Автор.П.Гунашева.Июнь 2016с.
Г1емер т1орит1улел руго районалда ракьазул г1орхъи-рахъ ч1езабиялъул, «зеленка» гьабиялъул суалал рорхарал данделъаби. 16 июналда райадминистрациялда Дагъистаналъул Экономикаялъул министерстоялъул, налоговияб хъулухъазул, Росреестралъул вакилзаби, районалъул нухмалъи, росабазул бегавулзаби, предпринимателал г1ахьаллъун т1обит1ана гьелго суалал гьоркьор лъураб совещание.
|
Автор.У.Къурамух1амадова.Июнь 2016с.
Инсанасул багьа учузлъунилан, г1аданлъи чилъиялъул къимат хванилан, кинабго г1арцуцаги, ришватазги борцунеб бугилан г1емерисез бицунеб гьаб заманалда, ратулел руго цо-цо г1адамал, нилъер ц1ар арал умумузул ях1-намус борхатго ккурал, жидеда т1адал хъулухъалъул, ишал рак1бац1адго ва махщалида т1уразарулел. Гьереси щай гьединал г1адамал дандч1вайдал ч1ух1изе бач1уна, рек1ее лъик1аб асар лъугьуна, бук1инеселде божилъи гьабизе бач1уна.Гьединазда гьоркьов рехсезе бегьула Мах1ачхъала шагьаралда г1умру гьабулев вугев, республикаялъул урологиялъул централда врач анестезиолог - реаниматологлъун х1алт1улев вугев Мусаев Х1ажидада Иманг1алиевич.
|
Автор.И.Мух1амадов.Июнь 2016с.
Азаргоялдаса ц1ик1к1араб сонил тарихалда жаниб нилъер улкаялда г1емер рук1ана пашманал лъугьа-бахъинал. Гьезда гьоркьоса бищун пашманаб къолъун ккола, нилъер халкъалда абадиялъ лъилъуларел ругънал лъураб К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьараб 1941 соналъул 22 июнь. Исана 75 сон т1убала гьеб вах1шилъиялъул рахъалъ ц1ар араб, жиндир къурбаналлъун 27 миллион нилъер ракьцояв вахъарав рагъ байбихьаралдаса. Исана 22 июналда т1олабго Россиялъул бат1и-бат1иял шагьаразда т1обит1ана К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьиялъул пашманал лах1затал рак1алде щвезариялъул тадбирал. Гьеб къоялъ радакь саг1ат ункъоялда, бит1ун фашистазулаб Германия нилъер Ват1аналде т1аде к1анц1араб г1ужалда данде ккезабун, байбихьана гьединаб тадбир нилъер районалдаги.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Июнь 2016с.
Дагъистаналъул журналистазул Союзалъул пред(сед)атель Г1али Камаловасухъе Хунзахъ районалъул «Росдал зах1матчи» газеталъул бет1ерай редактор Ф. Мух1амадовалъул рагьараб кагъат. 10 июналъ къват1ибе араб №23 «Х1акъикъат» газеталда бахъараб «Аслияб мурад-цолъи» макъалаялдасан пикраби
|
Автор.Х1амзат Г1изудинов Гумбет газеталъул редактор.Июнь 2016с.
«БухIараб бакъул къоялъ, хIеренго балеб цIадакь, царай чIужу ячунеб вечералда рукIана», - абун байбихьулеб буго «МагIаруллъиялъул бищун бегIераб гIакълу» абун жинда цIар лъурав ЦIадаса ХIамзатил цо сатира. Ахираб заманалда кутакалда гьерсалги рицунеб, халкъалдасаги жиб цIакъ рикIкIалъараб, ашбазчи ГIали Камаловас жинда тIад къанал чIвалеб бугеб магIарулазул опициалияб «ХIакъикъат» абураб басмаялъул исана биччараб 23 номералда, доб ЦIадаса ХIамзатица рехсараб «царай чIужу ячунеб вечералъул» бицине хвезабун буго кIигогIан гьумер.
|
|