Понедельник, 09.03.2026, 05:58 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам день учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери подкачаться ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
-->
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2026 » Февраль » 16 » НИЛЪЕЦАГО НИЛЪЕДАГО ТlАД ЧlВАЛЕБ ХЪАНЧЛЪУНГlАГИ БАТУГЕГИ
12:56
НИЛЪЕЦАГО НИЛЪЕДАГО ТlАД ЧlВАЛЕБ ХЪАНЧЛЪУНГlАГИ БАТУГЕГИ

Расулихъего: Дун дирго векалъул гlабдал йикlана, хlалихьалъиялде данде ягъулей...

Гьаб к1очон тараб бихьугегиян гьардарабила къот1изеги къот1ун гирун унеб бет1ер… ва турхьан босун ц1адабе ккарабила.

Гьелдаго релълъараб къисмат ккезехъин буго 100 соналъ рахьдал мац1алда районалда лъугьунеб-толелъул хъван халкъалъухъе кьураб басмаялъулги. Нухмалъуде дун лъугьараб, редакторги г1олохъанаб, «Росдал зах1матчиги» жеги ункъойилъ, къарт1алда бугеб заманалда, газеталъул тираж бахунаан 2700, гьеб цоцахъе кьун ц1алулаан хераз-бах1араз, школлъималаз пайда босулаан хасгьабун жидее риччалел «Цидук», «Г1олохъанлъи» гьурмаздаса, бук1инч1о интернетги, вацап кодоб ккурай к1одоца цойги к1адазул къокъаялде рехиялъ т1ибит1улеб къват1ул информацияги. Бук1ана гьеб т1адаб г1уц1иялъ, махщалил т1алабалги т1уразарун, къват1ибе кьолеб микьго гьумералъулаб баянкагъат. Гьебги бац1ц1адаб авар мац1алда! Гьединлъидал пачалихъияб т1алъиги г1арацги кодосезул суалцин бижулароан г1уц1иялъе сурсатал дагь гьаризе ккеялъул, штатал къокъ гьариялъул. Г1адамазги ч1ух1ун абулароан «Жидеца газета ц1алуларин» ялъуни «Рахьдал мац1 лъаларилан». Щибниги ц1алуларев, ц1ияб лъаларев, эбел-инсул мац1 бокьуларев чи вук1ана рижисурлъун, манкуртмах1ав хиянатчилъун. Лъайги бич1ч1иги бугеб, бук1инеселъул ургъелги ц1ик1к1араб бук1ана т1олго жамг1ият. Къо бахъанаг1ан жал лъил-щалали, щиб мац1алъулгун диналъул вакилзабияли лъаларел, лъазе бокьуларел г1емерлъиялъ байбихьана тарихгун мац1, миллияб хаслъи ц1унулездехун адаб учузлъизе, лъик1абщиналда т1ад кьарияб хъанч ч1вазе. Г1асруялъ дуда цере рук1арал «бец1ал» г1адамазцин ц1алараб, ц1унараб казият хвасарлъиялъе бук1араб гьит1инаб «сухъмахънухде»-районалъул 30 азарго чиясда гьоркьоса лъабазаргоясг1аги хъваялде кьурабазул сирт1ал т1езаруна жибго халкъалъ, гьелъ жиндиего бокьун инкар гьабуна жалго бет1ергьанаб алаталдаса. Хъвач1о. Ц1алич1о.

Т1адчаг1азеги щибха г1арац къунц1изе, х1алт1ухъаби къокъ гьаризе рортич1ого рук1ине?! Доб «сухъмахънух», сирт1азде гьоркьобе гъегъги бан, бацизабиларищ гьезги, «анкьабго талих1 къиналъе». Абухъего, доб бицалъ хут1араб, гучаб х1укуматалда къокъги гьарун бокьараб гьабейилан г1адамал толароан. Г1иц1го рах1атаб пенсиялде ине х1алт1ухъанасе жиндиего бокьидал, лъуг1улаан гьесул х1алт1ул болжал. Къанаг1атаб штатал къокъ гьариялде гъоркье ккарасеги т1аса бищизе чанго х1алт1улаб бак1 цебе лъолаан. Ялъуни цойги махщалие ц1ализарулаан. Лъица щиб абуниги, х1алт1улал бак1ал гьоркьор индал-т1ад руссунаро. Жидерго производствацин гьеч1еб бак1алда сокращениял т1орит1иги буго ах1макъаб, экономикаялъе зарал к1удияб иш. СССР гьединаб зияналъухъ тамих1алдецин ц1алаан… Киг1ан дие бокьаниги, бахъинаро т1ок1алъ гучаб СССР. Лъугьинаро т1ок1аб республикаялда цере росизе нечоларел мажмуг1ал дица нухмалъи гьабулеб г1уц1иялъулги. Я инсаниял, я г1арцулал сурсаталги кодор гьеч1ого, щивха г1ет1 т1ун х1алт1илев? К1очон тела дагь-дагьккун рахьдал мац1алда хъвазеги ц1ализеги. Хут1ила чохьол гурого ургъел гьеч1еб къавм…

