Пятница, 26.04.2024, 02:38 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 15 » НИЛЪЕЦА НИЛЪЕРАЛГО РЕХУН ТОЛАРО
22:37
НИЛЪЕЦА НИЛЪЕРАЛГО РЕХУН ТОЛАРО

5 апрелалда Шахрудин Шамхаловасул цIаралда бугеб Культураялъул кIалгIаялда тIобитIана нилъер наслабаз наслабазухъе кьун цебе бачунеб бугеб къадруяб ва къиматаб маданияб ирсалъул сон рагьиялъул ва Украинаялда унеб бугеб хасаб операциялда гIахьаллъулеб Россиялъул армиялъул, Президент Владимир Путинил рахъ ккун тIобитIулеб рохалилабгин бичIчIи кьеялъулаб тадбир.

Данделъи рагьана ва ахиралде щвезегIан гьеб берцинго бачана райадминистрациялъул культураялъул отделалъул нухмалъулей Ж. Хъайитмазовалъ. КIалъазе вахъарав райадминистрациялъул бетIер НурмухIамад Задиевас абуна, гьаб ахирисеб 8 соналъ хIехьон букIанила Россиялъул ва Донбассалъул халкъалъ Украинаялъул миллатчагIазул хIалихьатал пишаби. ГIадамал гьенир чIагого рухIулел, гордухъа гъоркье ралел, бащадабгIан къадар гIурусазул букIаниги, гьеб мацIалда кIалъазе риччачIого, инжит гьарулел рукIанилан. ТIоцебе Украинаялъулгун тункагIусиязде Россия лъугьараб мехалда, цоцоял васвасдулел рукIарал ратани, гьеб битIун бугодаян, жакъа, къоялдаса къоялде якъинлъулеб бугила гьеб операция жеги цебеккунго гьабизе кколеб букIараблъи. Украинаялъул нацистал нилъгун рагъизе чанго соналъ цебего хIадурулел рукIана. Гьеб нилъеда бихьана рагъулаб операция гьабулаго тIатарал, нилъер гIадамазда захIматал унтаби ккезелъун хIадурарал балъгоял биолабораториялги, Краснодаралде щвезегIан сапар бухьине гьезда ракIалда букIараблъи бицунел документалги нилъер рагъухъабазухъе щун рукIиналъги. Россиялъ тIоцебе гали тIамун букIинчIебани, СШАялъги, НАТОялде гьоркьоре унел пачалихъазги нилъеда данде кьвагьизе букIараблъи нилъее якъинго рагьана гьез Украина яргъид хьезабулеб букIиналъги. КIудияб ВатIанияб рагъ лъугIараб мехалда 4 пачалихъ гурого лъугьун букIинчIо НАТОялде гьоркьобе, жакъа къоялда жаниб 1990 соналдасан байбихьун, лъугьун руго нилъеда сверухъ ругел нилъ рокьуларел 14 пачалихъ. Гьезие бокьун гьечIо Россия ракълида, рагIи дандеккеялда, буголъиялда букIине, гьеб цебетIун ине. Жакъа нилъер районалдаса гьеб тункагIусиялда гIахьаллъулел руго 400-ялдасаги тIаде араб къадаралда гIолохъаби. Нилъеца кидаго нилъеразул рахъ кквезе ккола. Нилъеца кидаго нилъерал рехун толаро. Гьеб нилъеда бихьана КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда, 1999 соналъ августалъулал лъугьа-бахъиназда. КIалъазе вахъарав Фазу ГIалиевалъул вас, президентасул божарав чи, Жамбулат Мусаевичас абуна жив талихIав вугила, Хунзахъ гьеб жиндир ВатIан букIиналдаса. Гьаниве щведал, батIияб рухIияб ахIвал-хIал лъугьунила черхалъе, батIияб букIунила лъел тIагIам, батIайиса кьабгIулила ракI, батIайиса хIухьел цIалила ракьалъ. Амма гьаниве дагь гурого щвезе заман букIунарила. Жакъа жив чIухIарав вугила нилъер районалъул солдатал Россиялъе, ДНРалъе, ЛНРалъе гIоло рагъулел рукIиналдаса. ХIисаб гьабураб мехалда гьечIила Россиялъул гIадинал бахIарчиял солдатал, гьечIила Дагъистаналъул гIадинал бихьинчиял васал, гьечIила Хундерил гIадинал лебалалгин къвакIарал, хIинкъикъай лъаларел рагъухъаби. ХIажат букIанищ жакъа Россиялъе спецоперация? ХIажат букIана дунялалда рагъал кьолболъанго тIагIинариялъе, гьел гьукъиялъе. Кинаб ихтияр букIараб неонацистазул ракълилал гIадамазда кин гьез гIумру гьабилебали жидеего бокьухъин малъизе, гьезие гIакъуба кьезе. Дагьал церегIан къоязда Донбассалдаса гьалбал рачIун рукIана Дагъистаналде. Гьезги бицана кинаб гIакъуба жидее гьениб 8 соналъ кьолеб букIарабали. Гьал ахирисел соназда жаниб гIицIго Дагъистаналда бихьулеб бугила жидеда жал гIадамаллъун рикIкIунел рукIин, гьаниб бихьулеб бугила жидеда рекъел, бакъ, гIадамаздехун бугеб хинлъи,-ян абуна гьез. Жамбулат Мусаевичас ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабуна Украинаялда цебесеб кьерда спецоперация тIобитIулел ругел солдатазул улбузе. Россия, халкъ, Путин, нилъ цадахъ руго,-ян бихьизабуна гьес. Жамбулатица символалъулаб патрон сайгъат гьабуна райадминистрациялъул бетIер НурмухIамад МахсутIхIажиевичасе Донбассалъул гIадамаз Дагъистаналде босун бачIараб, жибги гьенир унел ругел риххизариязе, чIунтелазе кьучIлъун кколеб. Дагъистаналъул руччабазул Союзалъул председатель Интизар Асадулаевнаялъ нилъер гIадамазе саламги кьун бицана, жий руччабазул делегациягун цадахъ хIадурулей йикIанила Ростовалъул госпиталалда ругел, Украинаялдаса лъукъун рачIарал нилъер васазухъе яккизе ине, гьезда улбузул ракIазул хинлъи бихьизабизе, гьезул ботIрода квер бахъизе. Гьале жакъа ячIине ккана гьаб баракатаб, цIар рагIарал гIадамаз жиб машгьур гьабураб ракьалде щвезе. БетIер къулизе бокьун бугила Фазу ХIамзатовна, Расул ХIамзатов ва цогидалги Дагъистаналъул къисматалъулъ мустахIикъаб бутIа лъурал гIадамазул ракьалъе. КIигIан гIемер биял тIурал Дагъистаналъул ракьалда, Рагъул операциял гIицIго жакъа къоялда жаниб унел ругел гуро. 1999 сон. 1500 ихтияр цIунулел органазул хIалтIухъабаз кьуна жидерго гIумру ВатIаналъе гIоло, Халкъазда гьоркьосел террористал Дагъистаналде кIанцIараб мехалъ, В. Путин гурищ гьаниве вачIун вукIарав? Гьев гурев батIияв нухмалъулев улкаялда вукIаравани, иш батIайиса ккезе рес букIана. Дица жакъа цебе чIезабулеб буго кигIан захIмалъи гьесие жакъа бугебали. РакIалде ккола гьесул гIакълуялъ, лъаялъ, цебетIеялъ гIемерал балагьаздаса хвасар гьарурал нилъ, гьанжеги битIараб нухде ккелилан. Нилъ руго нилъерго гIакъилав бетIерасда цадахъ. Нилъее гьев вокьула, къимат гьабула, хIурмат гьабула. Дида цебе чIолей йиго жакъа Фазу ХIамзатовна йикIарай ани кинал рагIабигун