Пятница, 19.04.2024, 20:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Декабрь » 3 » Т1АДЕ БОСАРАБ Х1АЛТ1И ЦЕБЕ БАЧИНЕ ЛЪАЛЕВ!!!
15:53
Т1АДЕ БОСАРАБ Х1АЛТ1И ЦЕБЕ БАЧИНЕ ЛЪАЛЕВ!!!

Сахаватаб хасият

Хвел гьеч1еблъун бугелъул

Квербакъи ц1ик1к1ун гьабе

Ц1обал г1ат1идал щвезе

Гьал коч1ол мухъал ц1аларалго бич1ч1ун батила нужеда х1урматиял газета ц1алулел жакъа дие дирго макъалаялда сахаватав, рак1бац1ц1адав, г1адамазеги вокьулев, г1адамалги рокьулев инсанасул х1акъалъулъ хъвазе бокьун бук1ин.

Г1емер заман гьеч1о Х1ариколо росулъа Х1айбулаев Саг1адулагь, жамаг1аталъ божилъиги гьабун росдал бегавуласул хъулухъалде вищаралдаса. Гьеб къокъаб заманалда жаниб Саг1адулагьихъа бажарана цойгидал росабазул бегавулзабазул анищлъун ругел х1алт1аби раг1алде рахъинаризе. Аби буго г1умруялъе х1адур гьавурав чи вугони, машгьурлъи гьесухъе бокьараб мехалъ бач1унилан абураб, цоясухъе гьеб бач1уна г1олохъанго, цогидасухъе г1умруялъул завалалда, лъабабилесухъе гьеб бач1уна г1умруялъул сонал нахъехун тирараб мехалъ. Х1айбулаев Саг1адулагьихъе гьеб бач1ана г1олохъанго. Г1агараб росдал гьоркьохъеб школа лъуг1ун хадуб гьев ц1ализе лъугьана Мах1ачхъала шагьаралда бугеб промышленно-экономический колледжалде. Гьеб лъуг1ун хадуб г1агараб росулъе т1ад вуссиндал, Саг1адулагьица жиндирго х1алт1ул х1аракатчилъи буссинабула предпринимательлъиялде ай бизнесалде. 2010 соналъ Саг1адулагь росдал зах1матчаг1аз вищула депутатлъун, гьебго соналъ гьев т1амула росдал бегавуласул кумекчилъунги. 2014 соналдаса жакъа къоялде щвезег1ан гьес нухмалъи гьабулеб буго Х1ариколо росдал жамаг1аталъе. Нилъер умумузул г1адатазулги, тарихалъулги, машгьурал г1адамазул г1умруялъулги кьуч1алда г1ун бач1унеб г1елалъе тарбия кьеялъе г1емераб х1алт1и гьабун буго Саг1адулагьица живго г1ураб г1агараб росулъ. Районалда бищун цебе бан буго «гьалбадерил» рукъ, гьединго г1олеб г1елалъе ц1ализе, х1ухьбахъиялъе ч1езарун руго шарт1ал. Щибаб росдал бук1уна жидерго г1амал-хасият, г1адамал, мац1алъул хаслъи, тарих. Цо-цо бак1азда росдал администрациялде гъорлъе уна чанго росу. Г1езег1ан жавабчилъи ц1ик1к1араб х1алт1и ккола росдае, хасго чангоялъе нухмалъи гьаби. Х1ариколо росдал администрациялде гъорлъе уна К1ахъ ва Х1арисезул Баг1араб росу гъутан. Кинан бугониги г1олохъанчиясда ч1ван-къот1ун лъалел руго жинцаго нухмалъи гьабизе кколел росабазул г1адамазул г1умру-яшав лъик1лъиялъе гьаризе кколел х1алт1аби, щибаб росдал ругел г1узраби. Бицен буго Х1ариколо росу 400 соналъ цебе Хунзахъ росулъа Х1арик абулев чияс кулиги бан, гьес г1умру гьабун бук1араб бак1алда г1ун бач1анилан. Лъаларо щай Х1арикица г1умру гьабизе, боц1и хьихьизе г1ат1илъи гуреб ялъуни ах-хур бач1унеб хьиндаллъи гуреб, къадиялдаса нахъе бакъул ч1ор реч1улареб мег1ералъул хьонлъи-хьибил т1аса бищарабали. Амма росу буго санаг1алъи гьеч1еб, г1умру-яшавалъе зах1матаб бак1алда. Кинан бугониги росдал жамаг1ат рази буго гьединал зах1матал шарт1азда жидее алжан г1уц1арав Саг1адулагьидаса. Бич1ч1ула цох1о бегавулас гьабураб х1алт1уца росдал г1узрабиги, х1алт1абиги лъуг1улареллъи. Саг1адулагьие к1удияб кумек-квербакъи щун буго росдал жамаг1атчаг1аздасан, сахаватал росуцояздасан, цадахъ х1алт1улел коллегабаздасан, школалъул, ФАПалъул, культураялъул, ясли-ахалъул х1алт1ухъабаздасан. Гьезул кумек бук1инч1ебани жиндихъа щибго х1алт1и гьабун бажарулароанилан рик1к1унеб буго гьес. Х1ариколо росулъе жанире щваразда бихьун батила ва лъалеб батила росдал жамаг1ат разияб къаг1идаялъ х1алт1и цебе бачине, г1адамазе рук1а-рахъиналъе шарт1ал ч1езариялъе росулъ г1адлу-низам ц1унизе, нухал, кьоял, иццал къач1аялъе Саг1адулагьица кинал ресал ратун ругелали. Цох1о жиндидего т1аде кколел х1алт1аби гьарун къокълъуларо гьесул ишал. Росуцоязда гьев вихьула мажгиталда цевехъанлъи гьабулевги, къварилъи-г1ат1илъи ккаралъувги бищун цебесеб кьердаги гьудул-гьалмагъзабазда хьолбохъги.

Живго бет1ергьанас кьун буго Саг1адулагьие зах1матаб ва къадруяб росдал бегавуласул иш цебе бачине гьунар. Гьев къойил х1алт1ула жиндаго т1ад, ургъула ва гьарула росу берцин гьариялъе х1алт1аби, т1орит1ула субботникал, гьединабго жавабчилъи т1алаб гьабула х1алт1ухъабаздасаги.

Гьай-гьай бажари, махщел бук1инч1ебани х1арисеца Саг1адулагьида гьединаб жавабияб хъулухъ т1адкъалароан. Саг1адулагьица жинде росдаца гьабураб божилъи цониги нухалъ хвезабич1о, гьелъул г1аксалда, бихьизабуна гьеб ишалдехун бугеб рокьи, г1уц1арухъанлъи. Гьев вуго к1вах1-свак лъаларев, лъик1ав инсан, рак1 разияв, киназулгогун г1амал рекъезабулев, г1адамазул т1алабазе кумек гьабун бажарулев унго-унгояв маг1арулав.

Росдал бегавуласул ишал т1уралев вук1ун эркенаб заман дагь гурониги гьеч1ониги, гьесда заман батулеб буго хъизан-лъималазе тарбия-лъай кьезе, гьезул г1умрудулъ лъик1ав эменлъунги, насих1атчилъунги вук1ине. Саг1адулагьица ва гьесул г1умрудул гьудул Мадинатицаги тарбия-лъай кьун г1езарулел руго лъабго лъимер-к1иго вас ва цо яс. Гьелги рит1ухъал, х1илла-рек1к1 гьеч1еллъун, г1адатлъиги, г1аданлъиги г1адамазул мурад т1убазе аслияб масъала бук1инги бич1ч1ун г1езарулел руго.

Гьалеха хириял газета ц1алулел ц1ализе бегьула нужеца нилъер цойги лъик1ав инсан, бажари бугев нухмалъулев, намусги ях1ги, иманги рек1елъ бугев г1адатияв маг1арулав Х1айбулаев Саг1адулагьил х1акъалъулъ хъвараб гьаб дир макъала. Бокьун буго Саг1адулагьие сабураб г1амалалъул, г1одобе биччараб г1умруги, т1аде босараб х1алт1и цебе бачине икъбалги гьаризе. Биччанте Саг1адулагьил т1оцересел галаби рук1ине, гьев вахине вугев борхалъабазул т1оцебесеб болъолъун.

У. Къурамух1амадова.  

Просмотров: 445 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz