралда жеги тIоритIула батIи-батIиял кочIолал конкурсал, гьелъул
гьаракь ккола мугIрул гIоразул чваххиги зобазул роцIцIенги гъорлъ бессараб
«щобил бакъанлъун». ЦIикIкIарал соназде яхиндалцин тIуркIичIо мунагьал чурадил
кечI, сорочIо гьаркьил цо октава.
Ахирал
соназ тIоритIулел тадбиразда нужедаги йихьун ятила «Биччанте, МухIамад»илан
Муихъего ахIулей гьитIинайго гIолохъанчIужу. ТIоцебе социалиял гьиназда видео
бихьидал, дицагоцин абуна экраналдасан долдехун: «Щай, берцинай, дуе босулареб
борхалъи квегъизе лъугьине? Такрарлъиларо гурищ дулъ Муи…» ян. Хадуб чIагого бихьана
дида Дагъистаналъул тIоцевесев Президент МухIу ГIалиевасул юбилеялда Марьямица
кинаб ракIунтигун кечI ахIулеб бугебали. Гьелъул гIолохъанлъи бихьидал, йохана
ва бичIчIана, гIолилалъ бигьаяб гуреб нухги тIаса бищун, басрияб цIи гьабизе тIаде
босараб захIматаб масъала. 2023 соналъ лъикIал къиматазда Харахьи росдал
гьоркьохъеб школаги лъугIизабун Марьям ГъазимухIамадова цIализе лъугьана Расул
ХIамзатовасул цIаралда бугеб Дагъистаналъул Пачалихъияб Педагогикияб
Университеталде, байбихьул классазул факультеталде. Университеталъул тIоцебесеб
курс лъугIун хадуб, рекIел ахIиялъухъ гIенеккун, цадахъго цIализе лъугьана
Готфрид Гасановасул цIаралда бугеб МахIачхъалаялъул музыкалияб училищеялдеги.
Марьям гIахьаллъула миллияб кIваралъул тадбиразда, тIахьазул презентациязда,
творческиял гIадамазул кочIолал сардазда. Гьей кийго къабул гьаюла миллаталъул
гьитIинаб жавгьарлъун, мацIги маданиятги цIунизе гъира чорхолъ бессарай цIадулаб
ракIалъул магIарулайлъун. Дун божула, Марьямил цIар лъикIаб рахъалъ жеги
миллаталда рагIизе букIиналда, гIолилалъул гьелъие буго тIабигIаталъ кьураб
гьунарги ссунареб гъираги. Нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чIвари. - Кида дуда бичIчIараб дур гIумруялда музыка кIвар бугеб
бутIа букIин?
-Дие
гьитIинго бокьулаан кьурдизе, эбелалъ росулъ букIараб ДШИялде йитIидал, дир
кьурдиялдеги кечIалдеги рокьи щибаб къойил цIикIкIун гурого, дагьлъулеб
букIинчIо.
Махщел
т1аса бищизе заман т1аде щведал, дица бицана муг1алимасул х1алт1и. Рак1 ч1ун
абизе к1ола, нижее хореография кьолей муг1алим Ирайсат Мух1амадовналъулги,
концертмейстер Г1умар Набиевичасулги жигаралъ, гьез нижелъ предметалде
бижизабулеб бук1араб рокьиялъ дие кеч1-бакъан кутакалда хиралъанилан.
Г1агарлъиялда
жанир дие муг1алимлъиялъул мисалияллъун рук1ана махщел ц1ик1к1арал педагогал:
г1емерал соназ Харахьи школалъул директорлъун х1алт1арав, г1емер шапакъатал
жиндие щварав Г1усман Гъазимух1амадов, рахьдал мац1алъул муг1алим, т1адч1ей
гьабун г1араб мац1ги жиндица лъазабурав, Дагъистаналъул мустах1икъав учитель
Г1абдулбасир Маликов, хехгого нилъедаса ят1алъарай, гьунар т1ок1ай педагог,
педагогикиял г1елмабазул доктор Аминат Гъазимух1амадова (Я Аллагь, мунагьал
чураги киназулго, Алжан насибаллъун ратаги).
Жакъа
къоялдаги дие мисал босизе нахъе руго дирго к1удияй эбел Дайтова Пайзатхалун,
Гъазимух1амадова Ажайбика, Дайтова Загьра, Маликова Мадина. Гьел киналго ккола
Харахьи гьоркьохъеб школалъул муг1алимзаби. Гьездаса мисал босун 11 класс
лъуг1ун хадуб дун ц1ализе лъугьана Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб
Дагъистаналъул Педагогикияб университеталъул байбихьул классазул к1иго
профилалъулаб (байбихьул образование ва къват1исеб пачалихъалъул мац1) факультеталде. Гьелде т1адеги музыкалияб лъайги щвезе
бокьиялъ лъугьана дун 2024 соналъ Готфрид Х1асановасул ц1аралда бугеб
музыкалияб училищеялдеги.
