Кинавго чи разилъуледухъ асар хъван лъихъаниги бажарунаро.Испаниялъул машгьурав хъвадарухъан Са-аведра Мигель Сервантесица абурал гьал рагIаби росана дица жакъасеб редакторалъул колонкаялъул бетIерлъун. Росана лъикI ургъун, газета цIалулезда, хасго газеталда рахъулел материалаздаса жидерго разилъи гьечIолъи загьир гьабун редакциялде хъвадарулел «критиканазда» бичIчIизелъун.