Автор.Г1алих1осен Юнусов, пенсионер, Мах1ачхъала.2019 сон.
Нижер имг1ал (эбелалъул вац)-Г1алих1осен гьавуна 1920 соналъ Хунзахъ районалъул Гиничукь росулъ векьарухъанасул хъизамалда. Гьит1инго эбел-эменги хун Г1алих1осен хьихьун вук1ана к1удияй эбелалъ. Доб х1алуцараб, бихха-хочараб, рагъ-кьал г1емераб заманаялъ гьабураб, г1елалъулго г1адин эсулги бук1ун буго квачакъаб, хинк1-чед къанаг1атаб, зах1матаб г1умру. Умумузул аби батана «Аллагьас рикъзи бихьизе гьабич1ого щивго вижуларин абун» эдинго Г1алих1осенги эсул г1елцоялги Аллагьасул х1алк1оялъги х1укуматалъул квербакъиялъги хьихьана, к1удиял г1уна, ц1алдезе гьаруна. Г1арани-Хъаладухъ гьоркьохъеб школалдаги ц1алун Г1алих1осен уна Буйнакскиялде ва гьениб Буйнакское педагогическое училищеги лъуг1изе гьабун учительлъун х1алт1изе вит1ула, сухъмахъал гурони бат1иял нухал жанибе гьеч1еб Къудукь росулъе. Г1емер заман гьоркьоб иналдего Буйнакский райвоенкоматалъул ах1иялда рекъон 1940 соналъул октябрь моц1алда Г1алих1осен уна армиялде. Росуцоязул, гьалмагъзабазул биценалда рекъон Г1алих1осен вук1уна лага-черх лъадарарав, чорхолъ вит1арав, тирияв, щибго х1инкъи-къай гьеч1ев г1олохъанчи.