Автор.И.Мух1амадов.Декабрь 2016с.
26-27 ноябралда районалда т1орит1ана лъималазулгун г1олилазул спортивияб школалъул группабазда гьоркьоб волейболалъул рахъалъ къецал. Гьел г1уц1ун рук1ана районалъул волейболалъул федерациялъул ва ДЮСШялъул х1аракаталдалъун. Къецазда г1ахьаллъи гьабуна 2002 соналъ гьарурал ва жеги гьит1инал г1олилал ясалгун васаз.
Автор.У.Къурамух1амадова.Декабрь 2016с.
Сахаватаб хасият
Хвел гьеч1еблъун бугелъул
Квербакъи ц1ик1к1ун гьабе
Ц1обал г1ат1идал щвезе
Гьал коч1ол мухъал ц1аларалго бич1ч1ун батила нужеда х1урматиял газета ц1алулел жакъа дие дирго макъалаялда сахаватав, рак1бац1ц1адав, г1адамазеги вокьулев, г1адамалги рокьулев инсанасул х1акъалъулъ хъвазе бокьун бук1ин.
Араб анкьалъго нилъеца кIодо гьаруна нилъ гьарурал, кодоре рачарал, керен кьун гIезарурал,кида хIажалъаниги хьолбохъ ратулел нилъер хириял, къадруял, къиматал улбул.
Автор.Н.Г1алиева.Декабрь 2016с.
Гьал къоязда киса-кибго улкаялдаго г1адин, нилъер районалдаги к1одо гьабуна нилъер гьайбатал руччабазул байрам-улбузул къо. Кидагоялдаса г1адатияб, г1одоре риччараб, улбузе рак1 рагьун цоцазда ургъел бикьизе, къварилъи-г1ат1илъи цоцазе бицине рес щвараблъун бук1ана гьеб къо хъизаназе, лъималазе ва ригь арал г1адамазе цадахъаб кумек гьабиялъул централда.
Щугог1ан сон балеб буго нилъер районалда «Хундерил г1олилазул союз» абураб регионалияб гурх1ел-рах1муялъул г1уц1и рагьаралдаса. Гьеб заманалда жаниб гьелъул х1аракаталдалъун чанги лъик1ал ишал гьаруна районалда. Жидерго г1уц1иялъулги гьабулеб х1алт1улги бицине нижехъе редакциялде вач1ун вук1ана гьеб г1уц1иялъул председатель Х1асан Мух1амадов.