гьей гIадамазда цее яхъине йикIараяли. Дида цее чIолей йиго гьей бакараб цIа гIадин уней йикIарай куц бищунго къвакIарал рагъал унел ругеб бакIазде. Кин гьелъ васал чIварал улбузул къварилъи гIахьал гьабулеб букIарабали, кин гьей васал хварал улбузухъе зигараялъ уней йикIараяли. Биччанте нилъер дунялалда рекъел букIине. Нилъер лъималазда рагъул кьогIлъи лъачIого хутIизе. Хунзахъ районалъул жамгIияб палатаялъул вакил Хъайитмаз Аварскиясулги рукIана гьеб спецоперациялда хурхун рекIелъе рортулел рагIаби. Дица цебе чIезабулеб буго кин нилъер солдатазе жакъа захIмат бугебали. Цо жиндирго кIалъаялда Владимир Путиница абуна, тунка-гIуси ккечIого хутIулеб гьечIони, цереселлъун рукIине лъикIаб бугилан. Цебе дир щаклъи букIараб батани тIоцебе нилъеца спецоперация байбихьиялда бан, гьанже гьеб тIубанго биххун ана. 20 соналъ финансаздалъун кумек гьабулеб букIун буго Украинаялъе Америкаялъги, НАТОялъги Россиялде данде рагъ гьабиялъе. Гьениб батун буго 30 биолаборатория нилъер гIадамазе заралалъе хIалтIизаризелъун хIадурулел. Нилъер мадугьалихъ бугеб улкаялда хIадур гьабулеб атомалъулаб ярагъ, атомалъулаб бомба сундуе гIоло хIадур гьабулеб букIараб, школазда цIалдохъабазда щиб гьениб малъулеб букIараб? ГIицIго Россиялде рокьукълъи, гьелда данде рагъ гьабизе. КIалъазе вахъарав ТIолгороссиялъулаб халкъияб фронталъул регионалияб отделениялъул нухмалъулев Жамал МухIамадовичасги баян гьабуна Украинаялда гьабураб спецоперация хIажатаблъун букIин, щайгурелъул Евросоюзалъулги СШАялъулги масъалалъун букIин Россиялдаги Украинаялдаги гьоркьоб тушманлъи ккезаби. Гьелъие гIоло чанго соналъ тIатIалаго унеб букIана гьезда гьоркьоб хIадурлъи. Гьединаб заманалда нилъер гIадамаз рахъ кколеб буго президент В. Путинил. Нилъеда кIочене бегьуларо 1999 сон. Дагъистаналде Халкъазда гьоркьосел террористал кIанцIараб мехалда, Путин Дагъистаналде вачIиналъ, гьесул цIодорлъиялъ, гIакълуялъ цIунана Дагъистан. КигIанго захIматаб экономикияб хIал бугониги, Президентас жигар бахъулеб буго гIадамазул ракIал ратизаризелъун лъималазе выплатаби, бигьа гьарурал ипотекаби кьезе. Хадуб нилъер Культураялъул отделалъул хIалтIухъабаз рихьизаруна нилъер умумузул гIадаталги, гIаданлъи-нухги, бахIарчилъиги бихьизабулел церерахъинал, Гиннессил тIехьалде восарав, районалъул чIухIилъун кколев ГIумар ХIанапиевас бихьизабуна магIал, махх кьуризе жиндирго бугеб махщел, цабзаз бакIлъи кодобе босизе бугеб къуват, херехьдерил палугьабаз кварида гьунарал гьаризе бугеб бажари. ХIасил калам, лъикI заманаялъ чIунги рукIун Культураялъул хIалтIухъабаз гIодор чIаразе гьабуна унгоунгояб хIухьбахъи. Дандеруссин лъугIана тIаде рачIарал гьалбалгин гIодорчIарал цадахъаб ифтаралде иналдалъун.

Н. ГIАЛИЕВА.

Просмотров: 85 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz