7 февралалда районалъул бет1ерасул кабинеталда т1обит1ана терроризмалда данде къеркьеялъул комиссиялъул (АТК) иргадулаб данделъи. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна республикаялъул Бет1ерасул кумекчи, Дагъистаналъул АТКялъул Муг1рузулаб территориалияб округалда вугев вакил Сайпудин Сайповас, районалъул нухмалъиялъ, полициялъул начальник Мух1амадх1ажи Сайбулаевас, прокурор Рамазан Г1умаровас, Муфтияталъул районалда бугеб просвещениялъул отделалъул нухмалъулев Г1алиасх1аб Мух1амадовас ва цогидазги.
Данделъиялда гьоркьор лъун рук1ана районалъул АТКялъ араб соналъ гьабураб ва исана гьабизе бугеб х1алт1ул планалда, терроризмалъулгун экстремизмалъул идеологиялде гъоркье ккарал ва ккезе х1инкъи бугеб къукъаялъулгун гьабулеб х1алт1и ц1ик1к1инабиялда ва гьеб рахъалда хурхун росабазул советаз ва цогидалги г1уц1абазгун учрежденияз гьабураб х1алт1ул х1исаб кьеялда хурхарал ва цогидалги суалал.
Районалъул АТКялъ араб соналъ гьабураб х1алт1ул ва жакъа къоялде районалда бугеб ах1вал-х1алалъул бицана комиссиялъул секретарь, х1инкъи гьеч1олъиялъул рахъалъ районалъул бет1ерасул заместитель Х1амид Гьит1иновас. Гьесул раг1абазда рекъон районалда буго г1одобе биччараб жамг1иябгун политикияб ах1вал-х1ал ва 2018 соналъ бицинег1ан хиса-басиял ккун гьеч1о. Аслияб х1инкъи бугила районалдаса къват1исел улкабазда ругел г1адамал т1адруссун рач1ине рес бук1иналъул киналниги районалдаса розыскалде кьун вуго 12 чи, гьездасан ич1гояв халкъазда гьоркьосев розыскалда. Амма районалда руго вагьабиязул рахъ кколел г1адамал. Хасго х1инкъи ц1ик1к1аразда гьоркьор рехсана Гьоц1алъ ва Г1орот1а росаби. Рес бугила гьел рехсарал чаг1аз районалда бугеб погранотрядалъе зарал гьабизеги. Районалда гьеч1о жамг1иял, диниял ва цогидалги г1уц1иял, жидеца экстремизмалъе квербакъизе бегьулел.
2018 соналъ районалъул АТКялъ т1обит1ун буго 4 данделъи, гьениб халгьабун буго терроризмалъул идеологиялде данде къеркьеялда хурхараб 18 суал. Гьеб бут1аялда гьабулеб х1алт1уе къимат кьезе г1уц1ун буго хасаб х1алт1улаб къукъаги. Гьеб къукъаялъ г1уц1ун буго мекъаб идеологиялде данде гъоркье ккезе х1инкъи бугел чаг1азулгун х1алт1и гьабуралъул ва цогидалги профилактикиял тадбирал т1орит1иялъул план-графикги. Гьединал, жидергун хас гьабун профилактикияб х1алт1и гьабизе кколев 39 чи вуго районалда. Х1исаб кьолеб бугеб заманалда т1адехун рехсараб х1алт1улаб къукъаялъ гьел чаг1игун ва гьезул хъизамазулгун гьабун буго 95 гара-ч1вари. Лъай кьеялъул г1уц1абазда т1обит1ун буго 146 тадбир. Диниял ва миллиял г1адатал ц1унизе ва гьел г1ун бач1унеб г1елалъухъе кьеялъул мурадалда районалда т1орит1ула бат1и-бат1иял маданияталъулал тадбирал. Г1уц1ула халкъияб творчествалъул коллективазул церерахъинал, цебелъеял, гургинал столал ва цогидалги тадбирал. Терроризмалдегун экстремизмалде данде къеркьеялъул мурадалда ихтиярал ц1унулел, лъайкьеялъул г1уц1абазул вакилзаби, спортсменал ва диниял х1аракатчаг1иги г1ахьал гьарун т1орит1ула г1олилазулгун дандч1ваял. 2018 соналъ СМИяздаса бахъун буго 400 материал, гьездасан бак1алъулаб телевидениялдасан-187, райгазеталда-32 макъала, интернеталда-87 материал, районалъул сайталда лъун буго 36 материал. Бихьизабуна бак1алъулаб телевидениялъ бахъараб фильм, гьединго рихьизаруна республикаялъул информациялъулгун печаталъул министерствоялъ рихьизарурал 21 роликги. Интернеталда т1атинабун буго экстремизмалде ах1улел 35 аккаунт. Гьезул х1акъалъулъ лъазабун буго ФСБялъул бак1алъулаб управлениялде.
Районалда буго 53 мажгит ва 2 мадраса. Киналго мажгитазул имамзаби Муфтияталъ тарал. Цониги гьеч1о салафизмалдехун гьет1араб мажгитги. Г1олохъаби мекъаб нухде иналдаса ц1униялда хурхун к1удияб х1алт1и гьабулеб буго районалъул г1алимзабазул советалъ ва жамг1иял г1уц1абаз.
Районалда унеб бугеб «Оружие-выкуп» абураб оперативиябгун профилактикияб операциялъул гъоркьисала ккарал х1асилазул бицана полициялъул начальник Мух1амадх1ажи Сайбулаевас. Гьеб операциялда рекъон бокьарав чиясул рес буго г1арцухъ жиндирго ярагъ полициялде кьезе. Амма, цо-цоял х1инкъулел руго т1ад уголовнияб дело гьабилин абун, гьединлъидал гьеб х1алт1уе квал-квалги камулеб гьеч1о. 2018 соналда законалда данде кколаредухъ ярагъ бича-хисиялъул 11 такъсиралъул хъвай-хъваг1ай гьабун буго районалда. Гьел киналго такъсирал рагьунги руго. Гьединго к1алъаял гьаруна прокурор Рамазан Г1умаровас, районалъул просвещениялъул отделалъул вакил Г1алиасх1аб Мух1амадовас ва цогидазги. Ахиралда Сайпудин Сайповас лъик1аб къимат кьуна районалъул АТКялъул х1алт1уе ва киналго ах1ана хадубккунги гьебго даражаялда х1алт1изе.
И. Мух1амадов
|