Палх1асил, къалмил агьлуялъул цо бут1аялъ «кварт1а-гъец1», г1арац г1езег1ан дагьаб биччаялъ, г1одоб лъезе кколеб буго ц1ияб соналдасан. Гьединлъидал дагь гьабизе ккезехъин буго казияталъул объемги. Бищун цебе газета кьабизеги байбихьараб, адабияталъул вакилзабаздалъунги бечедаб районалда гуреб, цойгидал бак1азда киндай бугоян ц1еха-рехана къаламцоязда. Балъхъал 16 х1алт1улаб рух1гун (гьездасан щуго мухбиргун) ц1ияб бараб минаялде рахъине къач1алел ратана. Лъарат1аги къокъ гьариялъул мах1го гьеч1оан-т1аде телевидениялъул х1алт1ухъабиги кьун гурун гъуждулгун х1алт1улъе журан ругоан.

Казбек, Хасавюрт мухъаздаги-харжал ц1ик1к1инариялдаса рохел, цебет1еялде анищал, хьулал… Г1иц1го сундулъго цебехъанлъун бук1араб, «г1аламал цолъараб, болмац1 бижараб» Хунзахъ «Нуж х1ажат гьеч1илан» рек1еда лъураб бак1аб гьир. Нилъецаго нилъедаго хъанч ч1вазе лъураб байбихьилъунг1аги батугегиха гьаб т1аса-масагояб бербалагьи. Амин.  «Дуца зулмуялъе рорхуге кверал, кумекан ах1долеб буго мискинлъи»-ян абун буго нилъер Расулица. Дун гуро т1екълъи-мекълъиялде цойгидал гьесизарулезулги, гьелда т1ад рекъолезулги, альх1амдулиллагь. Ихтияргун г1арац кодосей дун йик1арайани жеги ц1ик1к1ун кьабизарилаан дица газетал-журналалги, к1одо гьарилаан штаталги. Амма «цо чиясул сси лъугьунарин» абухъего, миллатги, мац1ги, г1адатги, г1амалги, чилъиги, намусги ц1униялъул рагъда ч1ужуг1аданалда бергьине к1везе рес бук1инч1о х1алихьалъиялде ва к1игьумерчилъиялде данде. Гьереси-рек1к1алда руцаразе, доб кваникъаб заманалъ гьагьинирги лъун херал чаг1и кьурса гъоркье рехулел г1адин, 100 сон бараб казият т1аде борхулареб гъваридаб к1к1алахъе рехиялъе квербакъаразеги Аллагьас рекъезабила, иншааЛлагь. Х1асбунаЛлагьу Ниг1маль Вакил.

Ф. Мух1амадова

P.S. Х1урматиял, газета ц1алулел, нижер хиси гьеч1ел гьудулзаби! Лъазе бокьилаан нужер пикру: к1иго анкьие цо ункъго гьумералъулищ ялъуни моц1ие цо микьго гьумералъулищ «Росдал зах1матчи» нужер рагьдухъе рещт1ине нужее бокьилебали. Хъвай нижехъе, ниж х1адурал руго нужее лъик1аб, жеги интересаб информационияб хъулухъ гьабизе. Доб дирго колонкаялъул байбихьуда лъураб гирун унеб бет1ералъе гьаг1улеб жаваблъун лъугьана г1арац хирияв ижорачияс анкьиде ругеб минаялъуса къват1ире рахъаян ракьхасало цебе лъураб буюрухъ.

Просмотров: 18 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2026 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz