Баркула, Афгъанистаналъул бах1арзал!
15 февралалда, Россиялдаго г1адин, Дагъистаналдаги, нилъер районалдаги рак1алде щвезарула Афгъанистаналда рагъулаб налъи т1убазабурал ва гьениб абадиялъго берал къанщарал г1олохъаби рак1алде щвезариялъул къо. Афгъанистаналъул рагъ… гьеб буго нилъер г1олохъабаз 2310 сордо-къо жидерго интернационалияб борч т1убазабизе кьураб, вах1шияб рагъ.
Анлънусазарго советиял рагъухъабазда гьоркьоб 3 азаргог1анасев дагъистанияв ана гьеб рагъде, гьезда гьоркьоса 140 ракьцояс г1умру кьуна Афгъанистаналъул халкъалъул эркенлъи ц1унулаго. Нилъер районалдасаги 55 г1олохъанчи г1ахьаллъана гьеб рагъулъ. Т1анусиса Шамил Г1алихановас жиндирго бах1арчияб г1умру кьуна гьеб халкъалъул эркенлъиялъе г1оло гьабулеб рагъда. Нилъер г1олохъабазул ункъгояв мустах1икълъана «Баг1араб Ц1ва» орденалъе, анкьгоясе щвана «Бихьинчилъиялъе г1оло» медаль, к1игоял «Рагъулал хъулухъазе г1оло» медаль.
Жакъа къоялда районалде т1ад руссарал 33 г1олохъанчиясда гьоркьоб гьел г1олохъаби руго маг1арул ях1-намус ц1унарал, жидеде ккараб къо борхулел бах1арчиял васал.
Нилъеда лъиданиги к1оченаро г1олохъабаз гьениб бихьизабураб бах1арчилъи, къо х1ехьей. Гьезул бихьинчилъиги, къо х1ехьейги, Ват1аналъул т1адкъай т1убазе гьезул бук1араб анищги, рит1ухълъиги мисаллъун хут1ила нилъер халусеб г1елалъе. Жакъа районалда ругел рагъухъаби-интернационалистазда байрамалъулаб къоги баркулаго, бокьун буго гьезие гьаризе чорхое щулияб сахлъи, рак1алда ругел мурадал т1урай, рокъоб парахалъи, баракат.
Биччанте, кидаго бук1ине бакъ,
Биччанте кидаго роц1ц1ун хут1изе зоб,
Биччанте, кидаго ракьалда бук1ине рекъел.
«Хунзахъ район» муниципалияб районалъул админитсрация
Райсобрание
«Росдал зах1матчи» газеталъул коллектив.
|