Пятница, 29.03.2024, 11:13 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Декабрь » 3 » ДИР Г1АГАРАЙ ЭБЕЛ , Х1АСРАТАЙ ЭБЕЛ.
15:49
ДИР Г1АГАРАЙ ЭБЕЛ , Х1АСРАТАЙ ЭБЕЛ.

Улбузул х1урматалда

Хирияй, х1алимай, х1асратай эбел

Йокьула, йокьула, йокьула мун дий.

Гьарула дица дуй щулияб сахлъи

Лъимал-рукъалдаса йохун таги мун.

Гьал къоязда киса-кибего улкаялдаго г1адин Ц1ада росдал школалдаги к1одо гьабуна библиотекаялъул х1алт1ухъабигун цадахъ эбелалъул къо.

Эбел, гьеб раг1ул хинлъиги, хиралъиги, х1айранлъиги, х1еренлъиги, недегьлъиги лъаларев чи вижулев ватиларо ракьалда. Лъималазул рохел-эбелалъул рохел, лъималазул пашманлъи-эбелалъул рах1атхвей. Эбел ккола рукъалъул гъанситухъ ц1а ц1унулейги, лъик1аб тарбия кьун нилъер обществоялъул бук1инесеб г1ел-лъимал г1езарулейги, гьел г1адамалъе рахъинарулейги г1адан.

Т1аде ах1арал гьалбадерида, гьел гьоркьор ккун киналго руччабазда баркиялъулаб к1алъайги гьабун, гьеб вечер рагьана Ц1ада библиотекаялъул заведующая Г1алибегова Анисатица. Ц1ада аслияб школалъул ц1алдохъабаз рик1к1ана эбелалъул хиралъиялде гьарурал куч1дул.

Руччабазда гьайбатаб байрам баркизе дандеруссиналде рач1ун рук1ана Ц1ада росдал администрациялъул бет1ер Мух1амадов Мух1амад, гьебго росдал школалъул директор Г1алибегов Сайгидх1осен, лъебералда анлъго соналъ байбихьул школалъе нухмалъи гьабурав Мусаев Мух1амад ва гь. ц. Гьез нилъ гьарурал, к1удиял г1езарурал, бит1араб г1умруялъул нухде нилъ рачарал улбузда, яцазда баркана эбелалъул къо.

Руччаби к1удияб адабалъеги, реццалъеги мустах1икъал ругилан лъазабуна гьез. Жакъа нилъер маг1ишаталъул кинаб бут1аялда босаниги руччаби камураб бак1 гьеч1о. К1удияб Ват1анияб рагъул заманалда босаниги, гьелдаса хадусел соназ босаниги, руччабаз кибго бихьизабуна цебехъанги, къо х1ехьей, сабру, ях1-намус. Кибго ва сундулъго гьел рук1ана мисалияллъун.

Залалда к1удияб ч1аголъи бач1инабун бук1ана щибаб цере рахъиналдаса хадуб куч1дул ах1ун культураялъул х1аракатчи Х1ажимурад Дибировасги. Ниг1матаз бечед гьабураб столалда нахъа г1уц1араб рохалилаб байрам ана киналго разияб ах1вал-х1алалда.

Улбуз рак1-рак1алъулаб баркала кьуна жидее гьадинаб гьайбатаб, берцинаб байрам г1уц1арал библиотекаялъул ва школалъул х1алт1ухъабазе.

У. Къурамух1амадова. 

 

 

 

Ц1уне улбул

Ч1ужуг1аданалъул, эбелалъул адаб-х1урмат гьабиялъул гъваридал кьалбал руго ва къадруяб г1адатлъун буго щибаб соналъ ноябрь моц1алъул ахирисеб гьат1ан къоялъ эбелалъул къо к1одо гьабулеб. Гьал къоязда рохалил ах1вал-х1алалда Х1ариколо культураялъул ва библиотекаялъул х1алт1ухъабаз росулъа улбулги къадруял руччабиги данде гьарун эбелалъул къоялъул х1урматалда т1обит1ана «Ц1уне улбул» абураб вечер.

Гьеб вечер рагьана ва нухда бачана СДК-ялъул директор Г1абдурах1манова Хадижатица. Гьелъ баркиялъул к1алъай гьабизе раг1и кьуна росдал бегавул Х1айбулаев Саг1адулагьие. «Нилъер улбузул лъик1ал ишаз ва берцинаб г1амал-т1абиг1аталъ квербакъулеб буго г1олеб г1елалъулъ лъик1ал хасиятал куцаялъе, жамг1ияталда рекъел ва раг1и дандеккей бук1инабиялъе. Гъанситоялъул хинлъи ц1унулей х1исабалда ч1ужуг1адан-эбел кидаго йик1ана ва йиго кинабго лъик1абщинабги гвангъараб щинабги жиндилъ бессарайлъун.

