Автор Н. Гlалиева. Апрель 2022 сон.
5 апрелалда Шахрудин Шамхаловасул цIаралда бугеб Культураялъул кIалгIаялда тIобитIана нилъер наслабаз наслабазухъе кьун цебе бачунеб бугеб къадруяб ва къиматаб маданияб ирсалъул сон рагьиялъул ва Украинаялда унеб бугеб хасаб операциялда гIахьаллъулеб Россиялъул армиялъул, Президент Владимир Путинил рахъ ккун тIобитIулеб рохалилабгин бичIчIи кьеялъулаб тадбир.
Данделъи рагьана ва ахиралде щвезегIан гьеб берцинго бачана райадминистрациялъул культураялъул отделалъул нухмалъулей Ж. Хъайитмазовалъ. КIалъазе вахъарав райадминистрациялъул бетIер НурмухIамад Задиевас абуна, гьаб ахирисеб 8 соналъ хIехьон букIанила Россиялъул ва Донбассалъул халкъалъ Украинаялъул миллатчагIазул хIалихьатал пишаби. ГIадамал гьенир чIагого рухIулел, гордухъа гъоркье ралел, бащадабгIан къадар гIурусазул букIаниги, гьеб мацIалда кIалъазе риччачIого, инжит гьарулел рукIанилан. ТIоцебе Украинаялъулгун тункагIусиязде Россия лъугьараб мехалда, цоцоял васвасдулел рукIарал ратани, гьеб битIун бугодаян, жакъа, къоялдаса къоялде якъинлъулеб бугила гьеб операция жеги цебеккунго гьабизе кколеб букIараблъи. Украинаялъул нацистал нилъгун рагъизе чанго соналъ цебего хIадурулел рукIана. Гьеб нилъеда бихьана рагъулаб операция гьабулаго тIатарал, нилъер гIадамазда захIматал унтаби ккезелъун хIадурарал балъгоял биолабораториялги, Краснодаралде щвезегIан сапар бухьине гьезда ракIалда букIараблъи бицунел документалги нилъер рагъухъабазухъе щун рукIиналъги. Россиялъ тIоцебе гали тIамун букIинчIебани, СШАялъги, НАТОялде гьоркьоре унел пачалихъазги нилъеда данде кьвагьизе букIараблъи нилъее якъинго рагьана гьез Украина яргъид хьезабулеб букIиналъги. КIудияб ВатIанияб рагъ лъугIараб мехалда 4 пачалихъ гурого лъугьун букIинчIо НАТОялде гьоркьобе, жакъа къоялда жаниб 1990 соналдасан байбихьун, лъугьун руго нилъеда сверухъ ругел нилъ рокьуларел 14 пачалихъ. Гьезие бокьун гьечIо Россия ракълида, рагIи дандеккеялда, буголъиялда букIине, гьеб цебетIун ине. Жакъа нилъер районалдаса гьеб тункагIусиялда гIахьаллъулел руго 400-ялдасаги тIаде араб къадаралда гIолохъаби. Нилъеца кидаго нилъеразул рахъ кквезе ккола. Нилъеца кидаго нилъерал рехун толаро. Гьеб нилъеда бихьана КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда, 1999 соналъ августалъулал лъугьа-бахъиназда. КIалъазе вахъарав Фазу ГIалиевалъул вас, президентасул божарав чи, Жамбулат Мусаевичас абуна жив талихIав вугила, Хунзахъ гьеб жиндир ВатIан букIиналдаса. Гьаниве щведал, батIияб рухIияб ахIвал-хIал лъугьунила черхалъе, батIияб букIунила лъел тIагIам, батIайиса кьабгIулила ракI, батIайиса хIухьел цIалила ракьалъ. Амма гьаниве дагь гурого щвезе заман букIунарила. Жакъа жив чIухIарав вугила нилъер районалъул солдатал Россиялъе, ДНРалъе, ЛНРалъе гIоло рагъулел рукIиналдаса. ХIисаб гьабураб мехалда гьечIила Россиялъул гIадинал бахIарчиял солдатал, гьечIила Дагъистаналъул гIадинал бихьинчиял васал, гьечIила Хундерил гIадинал лебалалгин къвакIарал, хIинкъикъай лъаларел рагъухъаби. ХIажат букIанищ жакъа Россиялъе спецоперация? ХIажат букIана дунялалда рагъал кьолболъанго тIагIинариялъе, гьел гьукъиялъе. Кинаб ихтияр букIараб неонацистазул ракълилал гIадамазда кин гьез гIумру гьабилебали жидеего бокьухъин малъизе, гьезие гIакъуба кьезе. Дагьал церегIан къоязда Донбассалдаса гьалбал рачIун рукIана Дагъистаналде. Гьезги бицана кинаб гIакъуба жидее гьениб 8 соналъ кьолеб букIарабали. Гьал ахирисел соназда жаниб гIицIго Дагъистаналда бихьулеб бугила жидеда жал гIадамаллъун рикIкIунел рукIин, гьаниб бихьулеб бугила жидеда рекъел, бакъ, гIадамаздехун бугеб хинлъи,-ян абуна гьез. Жамбулат Мусаевичас ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабуна Украинаялда цебесеб кьерда спецоперация тIобитIулел ругел солдатазул улбузе.