- Марьям, дуца тIаса бищун буго кечI ахIиялда бигьаяб
гуреб, умумузул кечI-бакъан цIигьабиялъул нух. Кин дуда ракIалде кколеб, жакъа
къоялда хIажат бугищ гьеб, щай дуе некIсиял кочIохъабазул творчество бокьараб?
-Жакъа
къоялъ щиб тадбиралде рилъаниги, кинаб концерталде аниги, нилъеда къанагIат
гурого рагIулеб гьечIо магIнаги гъваридаб, чваххиги берцинаб унго-унгояб магIарул
кечI. Киназего хиралъун руго турказухъа рикъун росарал эстрадаялъул кучIдул.
МагIарул пандурги, къалиги, цере рукIарал унго-унгоял кочIохъабиги кIочон толел
руго. Гьединлъидал дида ракIалде ккола дица тIаса бищараб нух, жакъа къоялъ гIадин,
киданиги магIарулазе хIажалъун букIун батиларин. Нилъерго миллияб хаслъи
цIуниялъе, мацI лъаялъе гIоло.
- Кин къабул гьабулел гIенеккараз Муи ХIасановалъул, цойгидал
халкъиял бакъаназда дуца ахIулел кучIдул?
-КIудияб
гIелалъе цакъ бокьула дица Муилги, халкъиялги кучIдул ахIулеб мехалъ, амма
камуларо дица Муихъего ххвел гьабулеб бугин дун какулел гIадамалги. Дир гьаб нухлул
байбихьуда Муи гIадай кIочIохъаналдаса мисал боси сурараб ишлъун щай бихьизе кколеб?
Муи гIадай тIокIай гьечIо, гьелде,гьелъул гьунаралде щивниги вахунаро. Дица
дидаго цебе лъун букIинчIо масъала Муица гIадин ахIизе, дие бокьун букIана Муил
кечI дирго къагIидаялъ ахIизе. ГIун бачIунеб гIелалъе цодагьаб захIмат букIуна
дица ахIулел кучIдул ричIч1изе, амма гьезда гьоркьорги камуларо бокьулелги.
- Ругищ гьанжесел Дагъистаналъул эстрадаялъул
«цIвабзазул» дуца мисал босулел махщалилал?
-Дагъистаналъул
кIочохъабазда гьоркьоса дие цIакъ йокьула тумазул кочIохъан Лариса ХIажиева,
лъарагIазул Рукъият ХIамзатова, магIарулазул цIакъ йокьула Хадижат
Джамалудинова, ГIабдула МухIамадмирзоев, ХIусен ГIамирханов, МухIамадтIамир
Синдикъов ва Зайнаб Махаева.
-Дуе кинаб цееяхъиналъул цIикIкIун кIвар букIунеб: гьитIинаб
къокъаялда цебейищ ялъуни кIудияб кIалгIаялда, гIемер халкъалда цебе
концерталдайищ?
-Дида
ккола щивав артистасе бокьулин гIатIидаб сценаялда кIудияб публикаялде цеве
вахъине, амма унго-унгояв артистас гьитIинаб къокъаялда цебеги ахIизе ккола кIудияб
халкъалда цеве вахъунев гIадин, ракI-ракIалъ.
-Рагье дурго творчествалъул церелъурал масъалабазде пардав. Щиб
бугеб цересел анищазда?
-Дие
цIакъ бокьун буго умумузул кечI-бакъан цIилъизабиялда цадахъ, диргоги кучIдул
къватIире риччазе, цIиял композициязда тIад хIалтIизе. Амма жакъа къоялда дун
жеги дирго гьаракьалда тIад хIалтIулей йиго, заман индал магIарул халкъалъе жеги
лъикIал кIучIдул сайгъат гьаризелъун.
-Музыкаялъул гуреб, гIумруялда цойги сундул дуе бищун
кIвар бугеб?
-КечI
ахIиго гIадин дир цIакъ гъира буго ингилис мацI лъазабиялдехун, гьеб мацIалда
цоги пачалихъалъул гIадамазда кIалъазе, гьеб школалда лъималазда малъизе.
-Дурго гIелбащадаздехун, гIолилаздехун юссун кинал гьари-рахьиял
дуца гьарилел?
-Дирго
гIелбащадазда дица гьарилаан: цIикIкIун нилъерго тарихалде, мацIалде тIаде кIвар
кьеян, нилъ лъил лъимал, ирсилал кколелали кIоченчIого букIине. Хасго гIолилал
ясаздехун юссун гьарила лъикI цIалеян, - хадусеб гIумруялда машгьурал цIалул
вузалги лъугIизаризун, нилъерго районги хадуб магIарул халкъги тIегьазабиялда
пайдаяллъун ратизе.
Гара-чIвари
гьабуна Ф.МухIамадовалъ.
|