Къабул гьабе, хириял руччаби, улбул дир рак1-рак1алъулаб барки. Гьарула нужее щулияб сахлъи, икъбал-талих1 ва т1ураги нужер щиялъул рек1ел мурадал»,-ян абуна С. Х1айбулаевас. Хадубги дандеруссиналда рехсана г1урусазул хъвадарухъан Максим Горькияс ч1ужуг1адан, эбел к1одо гьаюн хъварал раг1аби: «Бакъ гьеч1они т1угьдул т1егьаларо, ч1ужуг1адан гьеч1они рокьи бук1унаро, эбел гьеч1они я поэт, я бах1арчи вахъунаро, дунялалъул кинабго ч1ух1и улбуздасан буго».

Баркиялъулал к1алъаял гьаруна школалъул директор Хваджаева Пат1иматица, Батирханова Г1айишатица, зах1маталъул ветеран Г1алиева Басиратица ва цогидазги. Бук1ана вечералъул г1ахьалчаг1азе г1уц1араб умумузул кванил ц1ураб гьайбатаб столги, рик1к1ана улбузе сайгъат гьарурал куч1дулги, хасго Мух1асива Залмуца ах1арал куч1дуз киналго вечералда г1ахьаллъаразул рак1ал рохизаруна. Ахиралдаги, киналго т1аде ах1ун рач1аразул рахъалдасан жидее гьадинаб гьайбатаб вечер т1обит1изе рак1алде ккарал клубалъул х1алт1ухъаби Г1абдурах1манова Хадижатие, Мух1асинова Залмуе, библиотекаялъул х1алт1ухъаби Г1абдулаев Х1ажие, Бат1алова Хадижатие рак1-рак1алъул баркала загьир гьабун хинал раг1аби абулелъул, бихьулеб бук1ана вечералда г1ахьаллъарал киналго рази рук1ин жидее гьабураб ихтилат-кепалдаса. Хъизан, рукъалдаса рохун таги нуж, х1урматиял улбул!!!

У. Къурамух1амадова. 

 

 

Эбел, дир хирияй

Эбел, дир хирияй дуй къимат кьезе

Дида гьеб к1веларо, бажариларо,

Амма улбузул къо дудаги баркун

Хъвалел руго дица хадусел мухъал.

Бищун къиматаб жо-эбеллъун йик1ин,

Дуца къадруялда ц1унана хъизан.

Йиго мун эбеллъун, жеги гьудуллъун

Кьуна дуца нижей г1акълудул дарсал,

К1удияб хъизанги, рег1унгут1иги

Макьу щвеч1ел сардал чандай рогьана

Биччанте нижее гьабураб хъулухъ

К1удияб талих1лъун дуде рещт1ине.

Бищунго йокьулей, бищун хирияй

Мун нижер х1алимай, нижер х1еренай

Мун нижер сабурай, нижер г1акъилай

Баркала, хирияй, къох1ехьеялъухъ.

Малъана г1адамал рокьизе кколин,

К1удиязул адаб гьабизе кколин

Гьудуллъи щулияб бук1ине кколин,

Хилиплъи рек1елъе биччагейилан,

Гьеб дуца малъараб г1адахъги босун,

Гьале ниж к1удиял г1ун руго гьанже.

Мун разияй йик1ин, гьеб нижер мурад

Ва бищун к1удияб, роххелгун талих1.

Нижер лъималазе йокьулей «Бах1а»

Сахлъиялда таги гьаб г1умруялда.

Дур дуг1агун-гьари нижей х1ажатаб

Гьеб нахъаса камун ниж хут1угеги.

Т1ураги рак1алда ругел мурадал,

Бач1унгеги дут1е рак1 бакъвараб къо.

Ниж киналго лъимал х1адурал руго

Г1одой къулун дуе хъулухъ гьабизе.

Ракълилаб миккиян ккола рак1алде,

Къойилго гьардолей духъги балагьун.

Гьарула рекъелги, парахалъиги

Киназего г1ураб адаб х1урматги.

Мун г1адинал улбул нахъаса камун

Тогеги щивниги аб дунялалда.

Ургьиб рак1 к1ет1аги Эбел ц1унеян,

Гьеб бук1ина нилъер к1удияб кант1и.

Хадижат Г1абдурах1манова.

Просмотров: 3246 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz