Гьал къоязда киса-кибго улкаялдаго г1адин, нилъер районалдаги к1одо гьабуна нилъер гьайбатал руччабазул байрам-улбузул къо. Кидагоялдаса г1адатияб, г1одоре риччараб, улбузе рак1 рагьун цоцазда ургъел бикьизе, къварилъи-г1ат1илъи цоцазе бицине рес щвараблъун бук1ана гьеб къо хъизаназе, лъималазе ва ригь арал г1адамазе цадахъаб кумек гьабиялъул централда.
Улбузул къоги баркун т1аде ах1арал гьалбадерида цее яхъарай централъул х1алт1ухъан Набиева Байзатица бицана, цебе г1адин к1удияб роцада улбулги ах1ун байрам т1обит1изе жидер рес рекъеч1ониги, дагьалго рук1аниги, лъимал г1емерал, бет1ергьанчиги гьеч1ого лъимал хьихьулел, лъимал-инвалидал ругел хъизаназдаса улбулги ах1ун, дагьабниги гьезул рак1 батизабизе, гьезде дагьабниги к1вар кьезелъун т1обит1улеб данделъи кколин жидер гьабилан.
Руччабазда улбузул къо баркизе вач1ун вук1ана райадминистрациялъул нухмалъулесул заместитель Асадг1али Г1абдуразакъов, районалъул руччабазул комитеталъул председатель Пат1имат Набиева, комплекснияб централъул нухмалъулесул заместитель Г1абдулмалик Г1абдулмаликов. Г1емерал г1адамалги гьеч1ого, жидерго х1алт1ухъабазул жигарчилъиялдалъун бечед гьарурал столазда нахъа г1одор ч1арал руччабазе рес щвана жидедаго рич1ч1уларел суалазе жавабал щвезе. Г1емерал суалал рук1ана гьезул минаялъе зеленка гьабиялда, мина базе кьураб ракьалда сверун, социалиял харжазда, электрикияб токалда, газалда руччабазе, лъимал г1емерал хъизаназе гьарулел бигьалъабазда хурхун кьолел. Гьел гурелги, лъимал г1езариялда, гьел хьихьиялда цадахъго, улбул ккола рукъалъул гъансито ц1унулей, гьениб ц1а бакулей, ц1адухъ хинлъи ч1езабулей, т1аг1амаб, лъик1аб кванил богогьанги. Руччабазул данделъиялда, гьез цоцазе рагьулел рук1ана квен-т1ех гьабиялда, хурхарал балъголъабиги.
К1алъазе рахъарал Гъонохъа Казбекова Батучица, Бакьагьеч1иса Расулова Салих1атица, Х1айбулаева Аминатица, Хунзахъа Мух1амадова Сакинатица, Г1алиева Мисайица, Г1араниса Мух1умаева Пат1иматица, Г1амирова Пат1иматица, Байикьа Г1абдулгъапурова Заираца рак1-рак1алъулаб баркала кьуна жидее берцинаб стол г1уц1арал, цоцада рихьизе, г1акълу дандбазе рес кьурал централъул х1алт1ухъабазе, хасго гьеб кинабго х1алт1и жидедаго т1аде босарал Набиева Байзатие, Макъсудова Мадинае, Х1ажиева Раисатие. Гьелдаго цадахъ гьел ц1акъ пашманлъун ругоан, жидее бокьараб мехалда малъа-хъваял, консультациял, бажарараб кумек гьабулел рук1арал централъул х1алт1ухъабазул хъулухъ къойидаса къойиде къокъ гьабулеб бук1иналдаса. Цебе 5 отдел бук1араб батани, гьанже гьеб цойиде ккезабулеб буго.
Улбул цоцаздаса рат1алъана киназего сахлъи, рохелги, заманалъулал зах1малъаби къезаризе къуватги, тавфикъги цоцазе кьегиян гьара-рахьиялги гьарулаго, нахъеги дандч1вазе хьулалгун, анищазда.
Н. Г1алиева.
|