Пятница, 29.03.2024, 12:00 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Декабрь » 3 » АЛЛАГЬГИ Г1АДАМАЛГИ РАЗИЯБ ИШАЛДА.
15:30
АЛЛАГЬГИ Г1АДАМАЛГИ РАЗИЯБ ИШАЛДА.

Щугог1ан сон балеб буго нилъер районалда «Хундерил г1олилазул союз» абураб регионалияб гурх1ел-рах1муялъул г1уц1и рагьаралдаса. Гьеб заманалда жаниб гьелъул х1аракаталдалъун чанги лъик1ал ишал гьаруна районалда. Жидерго г1уц1иялъулги гьабулеб х1алт1улги бицине нижехъе редакциялде вач1ун вук1ана гьеб г1уц1иялъул председатель Х1асан Мух1амадов. Гьале нижеда гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.

-Х1асан, т1оцебе лъил пикру ккараб нужер г1уц1и рагьизе?

-«Машук-2011» г1олилазул форумалда рук1аго, нилъер районалъул активистазул пикру ккана «Хундерил г1олилазул союз» абураб г1олилазул багъа-бачари г1уц1изе. Амма дагьаб цебег1ан гурони, циндаго районалдаги район тун къват1ибги гьеб машгьурлъич1о. Гьелъул х1алт1и къокълъулаан г1иц1го стундентазда гьоркьор ругел волонтераз гьарулел г1иси-бикъинал х1алт1абаздалъун. 2013 соналда багъа-бачари лъугьана цебет1еялъул ц1ияб даражаялде ва гьеб лъугьана жамг1ияб г1уц1илъун, председательлъун тана Г1умаров Камил. Союзалда гъорлъе лъугьарал районалъул г1олилазул активгун дандги бан, хадубккун гьабизе рак1алда бугеб х1алт1улги цебет1еялъулги план г1уц1ана. Нижер союзалде гъорлъе лъугьине бегьула районалъул г1олилазул киналго гъатазде гъорлъе унел васалгун ясал, ай гьенир г1ахьаллъи гьабизе бегьула х1укуматалъул хъулухъазда ругез, спортсменаз, студентаз, предпринимателаз ва цогидазги.

-Кинал ругел нужедаго цере лъурал аслиял масъалаби?

-Нижер аслияб масъалалъун ккола районалъул г1олилал раг1улгун пикрияб эркенлъиялъул ва цоцада ращалъиялъул кьуч1алда районалъул киналго гъатазул г1адамазда гьоркьоб х1алт1и гьабиялъулъ ва гьезие бажарараб кумек гьабиялъулъ цолъизари.

Гьединго нижеца к1вар кьолел рахъал ккола районалда лъай кьей, туризм, маданият, физкультура ва спорт цебет1езаби. Районалъул тарих ва маданият ц1уни, гьезда рекъон г1ун бач1унеб г1ел куцай ва гьезул ихтиярал ц1уни. Г1олилазда гьоркьоса махщел-гьунар бугел т1аса рищи ва хадубккун гьезда кверч1вай. Гьединго ниж ккола г1олилазул политика г1умруялде бахъинабиялъулъ г1ахьаллъи гьабулеб г1уц1илъунги.

-Кинаб х1алт1иха нужеца гьабулеб ва кинан гьеб г1уц1ун бугеб?

-Председателасул т1алабчилъиялда рук1уна Мах1ачхъалаялда ц1алулел ругел нилъер районалдаса студентазда гьоркьоб гьабулеб х1алт1уда ва г1уц1арухъанлъиялда хурхарал ишал. Председателасул заместитель Мух1амадов Т1агьирица жаваб кьола районалъул росабалъ гьабулеб х1алт1ул. Нижер г1уц1иялда гъорлъ руго районалъул бат1и-бат1иял росабалъа 30-г1ан г1олилал. Гьезул х1аракаталдалъун зама-заманалдасан нижеца т1орит1ула бат1и-бат1иял гурх1ел-рах1муялъулал акциял. Районалъул ресукъал хъизамазе, т1алаб-агъаз гьабизе чи гьеч1ел харабазе, унтарал ва бесдал лъималазе, сакъатлъи ккарал яги г1умрудул зах1матаб х1алалде ккарал г1адамазухъе рокъо-рокъобе щвезабун бикьула рет1ел-кун, кванил ниг1матал ва цогидабги г1умру гьабиялъе чара гьеч1ого х1ажатаб къайи-ц1а. Г1арцулал сурсатал рак1арунги гьабула кумек. Гьедин, дагьаб цебег1ан нижеца г1арацги бак1арун Г1орут1а йигей унтарай г1аданалъе босана инвалидазул коляска.  Гьедин, дагьаб цебег1ан нижеца г1арацги бак1арун Г1орут1а йигей унтарай г1аданалъе босана инвалидазул коляска. Гьединго щола К1удияб Ват1анияб рагъул ва зах1маталъул ветераназухъе ва т1олабго г1умру лъай кьеялъул бут1аялда х1алт1улаго арал, гьанже х1алхьиялда ругел учительзабазухъеги. Зама-заманалдасан т1орит1ула субботникалги. Г1емерисел гьел х1алт1аби нижеца гьарула цогидал гурх1ел-рах1муялъулал фондазда цадахъ.

-Х1акъаб жо буго гьединал тадбирал т1орит1изе ккани сурсатал къвариг1унеблъи, ругищ нужее кумек гьабулел чаг1и?

-Руго. Аслияб къаг1идаялъ нижее сурсатал рач1унеб бак1 ккола «Чистое сердце» гурх1ел-рах1муялъулаб фонд. Дагьаб цебег1анги гьез бач1ун бук1ана 20 къулаг1и гьанал. Гьединго руго нижее бажарараб кумек гьабулел г1адамалги гьездасан ккола районалъул бет1ерасул заместитель Шамил Г1аммаев, Хунзахъа Х1асанов Х1асан, Х1усенов Г1али, Гьоц1алъа Шамилова Пат1имат ва Г1арани бугеб «Зеленое яблоко» тукадул х1алт1ухъаби. Бокьун буго гьел киназего газета гьоркьоб ккун рак1-рак1алъулаб баркала кьезе, гьаризе чорхое сахлъи ва г1умрудул талих1, хъизан-рукъалдаса рохун хут1аги нуж кидаго. Нижее бокьилаан жеги бат1и-бат1иял тадбирал г1уц1изеги. Амма г1арцулал сурсатазул мукъсанлъиялда бан, гьеб раг1алде бахъинабизе кинго рес кколеб гьеч1о.

-Х1асан, баркала дуе гара-ч1вари гьабуралъухъ, хадубккунги гьединаб х1алт1и гьабизе нужее Аллагьас къуватги ресги кьеги.

Гара-ч1вари гьабуна И. Мух1амадовас.

Просмотров: 388 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz