Автор.Н.Г1алиева.Февраль 2019 сон.
11 февралалда Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалда т1обит1ана районалъул лъай кьеялъул отделалъул жигарчилъиялдалъун районалъул школазул 11 классазул ц1алдохъабазда гьоркьоб авар мац1алда куч1дул рик1к1иналъул конкурс. Гьелъул мурадлъун бук1ана ц1алдохъабазул авар мац1алде рокьи бижизаби, гьелъул берцинлъи, гъварилъи ва бечелъи гьезда бич1ч1изаби, гьединго ц1алдохъабазда гьоркьор куч1дул рик1к1унел, махщел камилал загьир гьариги.
15 февралалда, Россиялдаго г1адин, Дагъистаналдаги, нилъер районалдаги рак1алде щвезарула Афгъанистаналда рагъулаб налъи т1убазабурал ва гьениб абадиялъго берал къанщарал г1олохъаби рак1алде щвезариялъул къо. Афгъанистаналъул рагъ… гьеб буго нилъер г1олохъабаз 2310 сордо-къо жидерго интернационалияб борч т1убазабизе кьураб, вах1шияб рагъ.
Автор.Зульфия Х1ажиева.Февраль 2019 сон.
Исламги цебетIураб, умумузул гIадаталги цIунараб, яхIалъул рачелги щулаго къараб бакIилан нилъго нилъецаго реццулел рукIуна нилъ. Батила гьединги. Амма чанго къоялъ Хунзахъа Раисат ГIусмановалъ гьабулеб хIалтIуда хадуб халккураб мехалда батIияб дунялги, батIиял гIадамалги цере рачIана. Унголъунги Дагъистандай гьаб, гуродайин кколеб хIал лъугьана.