Пятница, 19.04.2024, 12:10 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Февраль » 17 » МАХЩАЛИЛАЛ ЗАГЬИРЛЪАНА.
21:55
МАХЩАЛИЛАЛ ЗАГЬИРЛЪАНА.

11 февралалда Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалда т1обит1ана районалъул лъай кьеялъул отделалъул жигарчилъиялдалъун районалъул школазул 11 классазул ц1алдохъабазда гьоркьоб авар мац1алда куч1дул рик1к1иналъул конкурс. Гьелъул мурадлъун бук1ана ц1алдохъабазул авар мац1алде рокьи бижизаби, гьелъул берцинлъи, гъварилъи ва бечелъи гьезда бич1ч1изаби, гьединго ц1алдохъабазда гьоркьор куч1дул рик1к1унел, махщел камилал загьир гьариги.

Конкурсалда г1ахьаллъи гьабуна Хунзахъ, Харахьи, Гьоц1алъ, Т1агьада, Г1ахьалч1и, Бакьагьеч1и, Гьамущи, Г1обода, Моч1охъ гьоркьохъел школазул ц1алдохъабаз.

Абизе ккола киналго конкурсалда г1ахьаллъарал ц1алдохъабазул церерахъин бук1анин цоялдаса цояб лъик1аб. Маг1наялъул рахъалъ гуребги, рак1-рак1алъ, бит1ахъе, кодо-кодобе кьун рик1к1унел рук1иналъ, куч1дул рук1ана рек1ее к1удияб асар гьабулел.

Жюриялъ х1асил гьабун хадуб т1оцебесеб бак1алде рач1ана Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Х1амзатов Мух1амад ва Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Цахаева Г1аишат.

К1иабилеб бак1 босана Харахьи гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Мух1амадова Альбинаца, Т1агьада гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Мух1амадов Ах1мадханица ва Моч1охъ гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Сайпулаева Каринаца.

Лъабабилеб бак1алде рач1ана Г1ахьалч1и росдал гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Мух1амадова Саният, Гьамущи гьоркьохъеб школалдаса Дибирова Мильфизат ва Г1обода гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Г1абидова Хадижат.

Т1оцебесеб бак1 ккурал ц1алдохъаби кват1ич1ого ине руго республикаялъулаб конкурсалда г1ахьаллъизе, гьезулги жидерго куч1дул ц1ализе бугеб махщелалъги, артистазулаб г1адаб гьунаралъги рак1ал асир гьаризе.

Баркала буго киналго конкурсалда г1ахьаллъаразе, ц1алдохъаби гьениб г1ахьаллъизе х1адур гьаруразе.

Гьединал конкурсал т1орит1иялъ рес кьезе буго нилъер Ц1адаса Х1амзатил, Расул Х1амзатовасул, Фазу Г1алиевалъул, Г1абасил Мах1амадил, Тажудин (Ч1анк1ал) мац1 ц1алдохъабазда жеги лъик1 бич1ч1изе, лъазе ва ахираб заманалда авар мац1алдехун лъугьун бач1унеб бугеб мекъаб балагьи дагь-дагь ккун г1одобцун ине.

Мурад буго нилъер ц1алдохъаби республикаялъулаб конкурсалдаги бергьенлъигун т1ад руссин.

Просмотров: 530 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz